Аль-ГӀазиму
Аль-ГIазиму (гIараб мацIалда العظيم). ГIазим абураб цIар, байбихьуда гьеб лъуна черх бугеб жоялда.
Масала, цо черх цоги черхалдаса халалъиялъул, гIеблъиялъул, гъварилъиялъул рахъалъ цIикIкIараб бугони, нилъеца абула: «Гьаб черх гьалдаса кIудияб (гIазим) буго» абун. КIудияб черхги букIуна бераз жанибе бачине кIолебги, жанибе бачине рес гьечIебги, зоб-ракьалда релълъун.
Мисалалъе босани, пил ккола кIудияб черх бугеб хIайван, кинниги беразда гьеб жаниб бачине кIола, ай, гьелде щвечIеб жоялде данде ккун, кIудияб ккола. Зоб-ракьин абуни, бераз гьеб жанибе бачине рес гьечIо. Гьеб ккола беразда рихьулел жалазда гьоркьор мутIлакъго «гIазимлъун» кколеб жо. Гьединго гIакълу жинда нахъгIунтIулел жалги батIи-батIиял рукIуна: гIакълу нахъгIунтIулелги, нахъгIунтIуларелги. ГIакълу нахъгIунтIуларел жалги кIийиде рикьула: нахъгIунтIизе рес бугелги, рес гьечIелги. Гьеб ккола мутIлакъго кIудияб жо (гIазим), гIакълу нахъгIунтIулеб гIорхъи жинца бахараб. Гьевги ккола ТIадегIанав Аллагь. Лагъзадерида гьоркьоса кIудияв («гIазим») ккола аварагзабиги гIалимзабиги, гIакъилав чиясда жидер сифатаздаса дагьабгIаги жо лъараб мехалъ, гьездехун бугеб рокьилялъул жиндир ракI цIолев. Авараг ккола жиндир умматалда жанив гIазим (кIудияв), шайих ккола жиндир муридзабазда гьоркьов гIазим (кIудияв), мугIаллим ккола жиндир мутагIиласе гIазим. ТIадегIанав Аллагьасул хутIизегIан, хутIарал жалазул кIодолъи ккола цо-цо жоялде дандеккун бугеб кIодолъи. Аллагьасул кIодолъийин абуни, гьеб ккола мутIлакъаб кIодолъи. [1]