Ал-ВасигIу (гIараб мацIалда الواسع). Жив гIатIидав.

Гьеб ккола «гIатIилъи» абураб рагIиялдаса бачIараб жо. «гIатIилъи» абураб жо гIелмуялъулъ букIуна, гьеб гIелму гIатIидабги ва гIемерабги бугони. Гьединго гIатIилъи букIуна цогиязе лъикIлъи гьабиялъулъ ва гьезие нигIматал кьеялъулъ. Киниса хал гьабуниги мутIлакъав «Ал-ВасигI» ккола ТIадегIанав Аллагь. Щайин абуни, Гьесул гIелму босани, жиндир рагIал гьечIеб ралъадлъун ккола гьеб. Киналго ралъадал Гьесул гIелму хъвалеб шакъилъун рукIаралани, гьеб хъвалаго гьел тIагIинаан. Гьес нигIматал кьей ва лъикIлъи гьаби босани, гьелъиеги лъугIунккей гьечIо. КинабгIаги гIатIилъи, кигIан кIудияб батаниги, гьелъул рагIал букIуна. Амма гьеб цIаралъе рекъараб магIна букIуна «жиндие лъугIунккей гьечIеб гIатIилъи», – абураб. МутIлакъав «Ал-ВасигI» ккола ТIадегIанав Аллагь. Лагъасул гIатIилъи гьесул лъаялъулъги тIабигIаталъулъги букIуна. Гьесул гIемерал гIулумал ратани, гьев ккола гьесул гIелмуялъул гIатIилъиялъул къадаралда «васигI». Гьединго гьесул тIабигIат-гIамал гIатIилъани ва мискинлъиялда хIинкъи, хIасад гьаби, ццим бахъин, хъантIи гIадал сифатаз гьеб къваридги гьабичIони, гьев ккола «васигI». Амма гьесулъ гьелъул лъугIунккей, ахир букIуна. ХIакъикъияв «Ал-ВасигI» ккола ТIадегIанав Аллагь. [1]

Примечания

хисизабизе
  1. ^ Аллагьасул берцинал цIарал, МухIаммадгIариф РАМАЗАНОВ