Исламалъул аварагзаби

Исламалъул аварагзаби (гӀар. النبوة في الإسلام‎‎)

Аллагьасул русулазда (илчизабазда) кин ракI чIезабилеб. Дуца ракI чIезабизе ккола Аллагьас гIадамазда гьоркьоса тIасаги рищун, жидехъе вахIюги рещтIун, халкъ Аллагьасул диналде ахIизе ритIарал Аллагьасул бищунго хириял лагъзал гьел ругилан абун. Гьезул тIоцевесев Адам ккола, ахирисев МухIаммад ккола. Цересел русулал хассал бакIазде, хассал гIадамазде, хассаб заманалда ритIарал рукIана, МухIаммад Авараг тIолабго халкъалъухъе, киналго бакIазде къиямасеб къо чIезегIан витIарав ахирисев Аварагги расулги ккола.

                              

ЦIарцIар ккун ракI чIезабизе кколел аварагзаби руго гьал Къуръаналда цIарал рехсарал аварагзаби:

1. Адам
2. Идрис
3. НухІ
4. Гьуд
5. СалихІ
6. Ибрагьим
7. ЛутІ
8. ИсмагІил
9. ИсхІакъ
10. ЯгІкъуб (Якъуб)
11. Йусуф (Юсуф)
12. Аюб
13. ШугІайб
14. Зулькифли
15. Муса
16. Гьарун
17. Давуд
18. Сулайман
19. Иляс (Ильяс)
20. ЯсагІ (АльясагІ)
21. Юнус
22. Закария
23. ЯхІя
24. ГІиса
25. МухIаммад

Аллагьас халкъалдаса тIасаги рищарал, жидехъе вахIюги рещтIарал, халкъалъухъе гьеб щвезабизе тIадги къарал Гьесул хассал лагъзадерида илчизабиян (русулал) абула. Гьединго тIаса рищарал ва вахIюги рещтIарал, гьеб халкъалъухъе щвезабизе тIад къачIел Гьесул лагъзал аварагзаби (анбияъал) ккола. Илчизаби гьединго аварагзабилъунги ккола. Гьезул мухIканаб рикIкIен Аллагьасда лъала. Цоцояз 124 азарго авараг вукIанинги абула, ва гьезул 313 илчизаби рукIанинги абула.

Гьел русулалги аварагзабиги хIакъал рукIин сундалъун чIезабулеб? Гьеб чIезабула Аллагьас гьезие кьурал мугIжизатаздалъун.

Гьезие рукIине тIадал сифатал: божарал, аманат бугел рукIин; кидаго битIараб бицунеллъун рукIин; тIубанго мунагьаздаса цIунараллъун рукIин; тIад къараб кинабго жо халкъалъухъе щвезабулел рукIин; гIакълу камилал, пикру цIодорал рукIин; бихьинал ва узденал рукIин.

Гьезие рукIине ресго гьечIел сифатал: хиянат гьаби; гьереси бицин; тIад къараб щибниги жо халкъалдаса бахчи; кинабгIаги мунагь жидехъа лъугьин; гьагал, пикру хIинцал рукIин; руччабаздаса яги лагъзадеридаса рукIин. Гьал сифатаздаса киналго аварагзаби рацIцIадал руго.

Аллагьасул халкъалъул бищун хириял аврагзаби ккола, гьезда гьоркьосаги бищун хириял илчизаби ккола, гьезда гьоркьосаги бищун хириял «улулг-Iазми» ккола ай, НухI, Ибрагьим, Муса, ГIиса, МухIаммад. Гьезулги бищун хирияв тIолго халкъалдаса тIаса вищарав тIолго гIаламалъе рахIматлъун витIарав МухIаммад Авараг ккола.

Гьезие дурусал, ай рукIине бегьулел сифат ал: ГIадамазе рукIунел гIадатиял сифатал гьезиеги рукIине бегьула: кванай, гьекъей, кьижи, руччаби рачин, ццин бахъин, унти, хвейи, рохи, пашманлъи, свакай, рахIат, ва гь. ц. Амма гьездаса гIадамазул ракI буссунел гьезул къадру гIодобе кколел гIузрабаздаса гьел рацIцIадал руго. [1]

ХӀужаби хисизабизе

  1. КъурамухIаммад-хIажи Рамазанов, ФАРЗ / ХIакъаб диналъул лъазе кколеб чара гьечIеб къадар, МахIачхъала 2006 (хвараб регӀел)