Андал ялъуни Анд мугӀрул (исп. Cordillera de los Andes) — дунялалда бищун халатаб континенталияб мугӀрул бал, жинца Жанубияб Америкаялъул бакътӀерхьуда гьоркьоса къотӀичӀеб рорхатракьал гӀуцӀулеб. Балалъул халалъи буго 8900 км, гӀеблъи — 200-ялдаса 700-де щун км (бищун гӀебаб бакӀ буг 18°S20°S халалъелалда гьоркьоб), гьоркьохъеб борхалъи буго гӀ.-ш. 4000 м. Андал тӀиритӀарал руго шималалдаса жанубалде Жанубияб Америкаялъул анкьго пачалихъалдасан, гьелги: Венесуэла, Колумбия, Эквадор, Перу, Боливия, Чили ва Аргентина.

Андал
КӀодолъи
Халалъи9000 км
ГӀеблъи500 км
Бищун борхатаб бакӀ
ТӀогьАконкагуа 
Борхалъи6961 м
Координатал32/39/10/S/70/0/40/W 
Геология
ЛӀугьинЦебесеб Юраялда байбихьун 
ОрогенияАлпияб 
География
32°39′10″ ж. гӀ. 70°00′40″ бтӀ. х.HGЯO
Пачалихъал
Жанубияб Америка
БагӀараб тӀанкӀ
Андал
 Медиафайлал Викигъамасалда

Жиндир халалъул Андал рикьун руго чанго балалде, гьоркьор ругел жаниблъабаз ратӀа гьарурал. Андазда руго чанго борхатаб тӀалъи, гьезул цо-цоязда руго чӀахӀиял шагьарал, Кито, Богота, Кали, Арекипа, Меделйин, Букараманга, Сукре, Мерида, Эл-Алто ва Ла-Пас гӀадал. Алтиплано тӀалъи ккола борхалъиялъул рахъалъ кӀиабилеблъун Тибеталъул тӀалъиялдаса хадуб. Гьел балал, жиндирго иргаялда, климаталда рекъон группинарула лъабго аслияб тӀелалде: тропикиял Андал, ракъварал Андал ва регьелал Андал. .

Андал ккола Азия тун къватӀиб бугеб мугӀрул бал. Гьезул бищун борхатаб тӀогь буго Аконкагва мегӀер, жиндир ралъдал гьумералдаса борхалъи 6 961 м бугеб. Эквадоралъул Андазда бугеб Чимборасо пик ккола Ракь тӀадсвериялъ лӀугьунеб экваториалияб цутӀел букӀинал гьелъул централдаса бищун добегӀан бугеб бакӀлъун. Бищун рорхатал вулканалги руго Андазда, гьезда гъорлӀ 6893 метр борхалъиялъул Охос-дел-Саладо, Чилиялъулги Аргентинаялъулги гӀорхъода бугеб.

Андал гьединго ккола бутӀалъун Американ Кордилйеразул, мугӀрул балазул (кордилйеразул) рахас, жибги Шималияб, Централияб ва Жанубияб Америкаялъул ва Антарктидаялъул бакътӀерхьул бал гӀуцӀулел балаз къараб.

Этимология

хисизабизе

География

хисизабизе

Геология

хисизабизе

Баянкьелал

хисизабизе

МугъчӀваял

хисизабизе
  • Oncken, Onno; ва цгл. (2006). The Andes. Frontiers in Earth Sciences. doi:10.1007/978-3-540-48684-8. ISBN 978-3-540-24329-8.
  • Biggar, J. (2005). The Andes: A Guide For Climbers. 3rd. edition. Andes: Kirkcudbrightshire. ISBN 0-9536087-2-7
  • de Roy, T. (2005). The Andes: As the Condor Flies. Firefly books: Richmond Hill. ISBN 1-55407-070-8
  • Fjeldså, J. & N. Krabbe (1990). The Birds of the High Andes. Zoological Museum, University of Copenhagen: ISBN 87-88757-16-1
  • Fjeldså, J. & M. Kessler (1996). Conserving the biological diversity of Polylepis woodlands of the highlands on Peru and Bolivia, a contribution to sustainable natural resource management in the Andes. NORDECO: Copenhagen. ISBN 978-87-986168-0-1

Библиография

хисизабизе
Ингилисалда:

КъватӀисел регӀела

хисизабизе

Халип:Mountain Passes of the Andes Халип:Regions of the world