Авар фонология

Авар фонетика ва фонология» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)

Авар фонологияавар мацӀалъул стандартияб абулеб куц яги акцент. Гьаб макъалаялда хал гьабулеб буго стандартаб авар мацӀалъулъ фонологияб системаялъул. Авар мацӀалъул свералабазул фонологиял хаслъиял ралагье Авар мацӀалъул свералаби макъалаялда.

Рагьаразулги рагьукъазулги къадаралъул рахъалъ цогидал кавказалъулал мацӀазда гьоркьоб авар мацӀалъ ккола гьоркьохъеб бакӀ. Авар мацӀалда рагьарал гьаркьал цӀикӀкӀун руго абхаз ва адигъ мацӀазде данде ккун, амма гӀандисезул, цӀунтӀисезул, куралазул ва чачаназул мацӀазде данде ккун гьел руго дагьал; картвел, нах, ва дагъистаниял мацӀазде данде ккун, рагьукъал руго гӀемерал, хӀо абхаз ва адигъ мацӀаздаса дагьал.[1].

Рагьарал хисизабизе

Борхи Кьер
Цебесеб Гьоркьохъеб Нахъисеб
ТӀасияб i u
ТӀасияб-гьоркьохъеб e o
Гъоркьияб ä

Рагьараб фонема авар мацӀалда буго щуго: /i/, /u/, /e/, /o/, /ä/. Гьезул цобутӀаби данде лъеял мухӀканго загьирлъула кӀиго параялъул хутӀизегӀан: /e//i/ ва /o//u/ параязул цобутӀаби данде лъей кидаго гуро мухӀканаб букӀунеб.

РагӀул байбихьуда рагьарал рацӀцӀадго дандчӀваларо, гьеб позициялда гьезда цебе букӀуна глотталияб ккураб рагьукъаб (яги плозив, яги жибго гьамза) /ʔ/, жиндир гьеб бакӀалда, цо-цо лингвистаз рикӀкӀухъе, фонетикияб магӀна букӀунареб, мисалалъе: эбел /ʔe.ˈbel/, анкьго /ˈʔäntɬːʼ.ɡo/, ине /ˈʔi.ne/. Амма гьамза мухӀканго загьирлъула рагӀабазул бакьулӀ, кӀиго рагьараб аскӀобе ккун, гьиатус лӀугьинчӀого букӀиналъе: рии /ri.ˈʔi/, роол /ro.ˈʔol/ (ген.), беэнаб /be.ˈʔe.nabl/. Гьединго гьиатус лӀугьинчӀого букӀиналъе, гьамза гуребги, хӀалтӀизабула зирараб палаталаб аппроксимант /j/: цӀияб /ˈt͡sʼi.jäb/, лъабгоял /ˈɬäb.ɡo.jäɫ/, дие /ˈdi.je/.[1]Гьеб къагӀида гӀемерисеб дандчӀвала морфемабазул рацӀцӀиялда.

Рагьаразул классификация хисизабизе

Рагьаразе классификация гьабула чанго батӀияб къагӀидаялъ. Артикуляция лӀугьунаго кӀутӀбузул позициялде балагьун, авар мацӀалъул рагьарал рикьула лабиаллъараздеги (кӀутӀбузулал) лабиаллъичӀездеги (кӀутӀбузулал-гурел). Лабиаллъарал ккола /u/, /o/. КӀутӀбузул позициялъул рахъалдаса, гьезде данде лъола кӀутӀбузулал-гурел: /i/, /e/, /ä/.

Артикуляциялда мацӀалъул гьоризонталалда рекъон бугеб позициялъ баянлъизабула цебесеб кьералъул /i/ ва /e/ рагьаралги нахъисеб кьералъул /u/ ва /o/ рагьаралги данде лъей. Гьезде данде ккуна /ä/ буго гьоркьохъеб кьералъул.

Вертикалалда рекъон мацӀалъул позицияллъ баянлъизабула тӀасияб борхиялъул /i/ ва /u/ рагьаралги гъоркьияб борхиялъул /ä/ рагьарабги данде лъей. Гьеб кӀибго борхиялда гьоркьор руго тӀасияб-гьоркьохъеб борхиялъул рагьарал: /e/ ва /o/.

Палатализация ва назализация хисизабизе

Адабияталъулаб авар мацӀалъе палатализация хасиятаб гьечӀо, амма гьеб дандчӀвала цӀоралъулаб сверелалда позиционияб палатазизация хӀисабалда. Мисалалъе: адаб. тӀад /tʼad/цӀор. кӀ´ад /tʼʲad/, адаб. бетӀер /be.ˈtʼer/цӀор. бикI´ер /bi.ˈtʼʲer/, адаб. дуца /ˈdu.t͡sːä/ (эрг.) — цӀор. духьхь´а /ˈdu.t͡sːʲä/, адаб. гени /ˈɡe.ni/цӀор. г´ени /ˈɡʲe.ni/ ва ц.

Борхи Кьер
Цебесеб Гьоркьохъеб Нахъисеб
ТӀасияб ĩ ũ
ТӀасияб-гьоркьохъеб õ
Гъоркьияб ã

Назализация авар мацӀалъе буго дагьго хасиятаб, дандчӀвала дагьалго рагӀабазул: у /ʔũ/, гӀоло, цо-цо бакӀалда элъ магӀна батӀахъул рол хӀала: у(н)гьи /ˈʔũ.hi/ ('хӀухьел биччай') — угьи /ˈʔu.hi/ ('ххамида расен лъей'). Назализация цӀиккӀаниселӀ дандчӀвала гьаркьихъе-рагӀабазулӀ: гьа /hã/, хIе /ħẽ/ (хӀама хъамизе абулеб). Дагьабги цӀиккӀун назализация батула хундерил свералил цо-цо гаргаразулӀ.

Кьабизаби хисизабизе

Авар мацӀалъул кьабизабиялъе хасиятал сипатал руго хадусел: хьвадарулеб (динамикияб) букӀин, эспираторияб букӀин, гӀезегӀан мухӀканго загьираб ва рагӀул цоккураб гьижаялде тӀаде кколеб букӀин. Кьабизаби кидаго тӀаде ккола рагӀиялъул тӀоцебесеб яги кӀиабилеб гьижаялде; ва киданиги рагӀул байбихьудаса бугеб кӀиабилеб гьижаялдаса добегӀан унаро: на́ку, кере́н, бéрцинаб, квара́наб, гьабу́ларо, у́на.

Кьабизабиялъул хьвадари (динамика) загьирлъула рагӀи хисулелъуб, ва гьелъул хӀасилалда рагӀулӀ лӀугьуна батӀи-батӀиял хиса-басиял. Кьабизаби лъабабилеб гьижаялде тӀаде бачӀунеб бугони, кьабизабиялда цебесеб рагьараб тӀагӀуна (синкопа): бетӀе́р (ном.) — ботӀро́-л (ген.), кагъа́т (ном.) — кагъти́ца (ген.), гомо́г (ном.) — гонги́ца (ген.) ва ц.

РагӀиялъул гӀемерлъул форма лъугьунелъул, кьабизаби тӀоцебесеб гьижаялде тӀаде ккани, тӀагӀуна кӀиабилеб гьижаялъул рагьараб: гама́чӀга́нчӀал; гIере́къгIе́ркъал, лъеле́хьлъе́лхьал ва ц.

Кьабизабиялъ хасаб роль хӀала рагӀиялъул хъвалсараб аслу лъугьиналда, мисалалъе, аблаутияб хисунккей, рагӀулъ кьабизабиялъул бакӀалда бараб гьечӀониги, цадахъ регӀула кьабизаби хьвадигун: тӀехь (ном. ц. ф.) — тӀахь-а́л (ном. гӀ. ф.тӀохь-а́л (ген.), гъе́ду (ном. ц. ф.) — гъуд-у́л (ном. гӀ. ф.) — гъад-и́л (ген.).

Кьабизабиялъ хӀала батӀи-батӀиял релъарал рагӀабазул магӀна батӀа бахъиялъул роль: рагъи́ (цӀар.) — ра́гъи (масд.), лъикӀлъи́ (цӀар) — лъи́кӀлъи (масд.), рикьи́ (цӀар) — ри́кьи (масд.).

Гьединго кьабизабиялъ хӀала рол номинативалъулги хъвалсараб аслуялъул форма релълъарал рагӀабазул магӀна батӀа бахъиялъеги: лъар (ном.) — лъа́рал (ном. гӀ. ф.) — лъара́л (ген.); тIул (ном.) — тIу́лал (ном. гӀ. ф.) — тIула́л (ген.); цIул (ном.) — цIу́лал (ном. гӀ. ф.) — цIула́л (ген.).

Кьабизабиялъул бакӀалда бараб чӀедерал ва гӀатӀидал рагьарал данде лъей ккола батӀи-батӀиял категориалиял формаби лӀугьиналъул къагӀидалъун: рухье́н (цӀар) — ру́хьин (масд.), къотIе́л (цӀар) — къо́тIи (масд.), рате́л (цӀар) — ра́ти (масд.). Кьабизабиялъул бакӀ ккола гьел рагӀабазул статус мухӀкан гьабиялъул критерияздаса цояб. Жубараб рагӀиялъул кӀиабилеб компоненталъул кьабизаби тӀагӀуна, щай гурелъул гьеб кӀиабилеб гьижаялдаса хадуса букӀине бегьуларо, мисалалъе: на́хъарукъ, бетӀе́рчIахъад, бетӀе́ргьанчи. Цогидал мацӀаздаса рачӀарал лъаб- яги цӀикӀкӀун журарал рагӀабазулъ кьабизаби бачӀуна кӀиабилеб къотӀелалде тӀаде: теле́пон, гене́рал.

Рагьукъал хисизабизе

Рагьукъал фонемаби[2]
Лабиал Дентал Алвеолар Палатал Велар Увуляр Фарингал Глоттал
Централ Летрал
ленис фортис фортис фортис ленис фортис ленис фортис ленис фортис
Насалаб m n
Плозивал зирарал b d ɡ
гъугъал p t k ʔ
эйективиял kːʼ
Аффрикативал гъугъал t͡s t͡sː t͡ʃ t͡ʃː t͡ɬː q͡χː
эйективал t͡sʼ t͡sːʼ t͡ʃʼ t͡ʃːʼ t͡ɬːʼ q͡χːʼ
Фрикативал гъугъал s ʃ ʃː ɬ ɬː x () χ χː ħ
зирарал z ʒ ʁ ʕ h
Вибрантал r
Аппроксимантал j w
Латералал аппроксимантал l/ɫ

Халалъиялъул ⟨ː⟩ гӀужур рагьукъазе транскрипция гьабиялъул анализалъул буго кӀиго батӀияб къагӀидаю. Халалъи ккола батӀабахъилъул бутӀалъун, амма гьединго гьеб ккола артикуляциялъулаб къуватлъунги, гьединлъидал рагьукъал гьанир баян гьарун руго фортис ва ленис хӀисабалда. Фортис аффрикатал, ай къуватал аффрикатал халатал руго фрикативияб бутӀаялда, мисалалъе [tsː] (tss), контуралъул плозивияб бутӀаялда гуреб, итал мацӀ гӀадазда геминатиял аффрикатазда гӀадин [tːs] (tts). Лейверица (1994) анализ гьабулеб буго, мисалалъе, t͡ɬː гьаракьалъе кӀисегментияб аффрикативиябгин фрикативияб тартиблъи кинниигин /t͡ɬɬ/ (/tɬɬ/)[3].

Лабиаллъарал рагьукъал
Дентал Альвеоляр Веляр Увуляр Глоттал
централ летрал
ленис фортис ленис фортис фортис ленис фортис ленис фортис
Плозивал зирарал ɡʷ
гъугъал kːʷ ʔʷ
абруптивал tʼʷ kʼʷ kːʼʷ
Аффрикативал гъугъал t͡ʃʷ t͡ɬːʷ q͡χːʷ
абруптивал t͡sʷ t͡sːʼʷ t͡ʃʼʷ t͡ʃːʼʷ t͡ɬːʼʷ q͡χːʼʷ
Фрикативал гъугъал sːʷ ʃʷ ʃːʷ xːʷ χʷ χːʷ
зирарал ʒʷ ʁʷ
Аппроксимантал w

Рагьукъазул классификация хисизабизе

Авар мацӀалъул рагьукъал гьаркьал рикьула кӀиго тӀелалде: обструэнтал (хъуй-бугел) ва соноратал. Жиндирго иргаялда обструэнтазул аслияб система бикьула жеги лъабго системалде: 1) окклюзивазул лъабилаб система; 2) аффрикатазул ункъилаб система; 3) спирантазул лъабилаб система.

Соноратал хисизабизе

Сонориял рагьукъал, ай жал гьаракьалъул тракталда хӀухьелалъул турбулентияб чахи гьечӀого лӀугьунел, руго хадусел: /m/, /n/, /l/, /r/, /w/, /j/.

Фонологиял процессал хисизабизе

Рагьаразул системаялда лӀугьунел хиса-басиял хисизабизе

Анаптиксис хисизабизе

Анаптиксис, яги тӀаде рагьараб гьаракь бачӀин, загьирлъула жибго рагьараб бачӀиналдулъунги рагьукъалда цадахъ гьижаялъулъ гьеб ккеялдалъунги рагӀи хисулелъуб: оцоц-о-ца (эргатив), АхIмадАхIмад-и-ца (эргатив) ва ц.

Аблаут хисизабизе

Аблаут (рагьарал хиси) — форма яги рагӀи лӀугьунаго, рагӀи хисулаго: [i]/[u]: налъи — налъуца (эргатив); [i]/[e]: тиризе — терезе (гӀахьалаб заман); [i]/[o]: кьили — кьолоца (эргатив); [u]/[e]: тункизе — тенкезе (гӀахьалаб заман); [u]/[o]: нус — носоца (эргатив); [e]/[i]: хleтle — хIатIица (эргатив); [e]/[u], кету — кутул (гӀем. ф.); [e]/[o]: пер — пороца (эргатив); [e]/[a]: бече — бачица (эргатив); [o]/[i]: чохтIо — чахтIица (эргатив); [o]/[a]: гьоло — гьалица (акт. игӀр.); [a]/[i]: бугъа — бугъица (эргатив); [a]/[u]: хъала — хъулби (гӀем. ф.); [a]/[o]: гIаштIи — гIоштIоца (эргатив) ва ц.

Рагьаразул элизия хисизабизе

Элизия, яги рагьарал тӀагӀин, загьирлъула рагӀи хисулаго, форма ва рагӀи лӀугьунаго, кьабизаби лъабабилеб гьижаялде тӀаде ккеун, кӀиабилеб гьижаялъул рагьараб тӀагӀиналдалъун (кӀижурарал рагӀабазул хъвалсараб аслуялъул кӀидаго ккола кьабизабиялъулаблъун): буру́тIбуртIи́ца (эргатив), гомо́ггонги́л (ген.), кагъа́ткагъти́ца, гlepeтlгIертIица (эргатив) ва ц.

Рагьаразул ассимиляция хисизабизе

Ассимиляция, яги цо гьаракь цогидалда релъин, авар мацӀалда дандчӀвала прогрессивиябги регрессивиябги ассимиляция хӀисабалда.

Прогрессивияб ассимиляция, яги цебе бугеб гьаракьалъ хадуб бугелде асар гьаби, лӀугьуна:

  • гӀемерлъул формаялъулъ кӀижурарал рагӀабазул, гьел игӀрабияб ва цолъул яги гӀемерлъул формаялъулаб къагӀидаялъ хисулаго, кӀиабилеб гьижа тӀагӀиналъ (кьабизаби бачӀуна тӀоцебесеб гьижаялде тӀаде): бетIе́рбу́тIрул (гӀем. ф.), кьенсе́ркьу́нсрул (гӀем. ф.), лаче́нлу́чнул (гӀем. ф.), габу́рга́рбал (гӀем. ф.), тIагъу́ртIа́гърал (гӀем. ф.). Аслуялъул рагьаразул элизия лъугьине бегьула гӀемерлъул формаялъулъ кьабизаби тӀоцебесеб гьижаялде бачӀинчӀогоги: кьиби́лкьалба́л (гӀем. ф.), хьиби́лхьалба́л (гӀем. ф.), миччи́лмаччли́л (гӀем. ф.), ва ц.
  • гӀемерлъул формаялъул цожурарал рагӀабазул кьибилалъул рагьаразе хъвалсараб аслуялъулъ (аслуялъул рагьараб гьениб тӀагуна): кечӀку́чӀдул (гӀем. ф.), тӀегьтӀу́гьдул (гӀем. ф.), хӀехьхӀу́хьдул (гӀем. ф.), ва ц.

Регрессивияб ассимиляция, яги хадуб бугеб гьаракьалъ цебе бугелде асар гьаби, лӀугьуна:

  • цолъцъул формаялъулъ, кӀижурарал рагӀабазул, игӀрабияб ва цолъул яги гӀемерлъул формаялъулаб къагӀидаялъ хисулаго, кӀиабилеб гьижа тӀагӀиналъ (кьабизаби бачӀуна тӀоцебесеб гьижаялде тӀаде): бетIе́рботIро́л (ген.), кьенсе́ркьонсро́л (ген.), лаче́нлочно́л (ген.), габу́ргорбо́л (ген.), тIагъу́ртIогъро́л (ген.).
  • цолъул формаялъул цожурарал рагӀабазул кьибилалъул рагьаразе хъвалсараб аслуялъулъ: кечӀкочӀо́л (ген.), тӀегьтӀогьо́л (ген.), хӀехьхӀохьо́л (ген.).
  • рагӀи хисулаго кьабизаби тӀоцебесеб гьижаялде тӀаде бачӀинчӀони: тӀехьтӀохьо́л (ген.), чехьчохьо́л (ген.), кьили́кьоло́л (ген.), ва ц.

Хъвалсараб аслуялъулъ ва гӀемерлъул формаялъул ассимиляиялъул данде кколел формаби кидаго гуро рукӀунел, ва гьеб процесс лӀугьуна гӀицӀго цолъул формаялъул хъвалсараб аслуялъулӀ, гӀемерлъул формуялъул рагьараб абуни хисуларо: гIусгIосо́л (ген.) — гIуса́л (гӀем. ф.), гIучIгIочIо́л (ген.) — гIучIа́л (гӀем. ф.), рукъ — рокъо́б (лок. V) — рукъза́л (гӀем. ф.), ракIрекIе́л (ген.) — ра́кIал (гӀем. ф.), цIацIе́л (ген.) — цIа́ял (гӀем. ф.), лъимлъел (ген.) — лъи́нал (гӀем. ф.), ва ц.

Цо-цо букӀине бегьула гӀемерлъул формаялда ассимиляцияги, цолъул формаялда — диссимиляцияги загьирлъи, гьениб байбихьулаблъун рикӀкӀуна хъвалсараб аслуялъул формаби: гьоко́гьаки́л (ген.) — гьака́л (гӀем. ф.), сордо́сарди́л (ген.) — сарда́л (гӀем. ф.), чӀорто́чӀарти́л (ген.) — чӀарта́л (гӀем. ф.), ва ц.

Редукция хисизабизе

Авар мацӀалда редукциялъул, ай кьабизабуларел рагьаразул гьаркьилаб тӀабигӀат хисиялъул даража буго дагьа-макъаб, гӀаммго абуни, редукция буго къадаралъулаб. Гъоркьияб борхиялъул гьоркьохъеб кьералъул лабиаллъичӀеб рагьараб /ä/ кьабизабуларел гьижабазда редуцилъула загӀипго: рахIáт, хали́ча, рачéл, вáчIана . Цогидал рагьаразеги лӀугьуна гьединалго загӀипал хиса-басиял, жидеца гьезул фонологияб статусалъе асар гьабуларел: къебéд, керéн, векéрухъан, тIокъó, бусéн, бигьáро ва ц.

Сингармонизм хисизабизе

Сингармонизм, ай кьералдалъул ва лабиализациялдалъун загьирлъулеб прогрессивияб ассимиляция, авар мацӀалда загьирлъула ахиралда бугеб рагьараб кьибилалда бугеб рагьаралда релъиналдалъун: кечIкочIол (ген.) — кучӀдул; церцарал (ген.) — цурдул, ва ц.

Рагьукъазул системаялда лӀугьунел хиса-басиял хисизабизе

Рагьукъазул ассимиляция хисизабизе

Ассимиляция [m] > [n] лӀугьуна мацӀалъул цересел ва нахъисел рагьукъазда цебе рагӀи ва форма лӀугьунагоги, рагӀи хисулелъубги: гъамас — гъансил (ген.), гамачI — ганчIил (ген.), тамахьу — танхьил, чIимих — чIинхал (гӀем. ф.); цо-цо мехалъ гьел гьаркьал хисичӀогоги хутӀула: ханжархонжроца (эрг.) ва ц.

Диссимиляция хисизабизе

Диссимиляция [n] > [m] лӀугьуна [r] гьаракьалда хадуб: гъаран — гъармил (генетив); чаран — чармил (генетив) ва ц.

Лабиализация хисизабизе

Лабиализация, яги артикуляциялъулъ кӀутӀби цебе цутӀи, буго авар мацӀалъе гӀемер хасиятаб ва дандчӀвала кидаго рагӀабазул байбихьуда (журарал рагӀабазулӀ гьоркьобги букӀине бегьула): гвай, гвенд, квар, кквезе, квер, кӀвар, свак, ххвел, хъвазе ва ц.

Делабиализация хисизабизе

Делабиализация, яги лабиализация тӀагӀин, лӀугьуна рагӀи хисулаго лабиалиял рагьукъазда хадур лабиалиял, яги гургинлъарал рагьарал /u/ ва /o/ рачӀиналъ: кlветlкIутIби (гӀем. ф.); гъветIгъутIби (гӀем. ф.), гъотIоца (эргатив) ва ц.

Метатеза хисизабизе

Метатеза лӀугьуна диссимиляциялъул аслуялда лабиалияб гьаракьалдаги соноранталдаги гьоркьоб бугеб рагьараб тӀагӀун ва гьеб кӀиябго рагьукъалъ тартибияб бакӀ хисун (лабиалияб + сонорияб > сонорияб + лабиалияб): габур — гарбал (гӀем. ф.); хабар — харбил (генетив); тIамур — тIармил (генетив); цIибил — цIолбол (генетив) ва ц.

Рагьукъазул элизия хисизабизе

Элизия, яги гьаракь тӀагӀин, лӀугьуна [n], [m], [d], [t] рагьукъазе рагӀи хисулаго, форма ва рагӀи лӀугьунаго: рехъенрехъаби (гӀем. ф.); бусенбусадул (ген.); хIалтIухъанхIалтIухъаби (гӀем. ф.), лъимлълъел (ген.) — лъадаца (акт.), гӀaтӀид (тӀадрагӀи) — гӀатӀилъи (цӀар); къебедкъебелъи, щулат(го) (тӀадр.) — щулалъи (цӀар) ва ц.

Эпентезис хисизабизе

Эпентезис, яги тӀаде рагьукъаб гьаракь бачӀин, загьирлъула гӀицӀго рагьарабгун цадахъ, ай гьижа хӀисабалда, рагӀи хисулелъуб: рахьрахь-да-ца (эргатив); моцIмоцI-ро-ца (эргатив); бербер-зу-ца (эргатив) ва ц.

Морфонология хисизабизе

Авар мацӀалда буго анкьго рагӀул къотӀелалъул тайпа, гьезул кӀиго ккола рагьараб (V), хутӀараб щуго — къараб (C). Рагьараб рагӀул къотӀел ккола ахиралда рагьараб хӀарп бугеб; гьеб гӀуцӀун букӀуна цо рагьаралдаса (Р): а (ине глаголалъул тӀалабияб наклонение), у; рагьукъабги рагьаралдасаги (КъР): къо, кьо. Къараб рагӀул къотӀел гуцӀун букӀуна: рагьараб ва рагьукъаб (РКъ) — ах, их, иц; рагьукъаб, рагьараб ва кӀиго рагьукъаб (КъРКъКъ) — гӀемерисеб ахиралда бугеб рагьукъазул цояблъун букӀуна сонорияб м, н, л, р яги й — къверкъ, пинкь; рагьукъаб, рагьукъаб, рагьараб, рагьукъаб (КъКъРКъ) — стаж, стол. ТӀоцебесеб ункъго тайпа буго бищун гӀемер дандчӀвалеб.

РагӀул кьибилалъул тайпаби:

  1. цожубараб аслу C(w)V: къо, чу, цӀа, ца, цӀцӀва, чи, кьо, ци ва ц.;
  2. цожубараб аслу C(w)VC: махх, лагъ, нугӀ, ригь, рукъ, хур, лълъим, бис, бер, кӀул, чӀетӀ, чан, кӀветӀ, гел, тӀегь, рос, гохӀ, агӀ, ах , оц, ицц, их ва ц.;
  3. цожубараб аслу VRC: анкь, ирс ва ц.;
  4. цожубараб аслу C(w)VRC: тӀинчӀ, хӀинчӀ, гӀанкӀ, гӀоркь, къарз, гвенд, гарцӀ ва ц.;
  5. кӀижубараб аслу VCV: ада, угьи, уба ва ц.;
  6. кӀижубараб аслу VCСV: урба, ургу, амру, аслу ва ц.;
  7. кӀижубараб аслуC(w)VCV: гӀари, гьобо, гъеду, кету, лъади, дару, рагӀи ва ц.;
  8. кӀижубараб аслу VCVС: агъаз, асар, эмен, эбел, адаб, ахир, авал ва ц.;
  9. кӀижубараб аслу VCСVC: адрес, азбар, айгъир, аскар, авлахъ, амбар, аргъан, ахӀмакъ, илбис ва ц.; (гьаб тайпаялде гъорлъе ккола цоги мацӀаздаса рачӀарал рагӀаби);
  10. кӀижубараб аслу C(w)VRC(в)V: тӀанса, гӀанса, квартӀа, гъванща, гвангва, ханжу, торгӀо, гордо ва ц. Гьединго интервокалиял комплексал, тӀоцебесеб хъуй бугеб рагьукъаб бугеб: дагӀба, кӀуштӀа, гӀаштӀи, гӀузру, мусру, сихӀру (гьаб конструкциялда руго аслияб къагӀидаялда цогидал мацӀаздасан рачӀарал рагӀарал рагӀаби);
  11. кӀижубараб аслу C(w)VCVC: гамачӀ, чапар, гьудул, гӀалим, лъимер, гудур, рехъен, рукӀел ва ц.;
  12. кӀижубараб аслу C(w)VRCVC: хвалчен, ханжар, гьалмагъ, салмаг, сандукӀ, саргъас, баргъич ва ц. Гьединго интервокалиял комплексал, тӀоцебесеб хъуй бугеб рагьукъаб бугеб (цогидал мацӀаздасан рачӀарал рагӀаби): хашхаш, гӀужрукъ, гужгат, сухъмахъ, сухӀмат ва ц.;
  13. кӀижубараб аслу CVCVRC: туманкӀ;
  14. лъабжубараб аслу VCCVCV: аздагьо;
  15. лъабжубараб аслу (C)VCVCV: можоро, сумало, габани, гъадаро, гьереси, катӀари, гӀарада ва ц.;
  16. лъабжубараб аслу (C)VCVRCV, (C)VRCVCV: итаркӀо, гвангвара, гӀанхвара, газаргъо ва ц.;
  17. лъабжубараб аслу (C)VCVCVC: аманат, апараг, жанавар, апараг, годекӀан, малаик ва ц.
  18. лъабжубараб аслу (C)VСCVCVC: ахбазан;

Цогияздаса лъугьунарел фигӀлуялъул аслуял: V (ине), CV (кке-зе), CVC (лъу-гьи-не; гьанирго рачӀуна бабихьуда жинсиял гӀаламатал ругел фигӀлабиги: в-ачӀ-ине), CVRC (гьурщ-изе)[4].


Ралагье гьединго хисизабизе

МугъчӀваял хисизабизе

  1. 1,0 1,1 ЦӀадаса ХӀамзатил цӀаралда бугеб мацӀалъул, адабияталъул ва гьунаралъул институталъул журнал "Вестник", № 6, 2014, 14 гьум.
  2. Consonant Systems of the North-East Caucasian Languages on TITUS DIDACTICA
  3. Laver (1994) Principles of Phonetics p. 371.
  4. Аварский язык. Фонетика. (М. Алексеев. Борис Атаев)

Адабият хисизабизе

ГӀурусалда:

  • М.Е. Алексеев, Б.М. Атаев, М.А. Магомедов, М.И. Магомедов, Г.И. Мадиева, П.А. Саидова, Дж.С. Самедов. Современный аварский язык.
  • Алексеев М. Е., Атаев Б. М. Аварский язык. М., 1997.

РегӀелал хисизабизе