ТӀадрагӀиялъ авар мацӀалда баян гьабула фигӀлуялъ бихьизабулеб иш лъугьараб куц, заман, бакӀ ва гьеб лъугьиналъе гӀилла-мурад. Жумлаялда жаниб тӀадрагӀи букӀуна хӀаллъун, ва гьеб хурхараблъун букӀуна предикаталда: жакъа дун цудунго вахъана — гьаниб цудунго абураб тӀадрагӀиялъ бихьизабун буго иш лъугьараб заман, ва гьеб вахъана абураб предикаталда бухьараб буго. ТӀадрагӀиялъе жаваблъун рачӀуна кин?, кибе?, киб?, кисан?, щай?, щиб гӀиллаялъе гӀоло?, щиб мурадалда?, гӀадал суалал.

Авар мацӀалъул, ва гьединго моариязул мацӀалъул тӀадрагӀабазул буго, жиб тӀокӀаб цониги мацӀалда гьечӀеб, данде ккезабиялъул суффиксал.[1] Мисалалъе: аскӀо, аскӀо, жани, це-б-е, хаду, гьани ва ц. Чанго бакӀалъул тӀадрагӀи хӀалтӀизабула заманалъул магӀна кьезеги. ГӀемерисел бакӀалъул тӀадрагӀабазул дифференциация гьабула локативалъул, аллативалъул ва аблативалъул формабазде: жани-б, жани-б-е, жани-са.

ГӀуцӀиялъул рахъалъ авар мацӀалда тӀадрагӀаби рикьула кӀиго тӀелалде: асляздеги лъугьараздеги. Аслиял ккола жал цоги каламалъул бутӀаяздаса жал лъугьинчӀел: сон, метер, жакъа, сах, лъикӀ, хъахӀ, берцин ва гь. ц. Гьездехун рекӀинабизе бегьула кутаклъизабулеб бутӀа — -го (сон-го, метер-го). Аслиял тӀадрагӀабаздаса лъугьуна цогидал каламалъул бутӀаби:

  • сифатал: сахаб, лъикӀаб, хъахӀаб, берцинаб;
  • цӀарал: сахлъи, лъикӀлъи, хъахӀлъи, берцинлъи;
  • фигӀлаби: сахълъизе, лъикӀлъизе, хъахӀлъизе, берцинлъизе;
  • сифат-фигӀлаби: сахлъараб — сахлъун; лъикӀлъараб — лъикӀлъун, хъахӀлъараб — хъахӀлъун, берцинлъараб — берцинлъун;

Лъугьарал наречиял ккола жал цоги каламалъул бутӀазабаздасан лъугьарал:

Лъугьуна Лъугьунеб къагӀида Мисал
ЦӀаралдаса
  • кин?
  • кида?
  • кин?
  • -къ суффиксалъул кумекалдалъун
  • -дал суффиксалъул кумекалдалъун
  • -са суффиксалъул кумекалдалъун
  • ретӀел — ратӀликъ; квен — кваникъ; куц — коцокъ
  • рии — риидал; их — ихдал; кьин — кьиндал
  • хьибил — хьибил+са; дегӀен — дегӀен+са
ЦӀарубакӀаздаса
  • киб?
  • кин?
  • суффиксалъул кумекалдалъун
  • -ин суффиксалъул кумекалдалъун
  • доб — доб+а; лъоб — лъоб+а
  • гьаб — гьадин; доб — додин; гъоб — гъодин
РикӀкӀеназдаса
  • кин?
  • -ихъе суффиксалъул кумекалдалъун
  • кӀиго — кӀийхъе; лъабго — лъабихъе
Конвербаздаса
  • кин?
  • -иса суффиксалъул кумекалдалъун
  • -хъе суффиксалъул кумекалдалъун
  • битӀун — битӀуниса; бегун — бегуниса
  • бицун — бицухъе; вижун — вижухъе

МагӀнаялъул рахъалъ авар тӀадрагӀаби рикьула хадусезде:

  • Кинлъи бичӀчӀизабулел тӀадрагӀаби (кин? щиб куцалда?): циндаго, гьартӀан, гьединго, лъикӀ, квеш;
  • Заманалъул тӀадрагӀаби (кида? кидалъагӀан?): сон, жакъа, нолъ, риидал, метер, сезе, лезе, гьанже, кидаго, рогьинегӀан;
  • БакӀалъул тӀадрагӀаби (киб? кибе? кисан?): квараниса, квегӀиса, рикӀкӀад, тӀасан, добасан;
  • Къадаралъул тӀадрагӀаби (кигӀан? кигӀаналъ?): гӀемер, дагь, миркалъ;
  • ГӀилла-мурадалъул тӀадрагӀаби (щай? щибизе?): щайго, чӀалгӀаде, махсараде;

Цо-цо тӀадрагӀаби, сифатал гӀадин, жинсалде балагьун, цолъул яги гӀемерлъул формалде балагьун, хисула, амма тӀадрагӀабазулъ бачӀуна суффикс, сифатазда гӀадин бачӀунаро: хадув, хадуй, хадуб, хадур.

Суал Мисал
кибе? рикӀкӀаде
киса(н)? рикӀкӀадаса(н)
киб? рикӀкӀад
кида? радал
кидаялде? радалалде
кидаялдаса(н)? радалалдаса(н)
  1. Anderson, Stephen. Where's Morphology? // Linguistic Ӏnquiry. — 1982. — № 13. — P. 571–612.