Ат-Таввабу (гIараб мацIалда التواب). Жинца тавбу къабул гьабулев. Гьелъул магIна ккола, Жинца лагъзадерие жиндирго гIаламатал загьир гьариялдалъунги, гьел кантIизариялдалъунги, гьезие хIинкъаби кьеялдалъунги, мунагьазул зарал гьезда лъазеги гьабун, гьезул рекIелъе хIинкъиги лъугьине гьабун, киналго сабабалги рекъезарун гьел тавбуялде руссинарулев. Цинги гьеб тавбу жиндирго цIобалдалъун къабулги гьабулев. Жиндаго гъоркь ругел чагIаз, гьудулзабаз, лъалел чагIаз цониги квешлъи жиндие гьабураб мехалъ гьезул гIузраби къабул гьарулев чи ккола, гьаб Аллагьасул цIаралъул бутIа жиндие щварав чи. [1]

→ → хисизабизе

Примечания хисизабизе

  1. "Аллагьасул берцинал цIарал, МухIаммадгIариф РАМАЗАНОВ" (PDF). Архивация (PDF) оригиналалдаса (2011-02-26). Халагьи 2011-02-26.