Билабиалаб эйективияб стоп

Рагьукъаб гьаракь

Билабиалаб эйектив буго рагьукъаб гьаркьил тайпа, жиб цо-цо кӀалъалеб мацӀалда хӀалтӀизабулеб. Интернационалаб фонетикияб алфабеталда гьеб гьаракь бихьизабулеб симбол буго ⟨⟩.

Билабиалаб эйективияб стоп
ИФА номер101 + 401
Аудио
Кодификация
Рижа (decimal)p​ʼ
Юникод (hex)U+0070 U+02BC
X-SAMPAp_>
Брайл⠏ (braille pattern dots-1234)⠐ (braille pattern dots-5)⠄ (braille pattern dots-3)

Ружби хисизабизе

Билабиалаб эйективалъул ружби:

  • Элъул абул куц буго окклусивияб, эб бахъул хӀухьел чвахиялъе гьаркьил нухда обструкция (квалквал) лӀугьун. Рагьукъаб кӀалзулаб букӀиналъ, магӀарзухъан ин гьечӀеб, хӀухьел чвахи тӀобан къала, ва ругьукъаб гьаракь букӀуна плозивлъун (кьвагьун абулеб).
  • Элъул абул бакӀ буго билабиалаб, бахъула кӀиябго кӀветӀ хӀалтӀизабун.
  • Эб буго кӀалзул рагьукъаб: эб бахъулаго хӀухьел къватӀибе бачӀуна цохӀо кӀалдисан.
  • Гьаракь бахъуларелъул мацӀалтӀасан унеб хӀухьелчвахудалъун, централлатерал дихотомия хӀалтӀизабуларо.
  • ХӀухьел чвахул механизм буго эйективияб (глотталаб эгрессив): хӀухьел къватӀибе цула гьаркьил кьватӀел (глоттис) эххеде хӀалуцинабун.

ХӀалтӀизаби хисизабизе

МацӀ РагӀи ИФА МагӀна Баянал
Адигъ пӏакӏэ [pʼaːt͡ʃʼa] 'тӀеренаб'
Амгьар ጴጥሮስ/p̣iéṭros [pʼetʼros] 'Петро'
Армен Ереваналъул диалект[1] պոչ/pochʿ [pʼotʃʰ] 'раччӀ' Дандеккола [p⁼] гьаркьие цогидал бакъаккулал диалектазда
Ганза[2]:95 [pʼá̰bḭ́] 'данчӀвай'
Гуржи ელა/pepela [pʼɛpʼɛlɑ] 'кӀалкӀучӀ'
Гьадза bbu [ɦuːpʼu] 'щиб букӀаниги бакӀаб жо кодобе босизе' (миметикияб)
Гьакомелем əq̓ [pʼəqʼ] 'хъахӀаб'
Гьири Гьири диалект пъовыр/phovyr [ˈpʼovɪ̈r] 'гьабизе' (квен)
Кабардин цӏапӏэ / çae / ڗاه [t͡sʼaːpʼa] 'магӀна'
Кунигами p'aapaa [pʼaːpː] 'кӀодоэбел'
Кечва p’acha [pʼat͡ʃa] 'ретӀел'
Нез Персе p’íłin [ˈpʼiɬin] 'каратӀ'
Убих wıp'ts'e [wɨpʼtsʼɜ] 'дур цӀар' Балагье Убих фонология
ХӀайда ttappad [tʼapʼat] 'бекизе' (миметикияб)
Чачан пӏелг / phelg [pʼelɡ] 'килищ'
Юрок[3] kaap' [kaːpʼ] 'тӀанхал'

Ралагье гьединго хисизабизе

Баянал хисизабизе

  1. Dum-Tragut (2009:17–18)
  2. Smolders, Joshua (2016). "A Phonology of Ganza" (pdf). Linguistic Discovery. 14 (1): 86–144. doi:10.1349/PS1.1537-0852.A.470. Халагьи 2017-01-16.
  3. "Yurok consonants". Yurok Language Project. UC Berkeley. Архивация оригиналалдаса (2011-06-29). Халагьи 2021-04-17.

МугъчӀваял хисизабизе

  • Dum-Tragut, Jasmine (2009). Armenian: Modern Eastern Armenian. London Oriental and African Language Library. Vol. 14. Amsterdam: John Benjamins. ISBN 978-90-272-8879-0. LCCN 2009037609.

КъватӀисел регӀелал хисизабизе

  • [pʼ] гьаракь бугел мацӀал PHOIBLE сайталда