Авар ортография
Авар мацӀалъул орфография ккола калам хъван бихьизаби (рагӀабазул битӀунхъвай) цо ккураб къагӀидаялда чӀезабулел асасазул система.
ЦӀаразул битӀунхъвай
хисизабизеСипатазул битӀунхъвай
хисизабизеРикӀкӀеназул битӀунхъвай
хисизабизе- Къадаралъулаб рикӀкӀеналъул ахиралда хъвала -о: цо, кӀиго, лъабго, ункъго, щуго ва ц.
- Жубараб рикӀкӀен хъвал рекӀун: лъабнусго, микьнусго, кӀиазарго ва ц.
- -ла, -ло, -да суффиксазул цоябниги ахиралда бугел рикӀкӀен хадуб бачӀунеб рагӀудаса батӀаго хъвала: кӀикъоялда анцӀила щуго, кӀиазаралда анцӀила микьго ва ц.
- Иргадул рикӀкӀеналъулӀ абулеб формарагӀи рикӀкӀеналда рекӀун хъвала: цоабилеб, кӀиабилеб, лъабабилеб, ункъабилеб, щуабилеб ва ц.
- Цифрабазда хадуб абулеб формарагӀи дефисл лъун хъвала: 12-абилеб, 50-абилеб, 100-абилеб ва ц.
ЦӀарубакӀазул битӀунхъвай
хисизабизе- Ниж, нилӀ, нуж цӀарубакӀазулӀ аслияб хӀалаталда кьибилалъулӀ букӀунеб -и- ва -у- киналго хӀалатазулӀ цӀунула, сигъадул форма лӀугьинабулеб суффиксалъулӀ, ай кӀиабилаб рагьараб гьаракь гьениб хъвала -е-: нижер, нилӀер, нужер, нижее, нилӀее, нужее
- Жив, жий, жиб абурал цойил рикӀкӀеналъул цӀарубакӀазул киналниги хӀалатазулаб кьибилалъулӀ бугеб -и- цӀунула, кӀиабилеб гьижаялъулӀги -и- хъвала: жиндир, жиндие, жиндихъ ва ц. ГӀемерлъул формаялъул аслияб хӀалат (жал) тун цогидазул кьибилалъулӀги -и- цӀунула, сигъаялъул суффиксалъулӀ хъвала -е: жидер, жидее, жидеца ва ц.
- ЦӀарубакӀазул кьовул ва рачӀул хӀалатазда ругел сигъабазул ахиралда хъхвала -е: лъие, сундуе, лъихъе, сундухъе, дие, дуе ва ц. Поэзиялъулаб мацӀалда гьижабазул цоккураб къадар цӀуниялъе гӀоло ахиралда бугеб /e/ гьаракьги гьорькоб биччан, цо -й (/j/ ) хъван тола: дуй, сундуй, лъий ва ц.
- Сипатал гӀадин хӀалатазде сверулел цӀарубакӀазул хаслъул хӀалаталъул ахиралда хъвала -ул: досул, гьесул, гьелъул, щивасул, киназул(го) ва ц.
- Баяналъул цӀарубакӀазул ахиралда хъвал -о (-го бутӀа): кинавго, кинабго, киналго, тӀолго, тӀолабго
- Кьибил такрарлъун лӀугьарал цӀарубакӀал хъвала гьоркьоб дефис лъун: жив-жив, жиде-жидер.