Ал-Жалилу (гIараб мацIалда الجليل). Жив кIудияв.

Гьелъул мурад ккола киналниги гьайбатал сипатал Жиндие ругев абураб. Гьайбатал сипаталлъун рикIкIуна тIадегIанлъи, ханлъи, вацIцIалъи, гIелму, бечелъи, хIалкIолъи ва цогидал нилъеца рехсарал сипатал. Гьел киналго жиндилъ данделъарав чи ккола мутIлакъав «ал-Жалил». Гьезул цо-цо сипатал ругев чи ккола, гьелда рекъараб «жалалат» жиндилъ бугев чи. МутIлакъго Жалил ккола ТIадегIанав Аллагь. Лагъзадерида гьоркьоса жалилаллъун ккола жидер киналниги батIиниял сипатал берцинлъарал ва басират бугел ракIазе жал рокьулел гIадамал. [1]

→ → хисизабизе

Примечания хисизабизе

  1. Аллагьасул берцинал цIарал, МухIаммадгIариф РАМАЗАНОВ (хвараб регӀел)