Википедия:Интерфейсалъул администраторал

Халип:Pp-semi-indef Халип:Procedural policy Халип:Nutshell

Интерфейсалъул администраторал яги (интерфейс-админал) — Википедиялъул хӀалтӀизабунчагӀи, жидеда редактинарун бажарулел JavaScript-алъул (JS) киналниги гьумерал, стилазул каскадиял таблицаби (CSS), JavaScript-алъул (JSON) объективиял магӀналъиял[1] ва MediaWiki-ялда цӀаразул сверухълъелал. Гьел ккола жидее киналго JS/CSS гьумерал редактинаризе изну бугел хӀалтӀизабун чагӀазул цо бугеб локалияб къокъа.[2] Гьел гьумерал гӀуцӀула цӀалунчагӀазул ва редакторазул браузералъ вики-код гӀадин, жиб хӀалтӀизабизе бегьулеб контенталъул стиль, гьумеразул хасият хисизабизе яги хӀатта редактинабиялъе журарал алатал гьабиялъе.

ГьабсагӀаталда Авар Википедиялда вуго 1 интерфейсалъул администратор.

JS/CSS редактинабиялъе изну, жиб цогидал хӀалтӀизабунчагӀазул браузералда билӀинабулеб, буго кутакаб ва квешаб пикру бугезул кодоб цӀакъ хӀинкъи цӀикӀкӀираб алат; интерфейсалъул администраторалъун рукӀине ккола гӀахьалчагӀи, жидеда божилъи бугел, жидер JS-ялъул ва CSS-ялъул хӀакъалъулӀ аслиябгӀаги бичӀчӀиги бугел, Викмедиялъул вики-сайтазул конфиденциаллъиялъул тӀалабалги лъалел, жидерго аккаунтал кин цӀунилелалиги лъикӀ лъалел (мисалалъе, мухӀканал ва уникалиял паролал рищизе ва заралиял проограммабаз инфекхинабиялдасаги цӀунизе). WMF Офисалъ тӀалаб гьабула киналго интерфейсалъул администратораз кӀи-фактораб аутентификация хӀалтӀизаби.[3]

Руго релълъараб къокъа глоблияб интефейсалъул администраторазул, жидеца жидерго изну хӀалтӀизабизе бегьулел глобалиял ихтияразул сиясаталда рекъон.

ТӀалабкьеялъулаб процесс

хисизабизе

Интерфейсалъул администраторасул ихтияр кьола администраторлъиялъул статус бугезе. [4][5] Интерфейсалъул администраторазда тӀадаб буго хӀалтӀизабизе кӀи-фактораб аутентификация (2ФА).[6]

  • Рищиял гьабулеб бакӀ: Википедия:Бюрократазул лъазабиязул хъарщи
  • Процесс: Администраторас тӀалаб кьола интерфейсалъул администраторлъи щвеялъе, гьелъие далилги бачун, бюрократазул лъазабиязул хъорщода. ТӀалаб кьей рагьараб букӀуна хадусеб 48 сагӀаталъ тӀоцересел тӀалаблъиял. ЦӀидасанги администраторлъиялъе тӀалаблъиязул, накӀкӀелалда жал гьечӀел, букӀине гьечӀо ралагьун чӀеялъулаб период. Лъазабиязул цогида хъарщабазда кинал рукӀаниги лъазабиял къваригӀунаро. Бюрократаз жидедадго лъикӀилан ккани цӀехезе бегьула администраторасда, щай гьел тӀалаблъи кьурабали. Киналго редактораз бахӀс гьабизе бегьула кандидатасул, амма ахирисеб хӀукму хутӀула реценз-бюрократазда хадуб. Бюрократаз бегьуларо жидецаго жидеего изну кьезе.[4]
  • Ихтияразул заман: Кидагосеб жибгохъе, тӀалаб кьеялда рекъон букӀине бегьула заманалъ кьураблъунги.[7]


Изнуял гилдизари

хисизабизе

Изнуял гилдизаризе бегьула бюрократаз хадусел вакъигӀатазда:[7]

  1. Интерфейсалъул администраторазул, жидеца 2 моцӀалда жаниб цониги хисизаби яги батӀиял регистратал ишал гьабичӀел яги изнуги хӀалтӀизабун 6 моцӀалда жаниб хисизаби гьабичӀел, тӀагӀинабула хӀалтӀизабул ихтияр.
  2. Интерфейсалъул администратораз жидеего бокьун гӀарза тани бюрократазул игӀланазулаб хъорщода.
  3. Консенсусалдалъун данде кколареб иш гьабиялдаса хадуб (мисалалъе: Администарторазул лъазабиязул хъарщиялда).
  4. Администраторасул ихтияралдаса рахъани бокьараб гӀиллаялдалъун.
  5. Арбитрационияб комитеталъул тӀалабалда рекъон.

Техникияб изну

хисизабизе

MediaWiki-ялъул цӀаразул сверухълъелазда буго гьумеразул аслияб кӀиго тайпа: ругьелазул гьумерал ва сайталъул конфигурациязул гьумерал. Интерфейсалъул администраторазда бажарула гьел гьумерал редактинаризе ва гилдизаризе, гьединго цогидал редакторазул хӀалтӀизабул сверухълъелалда ругел хӀалтӀизабунчагӀазул конфигурациязул гьумерал хисизарун. Жал интерфейсалъул гурел администраторазда бажарула гьелъул бакӀалда ругьелазул гӀемерисел гьумерал (амма киналго гуро) редактинаризе ва гилдизаризе.

Жал интерфейсалъул администраторал гурел администраторазда ва тӀадхалчагӀазда бажарула гилдизаризе яги гилдизарурал хисизаризе (яги къинаризе, тӀадхалчагӀи ругони) JS яги CSS гьумерал, жал цогидал редакторазул хӀалтӀизабул сверухълъелада ругел. Ваамма гьезда кӀоларо гьел гьумеразул хисизариял рукӀахъинаризе. Жалго администраторазда гӀадин, интерфейсалъул администратораздаги юажарула JSON гьумерал хисизаризе MediaWiki-ялъул цӀаразул сверухълъеладда ва цогидал редакторазул хӀалтӀизабул сверухълъелалда.

MediaWiki-ялъул цӀаразул сверухълъеладда ва цогидал редакторазул хӀалтӀизабул сверухълъелалда бугеб кодалъул файлазул гьумеразде изну
Изну ГӀахьалчи Администратор Интерфейсалъул администратор
Ралаги Буго Буго Буго
ГӀуцӀи ГьечӀо ГьечӀо Буго
Редактинаби ГьечӀо ГьечӀо Буго
Хъилди ГьечӀо ГьечӀо Буго
Гилдизаби ГьечӀо Буго Буго
Гилдизабураб тарихалъухъ ралагьи ГьечӀо Буго Буго
БукӀахъинаби ГьечӀо ГьечӀо Буго


Баянкьелал

хисизабизе
  1. ^ Sitewide pages, such as MediaWiki:Common.js or MediaWiki:Vector.css, or the gadget pages listed on Special:Gadgets, and other user's subpages
  2. ^ Any administrator can edit other pages in the MediaWiki namespace and all JSON pages, and all registered users may edit their own personal JS/CSS/JSON pages as used by Wikipedia:User scripts.
  3. ^ WMF 2FA requirement as published on Meta-Wiki.
  4. ^ a b Limited to administrators in this September 2018 RfC
  5. ^ Limited to administrators in this October 2018 RfC
  6. ^ Meta:Interface administrators: "For legal and security reasons, the Wikimedia Foundation has decided that Two factor authentication is required for this role on all projects".
  7. ^ a b This process was approved in this RfC.

Ралагье гьединго

хисизабизе
  • {{User wikipedia/Interface administrator}} — интерфейсалъул администраторлъун вукӀин бихьизабиялъе юзербокс.
  • {{User interface admin since}} — цӀараб заманалъ интерфейсалъул администраторлъун вукӀин бихьизабиялъе юзербокс.
  • {{Interface administrator topicon}} — интерфейсалъул администраторлъи букӀин бихьизабулеб тӀаса гӀаламаталъул халип — автоматикалго тӀадежубала категория гьумералде.
  • How you can help keep Wikimedia sites Error-free on checking for JavaScript errors

Халип:Wikipedia accounts