ЦӀарис жаваблъун бачӀуна щав, щий, щиб, щал гьикъазе, ва семантикияб рахъалъ рахъалъ рикьула хасаздеги гӀаммаздеги. Элъул категорияби авар мацӀалда руго хадусел: класс (чиясул, чӀужуялъул, гьоркьохъеб), рикӀкӀадулаб форма (цолъул, дагьлъул, гӀемерлъул) ва хӀалат: (абсолутив, эргатив, генитив, датив, инструменталис ва локативазул серияби).[1]

ЦІарсил гІаламатал

хисизабизе

ЦIаралъул руго хадусел грамматикиял гIаламатал:

  1. Хассалги гIаммалги рукIин. Хасал цIаразде гъорлъе ккола гIадамазда (хасго), хIайваназда, бакIазда лъурал цIарал: МухIамад, ГIали, Москва. ГIаммал цIаразде гъорлъе уна хутIаралщинал: лъар, бетIер, зоб, ракь, мегIер;
  2. Цолъул ва гIемерлъул форма букIин: бетIер — бутIрул, ракь — ракьал, мегIер — мугIрул;
  3. Чиясул, чIужуялъул ва гьоркьохъеб жинс букIин. Авар мацIалда рагIаби жинсазде рикьула гьел щив? щий? щиб? абурал суалазда рекъон: чиясул жинс (щив?) — вас, эмен, вац; чIужуялъул жинс (щий?) — яс, эбел, яц; гьоркьохъеб жинс (щиб?) — хIалтIи, ракь, гIор.
  4. ИгІрабазда рекъон свери: вац — вацас — вацас ва гь. ц.

Авар цӀарсал рикьула лъабго классалде. ТӀоцебеселде гъорлӀе ккола бихьинчиясда хурхарал цӀарсал: бихьинчи, эмен, вас, вац. КӀиабилелъ гъорлӀе рачуна чӀужуялда хурхарал цӀарсал: чӀужу, эбел, яс, яц ва ц. ХутӀарал цӀарсал, чӀагоялги, чӀагоял-гурелги жал рихьизарулел, уна лъабабилеб классалде гъорлӀе.

Жинсиял гӀаламатал
Класс Жинс Цолъул форма Мисал ГӀемерлъул форма Мисал
I чиясул в вас вачӀана р/л васал рачӀана
II чӀужуялъул й яс ячӀана ясал рачӀана
III гьоркьохъеб б чу бачӀана чуял рачӀана

РикӀкӀадул форма

хисизабизе

ЦӀарсазул буго цолъул, дагьлъул ва гӀемерлъул формаби. Руго цо форма гурони гьечӀе, мисалалъе, цолъул форма гурони букӀунаро рокьи, сахлъи гӀадинал абстрактивиял цӀарсазул.

Руго цо-цо pluralia tantum рагӀаби: кагътал (хӀай, цолъул формаялда кагъат — жинда тӀад хъвадаризе хӀалтӀизабулеб жо), цӀороберал, цӀадираби. Гьабго тӀелалде гъорлъе рачине бегьула рос-лъади, эбел-эмен гӀадал рагӀабиги. Гьенирго руго батӀи-батӀиял росабазул гӀадамазде абулел цӀаралги, щай гурелъул гьезул корреляталлъун цолъул формаялда рукӀуна адъективал, жал топонимаздаса лъугьарал[2] (балагье Авар росабазул гӀадамазда абулел цӀарал).

Цо-цо цӀаразул цолъул формаялъул рукӀине бегьула цадахълъиялъул магӀнаги: гамачӀ — цо яги гӀемерал цадахъ, материал хӀисабалда.

Авар мацӀалда гӀемерлъул форма лъугьунел суффиксал рикьизе бегьула кӀиго тӀелалде:

  • Продуктивиял:
    • -аби[3] (ахиралда рагьарал ва суффиксалиял , ругел, ахирисеб рагьараб [+н] тӀагӀуна): дару — дар-аби, рагӀи — рагӀ-аби, хӀалтӀухъан — хӀалтӀухъ-аби;
    • -заби — гӀадамазда хурхарал цӀаразулъ: чапар — чапар-заби, гӀалим — гӀалим-заби, гьудул — гьудл-заби;
    • -ал — рагьукъаб ахиралда ругел рагӀабазулъ: бис — бис-ал, бер — бер-ал, кӀул — кӀулал; авар мацӀалъул жиндирго журарал аслу бугел рагӀабазулъ (тӀадецуй бугеб суффиксалъулъ) аслуялъул кӀиабилеб рагьаралъул лъугьуна редукция: гудур — гудр-ал, лъимер — лъим-ал, лъим — лъин-ал; къанагӀат суффикс -ал дандчӀвала ахиралда рагьараб бугеб битӀараб аслуялъулъ, жиндие гӀемерлъул формаялда редукция лъугьунеб: гьобо — гьабал; гӀурус мацӀалдаса рачӀарал рагӀабазулъ суффикс ккола тӀадецуй гьечӀеб ва редукция лъугьунаро: трактор — трактор-ал;
    • -ял — цожубараб CV аслу бугел рагӀабазулъ: къо — къо-ял, цӀа — цӀа-ял, чу — чу-ял, амма ца — ца-би, цӀва — цӀва-би, чӀва — чӀва-би;
  • Продуктивиял гурел:
    • -зал (цожубарал рагӀабазулъ): лагъ — лагъ-зал, нугӀ — нугӀ-зал, хур — хур-зал;
    • -дул, -ул (аслуялъул вокализм хисула V > у): гъадаро — гъудр-ул, кету — кут-ул, тӀегь — тӀугь-дул;
    • (аслу хисиялъул низам гьечӀел): тӀинчӀ — тӀанчӀ-и, хӀинчӀ — хӀанчӀ-и, гӀака — гӀач-и; гьабго цоцаца хиси хутӀула цо-цо жубараб аслу бугел рагӀабазулъ, жидер кӀиабилеб бутӀалъун -чи компонент бугел: захӀмат-чи — захӀмат-чагӀи, гӀолохъан-чи — гӀолохъ-аби;
    • -би (аслуялъул вокализм хисула V > у): кӀветӀ — кӀутӀ-би, гӀанса — гӀунсби, квартӀа — куртӀ-би.

ГӀемерлъул форма лъугьунеб супплетивияб къагӀида бихьизабун буго чӀужу — руччаби параялда. Гьединго дандчӀвала цо-цо рагӀабазул гӀемерлъул форма лъугьунеб кӀи-кӀи къагӀидабиги: хабар — хар-бал/хабарал, кету — кут-ул/кат-ал, хоб — хобал/хабал/хабзал ва ц. Гьениб параллелияб формабазул цояблъун ккола ударение гьечӀеб суффикс -ал, жинца цо ккураб къадар бихьизабулеб, гьебго заманалда гьелъул корелляталъ бихьизабула къадар гьечӀеб букӀин: дагьалго рукъал — гӀемарал рукъзал[4]. Цо-цо нухалда плюралисалъул батӀи-батӀияб формация гьабиялдалъун лексикияб магӀна хисула. Жибго гӀемерлъул формаялъул категория гуребги, авар мацӀалда буго дистрибутивияб гӀемерлъи бихьизабиялъул къагӀидаги (цӀарул аслу такрарлъиялдалъун): рокъо-рокъоре, рахъ-рахъалде.

ХӀалаталъул категория

хисизабизе
ГӀадатал
хисизабизе

Авар мацӀалда кинабниги буго 24 хӀалат, гьезул ункъго ккола гӀадатаблъун, хутӀараб 20 — бакӀалъул. ГӀадатал хӀалатазде гъорлӀе уна аслияб, жиб цӀаралъул битӀараб аслулъун кколеб, актив, хаслъул ва кьовул хӀалатал, жал хъвалсараб аслуялдаса лӀугьунел.

ХӀалат Суал Суффиксал хӀалтӀизабула
Аслияб хӀалат

(номинатив/абсолюютив)

щив? щий? щиб? щал?
  • унгутӀияб (транзитивияб-гуреб) фигӀлуялъул субъект бихьизабизе: жакъа цӀад бана;
  • аналитикиял континуалиял формабазда транзитивиял фигӀлабазул субъект бихьизабизе (номинативияб конструкция): бацӀги церги давла бикьулел рукӀана[5];
  • транзитивияб фигӀлуялъул пациенс (битӀараб тӀадежубай) бихьизабизе: васас кагъат хъвана; гьабго модель хутӀула гьединго лугбузул багъа-бачари бихьизабулел фигӀлаби ругел жумлабаздаги: Дица, бералги къанщун, бетӀер гьанкӀезабуна;
  • жубараб предикаталъул цӀарулаб бутӀаялда -лъун бутӀагун цадахъ: гьурилъун роржун ана сонал.
  • хитӀаб гьабиялда;
  • аппозитивиял конструкциязда, гӀемерисеб гӀагарлъиялда хурхарал терминазда, хӀалтӀи-пишаялъул цӀаразда, топонимазда ва ц.: дирго вац МухӀамадкамил; гьанибго бегьула аслияб хӀалат батӀи-батӀиял дандраязда цадахъ букӀинеги: Щибаб кечӀ тӀаде вачӀунев гьобол гӀадин букӀуна;
  • бутӀрул хъваялда, суратазда гъоркьваязда, къамусияб ва абулеб форма хӀисабалда.
Актив хӀалат

(эргатив)

лъица? сунца? -с/-лъ/-ца
  • транзитивияб фигӀлуялъул агенс бихьизабизе (эргативияб конструкция): Ханас гьесухъе чи витӀанила;
  • инструменталияб тӀадежубайлъун: васас къалмица сурат бахъана;
  • иш лъугунеб куцалъул хӀаллъун: дунго матӀуялъ вихьана;
  • заманалъул хӀаллъун: гьеб къоялъ ниж дандчӀвана;
  • бакӀалъул ва гӀилла-мурадалъул хӀаллъун: гӀемер хъвадариялъ килщал унтула.
Хаслъул хӀалат

(генетив)

лъил? сундул? -(у)л
  • щиб букӀанги сундуе букӀанги кколеб букӀин бихьизабизе: инсул рукъ, тӀехьалъул жилд, гьоболасул чу;
  • киналдасаго бутӀа бихьизабизе: гӀадамасул берал, кочӀол рагӀаби, нусалъул бал;
  • щиб букӀаниги кинаб букӀаниги материалалъул гьабураб букӀин бихьизабизе: меседил баргъич, щагӀил гъадаро, цӀулал гъуд;
  • гӀемерлъиялдаса цо элемент бихьизабизе: рекӀаразул цевехъан;
  • субъекталъул иш/хӀал бихьизабизе: гӀалимзабазул бахӀс, бетӀералъул унти, рекӀел кьаби; шартӀияб къагӀидаялъ гьанибго бачине бегьула субъект — ишалъул хӀасил бихьизабиги[6]: моцӀрол канлъи, зурма-къолол гьаракь;
  • гӀуцӀулеб элементалъул къадар бихьизабизе: лъел гӀеретӀ, ханждал хъап, тӀорщалил роцен;
  • группаялъул гӀуцӀи бихьизабизе: тӀогьол квацӀи, ясазул тӀел, боцӀул рехьед;
  • гӀаммаб баянлъиялъул гьоркьолъи бихьизабизе: рокьул гӀаламат, эркенлъиялъул бакънал, лъикӀаб тайпаялъул айгъир;
  • заманалъул гьоркьолъи бихьизабизе: роол гӀуж, хасалил сордо, ихдалил заман;
  • бакӀалъул гьоркьолъи бихьизабизе: авлахъалъул тӀугьдул, росдал гӀадамал;
  • гӀаламатазул ва гьел тӀаде кколезул гьоркьолъи бихьизабизе: мугӀрузул борхалъи, гӀадамасул чӀухӀи, халичабазул гьайбатлъи;
  • сундуе букӀаниги щиб букӀаниги жо хӀалтӀизаби: чол тӀикъва, оцазул рукь;
  • тӀаде цӀаялъулаб конструкциялъул субъект бихьизабизе: Гьав ханасул йикӀанила цӀакъ берцинай цо яс;
  • цо-цо фигӀлабигун хъвалсараб тӀадежубай хӀисабалда: Киназго жиде-жидер поэзи-ялъул, халкъазул бицана.
Кьовул хӀалат (датив) лъие? сундуе? -е
  • цӀаралъ гьабулеб иш цогиялдехун буссараб букӀин бихьизабизе: дица васасе кумек гьабуна;
  • бокьизе фигӀлуялда субъект бихьизабизе: дие мун йокьула;
  • цогидал предикалгун цадахъги: Цо замандаласан бацӀи-е-ги цара-е-ги кӀи-кӀи тӀинчӀ гьабун буго.
БакӀалъулал
хисизабизе

БакӀалъул хӀалатаз рихьизарула меслъиялъул, иналъул, багъариялъул ва цогидал магӀнаби. Рикьула хадусел тӀелазде:

  • локатив яги чӀовул хӀалатал (суффикс ) жидеца бугеб бакӀ бихьизабулел, цо хӀалалда сасиналъул, чӀеялъул магӀна бичӀизабулел;
  • аллатив яги рачӀул хӀалатал (суффикс ), жидеца кибехун букӀаниги рачӀин/ин бихьизабулел (букӀине бегьула -хун бутӀагун);
  • аблатив яги ратӀалъул (суффикс -са), жидеца сундаса букӀаниги киса букӀаниги батӀалъун ин бихьизабулел;
  • транслатив (суффикс ), жинца сунда жанисаниги ин бичӀчӀизабулеб.

Локализациялъул суффиксазде балагьун, хӀалатазул щибаб тӀелги бикьула щу-щу сериязде:

ХӀалат Серия/хӀалат Суал Суффиксал
Локатив I/жинда хӀалат лъида? сунда? -да/--тӀа
II/жиндихъ хӀалат лъихъ? сундухъ? -хъ
III/жиндилъ хӀалат лъилъ? сундулъ? -лӀ
IV/жиндикь хӀалат лъикь? сундукь? -кь
V/жаниб хӀалат киб? -в/-й/-б/-р
Аллатив I/жинде хӀалат лъиде? сунде? -д-е
II/жиндихъе хӀалат лъихъе? сундухъе? -хъ-е
III/жиндилъе хӀалат лъилъе? сундулъе? -лӀ-е
IV/жиндикье хӀалат лъикье? сундукье? -кь-е
V/жанибе хӀалат кибе? -в-е/-й-е/-б-е/-р-е
Аблатив I/жиндаса хӀалат лъидаса? сундаса? -д-а-са
II/жиндихъа хӀалат лъихъа? сундухъа? -хъ-а
III/жиндилъа хӀалат лъилъа? сундулъа? -лӀ-а
IV/жиндикьа хӀалат лъикьа? сундукьа? -кь-а
V/жаниса хӀалат киса? -са
Транслатив I/жиндасан хӀалат лъидасан? сундасан? -д-а-сан
II/жиндихъан хӀалат лъихъан? сундухъан? -хъ-ан
III/жиндилъан хӀалат лъилъан? сундулъан? -лӀ-ан
IV/жиндикьан хӀалат лъикьан? сундукьа(н)? -кь-ан
V/жанисан хӀалат кисан? -сан

БакӀалъул хӀалтал сериязде балагьун, хӀалтӀизарула:

  • I серия — щиб букӀаниги лъиде/сунде букӀнии данде ккун тӀадехун букӀин (локатив), тадехун ин/бачӀин (аллатив), тасӀа ин/бачӀин (аблатив), тӀасан ин/бачӀин (транслатив) бичӀчӀизабизе;
  • III серия — щиб букӀаниги лъида/сунда букӀаниги гӀагарлъухъ букӀин (локатив), гӀагарлъухъе ин/бачӀин (аллатив), гӀагарлъухъа ин/бачӀин (аблатив), гӀагарлъухъан ин/бачӀин (транслатив) бичӀчӀизабизе;
  • III серия — щиб букӀаниги лъида/сунда букӀаниги гъорлъ букӀин (локатив), гъорлъе ин/бачӀин (аллатив), гъорлъа ин/бачӀин (аблатив), гъорлъан ин/бачӀин (транслатив) бичӀчӀизбизе;
  • IV серия — щиб букӀаниги лъида/сунда букӀаниги гъоркь букӀин (локатив), гъоркье ин/бачӀин (аллатив), гъоркьа ин/бачӀин (аблатив), гьоркьан ин/бачӀин (транслатив) бичӀчӀизабизе;
  • V серия — щиб букӀаниги сунда букӀаниги жаниб букӀин (локатив), жинибе ин/бачӀин (аллатив), жаниса ин/бачӀин (аблатив), жанисан ин/бачӀин (транслатив) бичӀчӀизабизе;

Гьел хӀалатазул гьединго хӀалтӀизарула бакӀазул магӀнаялда гуребги, цогидаб магӀнаялдаги. Бищун гӀемер хӀалтӀизабулеб I сериялъул локатив:

  • рекӀее асар лӀугьиналъул фигӀлабигун субъект бихьизабизе: васасда гьеб бичӀчӀана, дида кинабго жо кӀочон тана;
  • адресатияб ва цогидал тӀадежубаял рихьизаризе: АбутӀалибица авар мацӀалда дие жиндирго цӀияб кечӀ цӀалана;
  • физикияб асар гьабиялъул фигӀлабазул объект гьабизе: дос таманча речӀана долда;
  • дандекквеялъул объект лӀугьинабизе: гьев вукӀана вацасдаса къуватав вуго.

ЦӀаралъул свери

хисизабизе

Авар мацӀалъул цӀарал, жидер актив игӀрабалда букӀунеб ахиралде балагьун, рикьула лъабго свериялде; I свериялъул ахиралда букӀуна -с, II свериялъул — -лъ, III свериялъул — -ца.

тӀоцебесеб свериялда рекъон рачӀуна гӀемерисел чиясул жинсалъул гӀаммал цӀарал, чиясул жинсалъул жидер ахиралда жинсияб гӀаламат бугел хасал цӀарал (-ав ахиралда ругел авар хъизан-цӀаралги), гьединго -ов, -ев ахирал ругел фамилиялги[7], .

чи, вац, Хириясулав, ГӀумаров
ИгӀраб Цолъул форма
Аслияб чи вац Хириясулав ГӀумаров
Актив чи-яс вац-ас Хириясул-ас ГӀумаров-ас
Хаслъул чи-яс-ул вац-ас-ул Хириясул-ас-ул ГӀумаров-ас-ул
Кьовул чи-яс-е вац-ас-е Хириясул-ас-е ГӀумаров-ас-е
ЧӀовул

(локатив)

жинда игӀраб чи-яс-да вас-ас-да Хириясул-ас-да ГӀумаров-ас-да
жиндихъ игӀраб чи-яс-ухъ вац-ас-ухъ Хириясул-ас-ухъ ГӀумаров-ас-ухъ
жиндилъ игӀраб чи-яс-улъ вац-ас-улъ Хириясул-ас-улъ ГӀумаров-ас-улъ
жиндикь игӀраб чи-яс-укь вац-ас-укь Хириясул-ас-укь ГӀумаров-ас-укь
жаниб игӀраб
РачӀул

(аллатив)

жинде игӀраб чи-яс-де вац-ас-де Хириясул-ас-де ГӀумаров-ас-де
жиндихъе игӀраб чи-яс-ухъе вац-ас-ухъе Хириясул-ас-ухъе ГӀумаров-ас-ухъе
жиндилъе игӀраб чи-яс-улъе вац-ас-улъе Хириясул-ас-улъе ГӀумаров-ас-улъе
жиндикье игӀраб чи-яс-укье вац-ас-укье Хириясул-ас-укье ГӀумаров-ас-укье
жанибе игӀраб
РатӀалъул

(аблатив/транслатив)

жиндаса(н) игӀраб чи-яс-даса(н) вац-ас-даса(н) Хириясул-ас-даса(н) ГӀумаров-ас-даса(н)
жиндихъа(н) игӀраб чи-яс-ухъа(н) вац-ас-ухъа(н) Хириясул-ас-ухъа(н) ГӀумаров-ас-ухъа(н)
жиндилъа(н) игӀраб чи-яс-улъа(н) вац-ас-улъа(н) Хириясул-ас-улъа(н) ГӀумаров-ас-улъа(н)
жиндикьа(н) игӀраб чи-яс-укьа(н) вац-ас-укьа(н) Хириясул-ас-укьа(н) ГӀумаров-ас-укьа(н)
жаниса(н) игӀраб

кӀиабиле свериялда рекъон рачӀуна чӀужуялъул жинсалъул гӀаммал цӀарал ва цо-цо, жидер ахиралда жинсияб гӀаламат бугел, хасал цӀарал, гьоркъохъеб жинсалъул лъикӀаланго гӀаммал ва хасал цӀарал[7]. Аслияб игӀрабалда -ия, -ие абурал ахираздалъун лъугӀулел батӀиял мацӀаздаса рачӀарал цӀарал игӀрабазде сверулаго, ахирияб / гьаракь гьоркьоса тӀагӀуна, амма руго гьоркьосарахъиялги, мисалалъе, школа, аптека гӀадал рагӀаби

чӀужу, яц, рукъ, хӀули
ИгӀраб Цолъул форма
чӀужуялъул жинс гьоркьохъеб жинс
Аслияб чӀужу яц рукъ хӀули
Актив чӀужу-ялъ яц-алъ рукъ-алъ хӀули-ялъ
Хаслъул чӀужу-ялъ-ул яц-алъ-ул рукъ-алъ-ул хӀули-ялъ-ул
Кьовул чӀужу-ялъ-е яц-алъ-е рукъ-алъ-е хӀули-ялъ-е
ЧӀовул

(локатив)

жинда игӀраб чӀужу-ял-да яц-ал-да рукъ-ал-да хӀули-ял-да
жиндихъ игӀраб чӀужу-ялъ-ухъ яц-алъ-ухъ рукъ-алъ-ухъ хӀули-ялъ-ухъ
жиндилъ игӀраб чӀужу-ялъ-улъ яц-алъ-улъ рукъ-алъ-улъ хӀули-ялъ-улъ
жиндикь игӀраб чӀужу-ялъ-укь яц-алъ-укь рукъ-алъ-укь хӀули-ялъ-укь
жаниб игӀраб рукъ-алъ-уб(в/й/р)
РачӀул

(аллатив)

жинде игӀраб чӀужу-ял-де яц-ал-де рукъ-ал-де хӀули-ял-де
жиндихъе игӀраб чӀужу-ялъ-ухъе яц-алъ-ухъе рукъ-алъ-ухъе хӀули-ялъ-ухъе
жиндилъе игӀраб чӀужу-ялъ-улъе яц-алъ-улъе рукъ-алъ-улъе хӀули-ялъ-улъе
жиндикье игӀраб чӀужу-ялъ-укье яц-алъ-укье рукъ-алъ-укье хӀули-ялъ-укье
жанибе игӀраб рукъ-алъ-убе
РатӀалъул

(аблатив/транслатив)

жиндаса(н) игӀраб чӀужу-ял-даса(н) яц-ал-даса(н) рукъ-ал-даса(н) хӀули-ял-даса(н)
жиндихъа(н) игӀраб чӀужу-ялъ-ухъа(н) яц-алъ-ухъа(н) рукъ-алъ-ухъа(н) хӀули-ялъ-ухъа(н)
жиндилъа(н) игӀраб чӀужу-ялъ-улъа(н) яц-алъ-улъа(н) рукъ-алъ-улъа(н) хӀули-ялъ-улъа(н)
жиндикьа(н) игӀраб чӀужу-ялъ-укьа(н) яц-алъ-укьа(н) рукъ-алъ-укьа(н) хӀули-ялъ-укьа(н)
жаниса(н) игӀраб рукъ-алъ-уса(н)

Лъабабилеб свериялда рекъон сверула чиясул ва чӀужуялъул жинсалъулги хасал цӀарал, гьоркьохъеб жинсалъул гӀезагӀанго цӀарал. Лъабабилеб свериялда рекъон рачӀунел гьоркьохъеб жинсалъул рагӀабазул кьибилалъулъ лъугьуна флексия: ракӀ — рекӀе-ца, цо-цо рагӀабазул актив игӀрабалда бачӀине бегьула, гӀурус мацӀалдаса рачӀарал рагӀабазул ахиралдаса тамахаб ишара тӀагӀуна[7].

МухӀамадкамил, ПатӀимат, ракӀ, рахь
ИгӀраб Цолъул форма ГӀемерлъул форма
чиясул жинс чӀужуялъул жинс гьоркьохъеб жинс
Аслияб МухӀамадкамил ПатӀимат ракӀ рахь
Актив МухӀамадкамили-ца ПатӀимати-ца рекӀе-ца рахьда-ца
Хаслъул МухӀамадкамили-л ПатӀимати-л рекӀе-л рахьда-л
Кьовул МухӀамадкамили-е ПатӀимати-е рекӀе-е рахьда-е
ЧӀовул

(локатив)

жинда игӀраб МухӀамадкамили-да ПатӀимати-да рекӀе-да рахьда-да
жиндихъ игӀраб МухӀамадкамили-хъ ПатӀимати-хъ рекӀе-хъ рахьда-хъ
жиндилъ игӀраб МухӀамадкамили-лъ ПатӀимати-лъ рекӀе-лъ рахьда-лъ
жиндикь игӀраб МухӀамадкамили-кь ПатӀимати-кь рекӀе-кь рахьда-кь
жаниб игӀраб
РачӀул

(аллатив)

жинде игӀраб МухӀамадкамили-де ПатӀимати-де рекӀе-де рахьда-де
жиндихъе игӀраб МухӀамадкамили-хъе ПатӀимати-хъе рекӀе-хъе рахьда-хъе
жиндилъе игӀраб МухӀамадкамили-лъе ПатӀимати-лъе рекӀе-лъе рахьда-лъе
жиндикье игӀраб МухӀамадкамили-кье ПатӀимати-кье рекӀе-кье рахьда-кье
жанибе игӀраб
РатӀалъул

(аблатив/транслатив)

жиндаса(н) игӀраб МухӀамадкамили-даса(н) ПатӀимати-даса(н) рекӀе-даса(н) рахьда-даса(н)
жиндихъа(н) игӀраб МухӀамадкамили-хъа(н) ПатӀимати-хъа(н) рекӀе-хъа(н) рахьда-хъа(н)
жиндилъа(н) игӀраб МухӀамадкамили-лъа(н) ПатӀимати-лъа(н) рекӀе-лъа(н) рахьда-лъа(н)
жиндикьа(н) игӀраб МухӀамадкамили-кьа(н) ПатӀимати-кьа(н) рекӀе-кьа(н) рахьда-кьа(н)
жаниса(н) игӀраб

ГӀемерлъул формаялда ругел цӀарал игӀрабазде свери.

вацал, яцал, рукъзал, ракӀал
ИгӀраб ГӀемерлъул форма форма
I свери

ч. ж.

II свери

чӀ. ж.

II свери

гь. ж.

III свери

гь. ж.

Аслияб вацал яцал рукъзал ракӀал
Актив вац-аз яц-аз рукъзаб-аз ракӀ-аз
Хаслъул вац-аз-ул яц-аз-ул рукъзаб-аз-ул ракӀ-аз-ул
Кьовул вац-аз-е яц-аз-е рукъзаб-аз-е ракӀ-аз-е
ЧӀовул

(локатив)

жинда игӀраб вас-аз-да яц-аз-да рукъзаб-аз-да ракӀ-аз-да
жиндихъ игӀраб вац-аз-ухъ яц-аз-ухъ рукъзаб-аз-ухъ ракӀ-аз-ухъ
жиндилъ игӀраб вац-аз-улъ яц-аз-улъ рукъзаб-аз-улъ ракӀ-аз-улъ
жиндикь игӀраб вац-аз-укь яц-аз-укь рукъзаб-аз-укь ракӀ-аз-укь
жаниб игӀраб
РачӀул

(аллатив)

жинде игӀраб вац-аз-де яц-аз-де рукъзаб-аз-де ракӀ-аз-де
жиндихъе игӀраб вац-аз-ухъе яц-аз-ухъе рукъзаб-аз-ухъе ракӀ-аз-ухъе
жиндилъе игӀраб вац-аз-улъе яц-аз-улъе рукъзаб-аз-улъе ракӀ-азс-улъе
жиндикье игӀраб вац-аз-укье яц-аз-укье рукъзаб-аз-укье ракӀ-аз-укье
жанибе игӀраб
РатӀалъул

(аблатив/транслатив)

жиндаса(н) игӀраб вац-аз-даса(н) яц-аз-даса(н) рукъзаб-аз-даса(н) ракӀ-аз-даса(н)
жиндихъа(н) игӀраб вац-аз-ухъа(н) яц-аз-ухъа(н) рукъзаб-аз-ухъа(н) ракӀ-аз-ухъа(н)
жиндилъа(н) игӀраб вац-аз-улъа(н) яц-аз-улъа(н) рукъзаб-аз-улъа(н) ракӀ-аз-улъа(н)
жиндикьа(н) игӀраб вац-аз-укьа(н) яц-аз-укьа(н) рукъзаб-аз-укьа(н) ракӀ-аз-укьа(н)
жаниса(н) игӀраб
  1. ^ Oxford 2020, гь. 248.
  2. ^ арский язык. Морфология, категория числа. Атаев, Алексеевв
  3. ^ Атаевасул ва Алексеевасул Авар мацӀалда гьединго рехсон буго гьаб аффикс продуктивияб букӀиналъ, гьалъ ахиралда бугел рагӀабазулги лъугьинарулин гӀемерлъул форма абун: маргьа — маргьаби, къункъра — къунр-аби, ракета — ракет-аби
  4. ^ Сулеманов. 1985
  5. ^ Конструкция буго номинатив-абсолютив, «бацӀги церги» — кӀиябго цӀар, субъектал (агенсал) — буго номинативалда, «давла» — объект (пациенс) буго абсолютивалда.
  6. ^ арский язык. Категория падежа. Атаев, Алексеевв
  7. ^ a b c Авар мацӀ. М.-С. СагӀидов