Алвеоларияб латералаб эйективияб аффрикат

Алвеоларияб латералаб эйективияб аффрикатрагьукъаб гьаракь, жиб цо-цо кӀалъалеб мацӀалда хӀалтӀизабулеб. Интернационалаб фонетикияб алфабеталда гьеб гьаракь бихьизабизе хъвалеб симбол буго ⟨t͡ɬʼ⟩ (яги ⟨tɬʼ⟩), Американистияб фонетикияб нотациялда хӀалтӀизабула ⟨ƛʼ⟩.

Алвеоларияб латералаб эйективияб аффрикат
tɬʼ
ИФА номер103 (148) 401
Гьедингоƛ’, ƛ̣
Аудио
Кодификация
Рижа (decimal)t​͡​ɬ​ʼ
Юникод (hex)U+0074 U+0361 U+026C U+02BC
Интенсивияб алвеоларияб латералаб эйективияб аффрикат
tɬːʼ
Гьедингоƛ̣:
Аудио

Ружби хисизабизе

Алвеоларияб латералаб эйективияб аффрикаталъул ружби:

  • Элъул абул куц буго аффрикатаб: эб гьаракь бахъула хӀухьалил чвахи тӀобан чӀезабун, хада цинги хӀухьалил чвахи абул бакӀалъул дандекъараб каналалъусан биччан, турбуленцияги лӀугьинабун.
  • Элъул абул куц буго алвеоларияб: эб гьаракь бахъулаго мацӀалзул тӀогь яги ракьан алвеоларияб агӀида хъван, гьелда рекъон апикалаб–илан ва ламиналаб–илан абула.
  • Элъул фонация буго гъугъаб: эб бахъула гьаркьил рухьадазул сороди гьечӀого.
  • Эб буго кӀалзул рагьукъаб: эб бахъулаго хӀухьел къватӀибе бачӀуна цохӀо кӀалдисан.
  • Эб буго латералаб рагьукъаб:эб бахъула хӀухьалил чвахи мацӀалзул хьолбохъан битӀиялдалъун, бакьулӀан гъоркье гуреб.
  • ХӀухьел чвахул механизм буго эйективияб (глотталаб эгрессив): хӀухьел къватӀибе цула гьаркьил кьватӀел (глоттис) эххеде хӀалуцинабун.

ХӀалтӀизаби хисизабизе

МацӀ РагӀи ИФА МагӀна Баян
Авар кьӀад [t͡ɬʼäd] 'тӀад' Фонема данчӀвала диалектазулӀ, ралагье Авар свералаби.
Гьайда sttluujagadang [st͡ɬʼuːt͡ʃakataŋ] Sphyrapicus тайпадул хӀинчь
Ираку[1] hatlʼáʼ [hat͡ɬʼáʔ] 'цогидаб'
Кабарди Беслен лӏы [t͡ɬʼə] 'чи' Дандеккола цогидал диалектазда бугеб [ɬʼ] гьаркьие.
Клаллам ƛ̕əm̕éʔqʷnəxʷ [t͡ɬʼ(ə)ˈmˀeʔqʷn(ə)xʷ] 'лъачӀого бетӀер кьабизе'
Лиллуэт st'át'imcets [ˈst͡ɬʼæt͡ɬʼjəmxət͡ʃ] 'лиллуэт мацӀ'
Навагьо tłʼóoʼdi [t͡ɬʼóːʔtɪ̀] 'къватӀиб'
Сагьаптин ƛ’ɨƛ’k [mɨˈt͡ɬʼɨt͡ɬʼk] 'хӀарщ'
Шишалъ ch'álhch'ílh [tʃʼat͡ɬ.tʃʼet͡ɬ] 'Erithacus rubecula хӀинчь'
Лъинкит tlʼeex [t͡ɬʼix] 'кьищни'
Лушуцид sq̓aƛ̕ [sqʼɑt͡ɬʼ] 'пурх'
ЦӀунтасезул кьиш [t͡ɬʼɪʃ] 'рекел'

Прото-семитияб *ṣ́ рикӀкӀуна алвеоларияб латералаб эйективияб аффрикат букӀун бугилан.

Интенсивияб хисизабизе

Авар стандарталда гьоркьосахъи гьечӀого данчӀвала алвеоларияб латералаб эйективияб аффрикаталъул интенсивияб форма.

МацӀ РагӀи ИФА
Авар кьалаб [t͡ɬʼalab]

МугъчӀваял хисизабизе

  1. Mous, Maarten. 1993. A grammar of Iraqw. Hamburg: Buske.

КъватӀисел регӀелал хисизабизе

  • [tɬʼ] гьаракь бугел мацӀал PHOIBLE сайталда