Авар энклитикал
БутӀабаз жумлаялда жаниб цо-цо рагӀабазде тӀаде жураялдалъун гьел рагӀабазе батӀи-батӀияб магӀна кьола. Жибго батӀаго босун цониги бутӀа каламалда жаниб хӀалтӀизабуларо, гьелъул жиндирго магӀнаги букӀунаро. гӀемерисел бутӀабаз рагӀабазул магӀна батӀи-батӀияб рахъалдаса кутаклъизе, мухӀканлъизе гьабула. Цо-цо мехалда гьел хӀалтӀизарун рукӀине бегьула суффиксазул бакӀалдаги. Авар мацӀалда гӀемер руго бутӀабазул кумакалдалъун лъугьарал тӀадрагӀаби, рикӀкӀенал, ва гь. ц.: щай — щай-го, кида — кида-го, щуго — щу-цӀул, нусго — нус-цӀул. БутӀабазул кумакалдалъун лъугьуна цӀиял рагӀабиги: масала, фигӀлуялъул суалияб хисизаби форма: босула — босул-ищ, кьола — кьол-ищ. Цо-цо бутӀабаз кӀалъалесул рекӀел асар загьир гьабула; гьелда рекъон рагӀул интонация хисизабизе ккола, логикияб ударение гьеб рагӀуде тӀаде кколедухъ[1]. БутӀабазул тӀелал:
- тӀадрагӀабазул магӀна кьолел: -гӀан, -го, -са, -хун, -лъул, -духъ, -лъун, -ги
- дандекквеялъул магӀна кьолел: -гӀан, -гӀанаб, -гӀадинаб (гӀадаб), гӀадин, кинигин
- къадар бихьизабулел: -гӀан, -го
- батӀагьабиялъул: -цин, -ни, -ин, -йин
- баян гьечӀолъи бичӀчӀизабулел: -алиго, -ялиго
- цадахълъи бихьизабулел: -гун (-гин)
- суалиял: -ищ, -йищ, -дай
- цитатиял: -ан, -ян, -илан, -йилан
- рагӀул магӀна гучлъизабулел: -ин, -йин, -али, -яли, -гӀаги, -го, -цин, -ха, -я, -щинаб.
Гьел тӀадехун рехсаразде гьорле унарел бутӀаби:
- -гутӀи (гьечӀолъиялъул магӀна кьола)
- -лъун (щивлъун? щийлъун? щиблъун? щаллъун? суалазе жаваблъун рачӀунел рагӀабигун хӀалтӀизабула)
- гӀоло (мурад бихьизабула)
- хӀакъалъулъ (лъил яги сундул бицунеб бугебали баян гьабула)
- -хӀа (гьедиялъул форма лъугьине хӀалтӀизабула)
- -ани (анищалъул магӀна кьола).
ГӀемерисел бутӀаби авар мацӀалда хъвала жал хурхарал рагӀабазда рекӀун, гьеб асасалдаса гьоркьосарахъиял руго хадусел:
- ГӀоло, гӀадаб (гӀадинаб). хӀакъалъулӀ, гӀадин, кинигин хъвала ратӀа тӀун.
- БитӀараб калам баян гьарулел цитатиял бутӀаби -ан, -ян хъвала тиреялдаса хадур.
- илан, йилан ругел бутӀаби хъвала гьел хурхарал рагӀабаздаса дефисаллъги ратӀа гьарун.
- ^ Авар мацӀ (М.-С. СагӀидов)