Цебесеб рагьараб

Цебесеб кьералъул рагьарал» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)

Цебесеб кьералъул рагьарал — кӀалъалел цо-цо мацӀазда ругел рагьарал гьаракьазул класс. Гьеб класс баян гьабулеб тӀабгӀ ккола мацӀалъул бищун борхатаб бакӀ цогидалде данде ккун кӀалалъул цебесеб рахъалда букӀин, калмалъул нух чӀедерлъизабичӀого. Цересел рагьаразде гьединго цо-цо абула гвангъарал рагьарал абунги, щай гурелъул нахъисел рагьаразде данде ккун гьел дагьабги гвангъун абулел рукӀиналъ.[1]

ГӀагар-цересел рагьарал , унгоги, ккола цебесеб кьералъул рагьаразул цо тайпалъун; цониги мацӀалда, лъалеб жо, данде лъоларо цереселги гӀагар-цереселги рагьарал гӀицӀго кьерлъуде балагьун.

Гургинлъарал цересел рагьарал руго централлъарал, ай жидер артикулациялда гӀагар-цереселъун кколел. Гьеб ккола ИФАлъул диаграммаялда гургинлъарал рагьарал цересел гургинлъичӀел рагьараздаса кваранидехун хъваялъе цо гӀилла.

ТӀубачӀеб сияхӀ хисизабизе

Интернационалаб фонетикаб алфабеталда жидее хасал ишараби ругел цебесеб кьералъул рагьарал ккола:

ИФАлда гьединго руго жидее хасал ишараби гьечӀел цересел рагьарал:

МугъчӀваял хисизабизе

  1. Tsur, Reuven (Фебруар 1992). The Poetic Mode of Speech Perception. Duke University Press. гь. 20. ISBN 0-8223-1170-4.