Щугъи
Щугъи́ (Starling: š:u-ʁí, гIур. Щуги) — Хьиндаллъуда бугеб тӀогь, ккола гьанжесеб Онсоколо мухъалде. Буго Генуса хьундабгин-бакъбаккудехун.
Щугъи | |
---|---|
Бищун борхатаб бакӀ | |
Абсолютияб борхалъи | 2000 м |
Локация | |
42°43′09″ ш. гӀ. 46°51′23″ бб. х.HGЯO | |
Пачалихъ | |
РФялъул субъект | Дагъистан |
Район | Онсоколо мухъ |
МугӀрузул ситема | КӀудияб Кавказ |
Этимология хисизабизе
Унгойин абун чIчIезабураб этимология гьечIо, амма гендерида ва цIалунчагIазда гьениб бихьулеб буго щоб абураб рагIи нахъ -гъи абураб компонентги рекIинабун. Старостинил реконструкциялъа кьолеб буго жаваб, щиб кколебали гьеб -гъи. Гьеб кколеб буго локатив, бакI бихьизабулеб падеж, амма -гъи-локативалъ бихьизабулеб буго рахараб жаниб ккараб бакI, кин кколеб жибго Щугъиги. СверутIа-сверун расалъуда руго борхалъаби. Щугъи гьанже абула жибго могIродаги, магIарда бугеб расалъудаги: цоцаздаса ратIа рахъизе гьезде абула Щугъи́-мегIе́р ва Щугъи́-раса́лъи. Гьалда рекъон, Щугъи́ ккола «щобида бугеб рахараб бакI/расалъи».
История хисизабизе
Фактал хисизабизе
- Щугъи буго тIолаб рагIи: Щугъи-мегӀер, Щугъи-расалъи ва Гъоркь-Щугъи абурал бакIал данде гьабулеб.
- Генал божула, Щугъи-магӀарда Будалаал (малаикзабазда релълъарал халатккарал цирцеял рижаби) ругин абун.
- Цебе Щугъи гьебго цIаргун гьитӀинаб росу букӀун буго.
- Щугъи-расалъуда гендерица росулӀас ритӀарал жундул ругин бицуна. Цо жендуца жиндиего чагӀазул рукъ ккунани, ригьзал бетӀергьабаца женгун гара-шарун гьеб/гьел цоги жиндирго ракьалде битӀун/ритӀун бажарулин абураб харбида хурхен бугеб жо.
- Щугъисан гендерил ахазе лъимги щола (масала, БакьулӀ-ГъеникӀкӀалае).