Авар ортография

Авар мацӀалъул орфография» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)

Авар мацӀалъул орфография ккола калам хъван бихьизаби (рагӀабазул битӀунхъвай) цо ккураб къагӀидаялда чӀезабулел асасазул система.

ЦӀаразул битӀунхъвай хисизабизе

Сипатазул битӀунхъвай хисизабизе

РикӀкӀеназул битӀунхъвай хисизабизе

  1. Къадаралъулаб рикӀкӀеналъул ахиралда хъвала : цо, кӀиго, лъабго, ункъго, щуго ва ц.
  2. Жубараб рикӀкӀен хъвал рекӀун: лъабнусго, микьнусго, кӀиазарго ва ц.
  3. -ла, -ло, -да суффиксазул цоябниги ахиралда бугел рикӀкӀен хадуб бачӀунеб рагӀудаса батӀаго хъвала: кӀикъоялда анцӀила щуго, кӀиазаралда анцӀила микьго ва ц.
  4. Иргадул рикӀкӀеналъулӀ абулеб формарагӀи рикӀкӀеналда рекӀун хъвала: цоабилеб, кӀиабилеб, лъабабилеб, ункъабилеб, щуабилеб ва ц.
  5. Цифрабазда хадуб абулеб формарагӀи дефисл лъун хъвала: 12-абилеб, 50-абилеб, 100-абилеб ва ц.

ЦӀарубакӀазул битӀунхъвай хисизабизе

  1. Ниж, нилӀ, нуж цӀарубакӀазулӀ аслияб хӀалаталда кьибилалъулӀ букӀунеб -и- ва -у- киналго хӀалатазулӀ цӀунула, сигъадул форма лӀугьинабулеб суффиксалъулӀ, ай кӀиабилаб рагьараб гьаракь гьениб хъвала -е-: нижер, нилӀер, нужер, нижее, нилӀее, нужее
  2. Жив, жий, жиб абурал цойил рикӀкӀеналъул цӀарубакӀазул киналниги хӀалатазулаб кьибилалъулӀ бугеб -и- цӀунула, кӀиабилеб гьижаялъулӀги -и- хъвала: жиндир, жиндие, жиндихъ ва ц. ГӀемерлъул формаялъул аслияб хӀалат (жал) тун цогидазул кьибилалъулӀги -и- цӀунула, сигъаялъул суффиксалъулӀ хъвала : жидер, жидее, жидеца ва ц.
  3. ЦӀарубакӀазул кьовул ва рачӀул хӀалатазда ругел сигъабазул ахиралда хъхвала : лъие, сундуе, лъихъе, сундухъе, дие, дуе ва ц. Поэзиялъулаб мацӀалда гьижабазул цоккураб къадар цӀуниялъе гӀоло ахиралда бугеб /e/ гьаракьги гьорькоб биччан, цо (/j/ ) хъван тола: дуй, сундуй, лъий ва ц.
  4. Сипатал гӀадин хӀалатазде сверулел цӀарубакӀазул хаслъул хӀалаталъул ахиралда хъвала -ул: досул, гьесул, гьелъул, щивасул, киназул(го) ва ц.
  5. Баяналъул цӀарубакӀазул ахиралда хъвал -о (-го бутӀа): кинавго, кинабго, киналго, тӀолго, тӀолабго
  6. Кьибил такрарлъун лӀугьарал цӀарубакӀал хъвала гьоркьоб дефис лъун: жив-жив, жиде-жидер.

Гьединго бл. хисизабизе

ХІужаби хисизабизе

Адабият хисизабизе

МугъчІваял хисизабизе