Ал-Къайюму (гIараб мацIалда الحليم). Киналниги жалазул рукIин жиндалъун бугев. Аллагьас рижанщинал жал кIиго батIиял руго, жиб букIине ккани жиндие бакI хIажалъулебги, хIажалъуларебги. БакI хIажалъулел жал ккола сифатал ва ахIвалал. Масала, хъахIлъи букIине ккани, гьелъие хIажалъула кагъат ва цогидал жал. Жиндие бакI хIажалурареб жойин абуни, гьеб ккола жибго жиндаго чIараб жо, жиндие черхалъул, гъалипалъул бугеб гIуцIиялда релълъун. Кинниги, гьеб жо бакIалде хIажалъичIониги, жиндир бати даимлъизе ккани гьелъие чара гьечIого хIажалъула цоги амраби. Гьединлъидал, бакIалде хIажалъичIониги цоги жалазде хIажалъи халгьабун, гьелда кинабго рахъалъ жибго жиндаго чIараб жойин абуларо. Вужудалда батани жинца жиндиего гIейги гьабулеб, жиндир батиги цоги жоялдалъун гьечIеб, жиндир бати даимлъизе ккани цоги жо бати шартIлъулареб мавжуд, гьеб ккола мутIлакъго жибго жиндаго чIараб мавжуд. Гьелдаго цадахъ цогидал мавжудатазул ратиги гьесдалъун батани, гьев ккола «ал-Къайюм», ай киналниги жалазул бати жиндалъун бугев. Гьединаб сифат ТIадегIанав Аллагьасул гурони гьечIо. Лагъасул гьаб сифаталъулъ гIахьаллъи букIуна Аллагь гуресдехун гьесул хIажалъи букIунгутIиялъул къадаралда. [1]

→ → хисизабизе

Примечания хисизабизе

  1. "Аллагьасул берцинал цIарал, МухIаммадгIариф РАМАЗАНОВ" (PDF). Архивация (PDF) оригиналалдаса (2011-05-01). Халагьи 2011-05-01.