Аэродро́м (грек. αέρος — гьава ва δρόμος — нух, къватI рагIабаздаса) ккола — ракьул яги лъел бутIа, жинда тIад гьавадул эркенаб бакІгун, рорженал гьаризе къваригIараб тIагIел-къайигун цадахъ бугеб, жинца рес кьолеб эхеде бахъин, рещтІин, роржунел объектал рачин, самолётал, вертолётал ва планёрал сукIизе ва гьезие хъулухъ гьабизе жиб бихьизабураб.

Халкъаздагьоркьосеб аэропорт Шереметьево
Аэродром
Америкаялъул аэродром.

Аэродром хІадурун букІуна цо яги цІикІкІун эхеде бахъингун-гІодобе рещтІиналъул чІалаздасан.

Аэродром гІуцІун букІуна роржанхъиялъул авлахъалдасан ва гьавадулаб багъа-бачари билълъинабулеб комплексалдасан.

Аэродромазул тайпаби

хисизабизе

Аэродромазул халкъаздагьоркьосеб классификация

хисизабизе

ИКАОялъул нухмалъи гьабулеб документалда рекъон, аэродромазул классификация тІобазабула кодалъул гІаламатазда рекъон.

кодалъул гІаламатал дандгьарун рукІуна кІиго элементалдасан. 1 элемент ккола номерлъун, роржанхъиялъул чІолоялда букIунеб, ва 2 элемент ккола хІарплъун, самолёталъул куркьбазул хьвагІиялда ва аслияб шассиялъул къватIисел бурдузда гьоркьоб бугеб манзилалда данде кколеб, гьаб хадусеб таблицаялда рекъон:

КОДАЛЪУЛ ЭЛЕМЕНТ 1

Кодалъулаб номер ЭГІЧІ-ялъул халалъи
1 < 800 м
2 800—1200 м
3 1200—1800 м
4 > 1800 м

КОДАЛЪУЛ ЭЛЕМЕНТ 2

Кодалъулаб хІарп Кваркьидул хьвагІи аслияб шассиялъул нух
А < 15 м < 4,5 м
В 15—24 м 4,5—6 м
С 24—36 м 6—9 м
D 36—52 м 9—14 м
Е 52—60 м 9—14 м

Мисал: Самолёт Ил-62М тІабигІияб рорженал гьаризе рес бугеб гьава-бакъалъул заманаяла, жиндир рорженалъул халалъи 3 280 метраялде бахунеб, куркьбузул хьвагIи 43,2 метраялде ва аслияб шассиялъул къватIисел бурдузда гьоркьоб бугеб манзил 8,0 метраялде бахунеб самолёт, данде ккола аэродромалъул классификациялда рекъон 4D-ялда.

МугъчІваял

хисизабизе