Ал-ХӀакиму
Ал-ХIакиму (гIараб мацIалда الحكيم). ХIикматалъул бетIергьан. ХIикматилан абураб жо ккола бищун хирияб гIелмуялдалъун бищун хирияб жо лъай. Бищун хирияб ва тIадегIанаб гIелму ккола жиб тIаса унареб абадияб, жиндий щибго жо балъго хутIулареб гIелму. Гьеб ккола Аллагьасул гIелму. Бищунго хириявги тIадегIанавги ккола Живго Аллагь.
Гьесул хIакъикъатги Гьесда жиндаго гурони цонигиясда лъаларо. Цо-цо мехалъ, жинда батIи-батIиял махщелал лъалев ва гьел мухIканго гьарулев чиясдаги абула «хIакимилан». Амма камилав «Ал-ХIаким» ТIадегIанав Аллагь гурони гьечIо. Щив чи вугониги жинда кинабго жо лъан, амма ТIадегIанав Аллагь лъачIого, гьесда хIакимилан абуларо. Щайгурелъул гьесда бищун тIадегIанаб ва бищун хирияб жо лъан гьечIо. «ХIикмат» ккола бищун тIадегIанаб гIелму. ГIелмуялъул тIадегIанлъиги букIуна жиб лъараб жоялъул тIадегIанлъиялъул къадаралда. Аллагьасдаса кIудияб ва тIадегIанаб щибго жоги гьечIо.
ТIадегIанав Аллагь лъалев чи, гьев ккола «хIаким», цогидал гIулумазулъ загIипав, берцин кIалъазе лъаларев вугониги. Амма лагъасул хIикматалдаги Аллагьасул «хIикматалдаги» гьоркьоб бугеб батIалъи, лагъасда Аллагь лъаялдаги ва Аллагьасда жиндирго зат лъаялдаги гьоркьоб бугеб гIадаб батIалъи буго. Гьеб кIиябго лъаялда гьоркьоб кигIан кIудияб батIалъи батаниги, кIиясулго хIикматалда гьоркьобги буго гьебго батIалъи. БатIалъи кIигIан кIудияб батаниги, гьеб ккола бищун хирияб гIелму, жиндие хIикмат кьурав чиги ккола гIемераб лъикIлъи жиндие кьурав чи. Аллагь лъарав чиясул калам цогидазул каламалдаса батIияб букIуна – гьесул калам букIуна гъваридаб, ахираталда пайда бугеб жоялда хурхараб.
Гьединаб каламалда гIадамаз абула хIикмат абун. Гьелъие мисал ккола салат-салам лъеяв Аварагасул гьал рагIаби: «ЦIодорав чи ккола жинца жиндирго нафс гIодобегIанги гьабурав ва хун хадуб букIунеб жоялъе гIамалги жинца гьабурав. ГIажизав чи ккола жинца жиндирго нафс бокьа-бокьараб жоялда нахъбилълъинабурав ва Аллагь гурхIилин, Гьев тIаса лъугьинин абун анищалги жинца гьарурав» (Тирмизи, Ибну Мажагь, ХIаким). Гьединго гьал рагIаби: «Дагьаб ва жинца гIей гьабулеб дунял лъикIаб буго ГIемераб жинца Аллагьасдаса машгъул гьабулеб дунялалдаса» (Гьайсами, Абу ЯгIла). Гьединго гьал рагIаби: «Чиясул исламалъул берцинлъиялдаса ккола, гьес жиндийго пайда щолареб иш жибго тей» (Тирмизи, Ибну Мажагь). Гьединго гьал рагIаби: «ТалихI бугев чи ккола, цогидазул гъалатIаздалъун жив кантIарав чи» (Муслим). Гьединго гьал рагIаби: «Бугеб жоялда гIей гьабун чIей, гьеб ккола жиб лъугIунареб боцIи» (КъузагIи). Гьалги ва гьазда релълъарал рагIабазда абула «хIикматилан», гьел рагIаби абурав чиясдаги абула «хIакимилан» абун. [1]