Ал-Вадуду (гIараб мацIалда الودود). «Ал-Вадуд» ккола кинабниги халкъалъе лъикIлъи букIине Жиндие бокьулев ва гьезие лъикIлъиги ва рец-бакъги гьабулев.

Гьаб цIаралъулги «Ар-РахIим» абураб цIаралъулги магIна релълъараб буго. Амма «рахIим» ккола, жив хIажатав, чара-рес къотIарав ва загIипав чиясда гурхIун гьесие лъикIлъи ва кумек гьабулев. «Вадуд» абуни, хIажалъи гьечIониги ва гьаричIониги лъикIлъи гьабулев чиясда абула. Лагъзадерида гьоркьоса «Ал-Вадуд» ккола, жиндиего бокьулебщинаб жо Аллагьасул махлукъаталъеги бокьулев чи. Гьесдасаги тIадегIанав «вадуд» ккола, жиндасагоцин гьеб махлукъат тIаса бищулев ва цере гьарулев. Цо пуланав чияс абураб гIадин: «Дие бокьилаан жужахIалда тIад бугеб кьолъун вукIине ва гIадамал жинда тIасан жиндие заралги ккечIого дорехун ине», – абун.

Лагъасул «Ал-Вадуд» абураб цIаралъул камиллъи букIуна цоги чагIаца жиндиего гьабураб заралалъ ва гьезде ццим бахъиялъ гьезие лъикIлъи гьабиялдасаги гьел жиндасаго тIаса рищиялдасаги жив нахъчIвангутIиялдалъун. Кафурзабаца жиндирго цаги бекун гьумералдаса биги чвахизабун бугеб хIалалъ свалат-салам лъеяв Аварагас абураб гIадин: «Я дир БетIергьан Аллагь! Гьаб дир къавм битIараб нухдеги тIобитIун гьезул мунагьал чуре, гьезда хIакъикъат лъалеб гьечIо». (Бухари, Муслим) Тушбабаца жиндийго гьабураб зарал-къварилъиялъ гьев гьезие лъикIлъи бокьиялдаса нахъчIвачIо. Гьединго свалат-салам лъеяв Аварагас жиндаса Аллагь разилъаяв ГIалиасхIабасда бицана абуна: «Аллагьасде гIагарлъараздаса цеве ккезе бокьани, дудехун гьоркьоблъи къотIизабулев чигун хурхен гьабе, дуе кьечев чиясе дуца кье, дуда зулму гьабурав чиясдаса мун тIасаги лъугьа», – ян. (АхIмад) [1]

→ → хисизабизе

Примечания хисизабизе

  1. "Аллагьасул берцинал цIарал, МухIаммадгIариф РАМАЗАНОВ" (PDF). Архивация (PDF) оригиналалдаса (2011-05-01). Халагьи 2011-05-01.