Ар-Ракъибу (гIараб мацIалда الرقيب). Ай, Жинца хъаравуллъи гьабулев.

Гьелдаса мурад ккола Жинда кинабго жо лъалев ва гьеб цIунулев абураб. Щив чи вугониги жинца цониги жо цо лахIзаталъцин гьелдаса гъафуллъичIого, гьелъул даимго халги ккун ва гьелда хадув лъугьарав чиясухъе гьеб щолареб куцалда цIунун, гьесда абула «ракъиб» абун.

Лагъасулъ «ракъибилан» абураб сипат беццараблъун букIуна, гьесул хъаравуллъи жиндирго бетIергьанасдехунги ва жиндирго ракIалдехунги бугеб мехалъ.

Гьеб кинин абуни, ТIадегIанав Аллагь жиндихъ кидаго балагьун ва хъаравуллъи ккун вукIин лъаялдалъун ва жиндирго нафсги шайтIанги – тушбаби рукIин лъаялдалъун букlуна. [1]

→ → хисизабизе

Примечания хисизабизе

  1. Аллагьасул берцинал цIарал, МухIаммадгIариф РАМАЗАНОВ (хвараб регӀел)