Административияб центер
Административияб центер ккола бокьараб административияб гІуцІиялъул, тІоцебесеб, кІиабилеб ялъуни лъабабилеб даражаялъул (област, край, автономияб республика, провинция, штат, департамент гІадинал) официалияб бетІераб шагьар (росу, посёлок). Административияб централда рукІуна пачалихъияб хІакимлъиялъул ва бакІалъул даражаялъул нухмалъул гуІцІаби:
- бакІалъул бетІерасул (бетІер, губернатор, префект гІадал) резиденция;
- бакІалъул парламент (къануназул гІуцІи);
- пачалихъиял хІакимлъабазде данде кколел гІуцІалабазую хІакимзаби;
Администратияб централъул букІуна инфраструтктура, жиндалъул цоги гІадамал чІарал бакІалгун жиб бухьараб; марказалъул букІуна гІураб экономикияб, културияб ва кадрабазулаб потенциал, жиндалъул нухмалъи гьабулеб. ГІемерисел пачалихъабазда администратияб центер ккола регионазул бищун чӀахӀиял шагьарал.
ЧиядбачІеб суверенияб пачалихъалъул бетІераб шагьаралда абула тахшагьар–илан.