ГӀусман Губе

ГІусман Губе» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)

ГІусман Губе (СагІиднуров[2], гьавуна 1892 соналъ Эрпели росулъ Темир-Хан-Шурагьиб округ, Дагъистаналъул АССР) — алманазул жасус, полковник.

ГІусман Губе
СагІиднуров ГІусман
ГІусман Губе
 
Гьави: 1892
Эрпели росулъ, Темир-Хан-Шурагьиб округ, Дагъистаналъул АССР
Миллат: магIарулав
Хъулухъ: сиясатчи, жасус
ГІусман Губехъаса бахъараб удостоверение. Россиялъул ФСБялъул архивалдаса документ[1]

ГІумрухъвай

хисизабизе

СагІиднуров ГІусман, магІарул миллаталъул чи, гьавуна 1892 соналъ Эрпели росулъ[3] Темир-Хан-Шурагьиб округ Дагъистаналъул АССР гьанже Шурагьиб мухъалъул росу.

Гьес хъулухъ гьабуна Кавказалъул туземный дивизиялъул Дагъистаналъул полкалда. 1919 с. гьев лъугьана генерал Деникинил армиялде, 1921 с. Гуржиялдаса гочун ана Трапезундалде, цинги Истамбулалде. 1938 соналъ Губе хъулухъ гьабизе лъугьана Абвералде, ва рагъ байбихьигун алманаз ГІусмание рагІи кьуна Шималияб Кавказалъул «сиясияб милициялъул» нухмалъиялъул хъулухъалде тІамизе.

КІудияб ВатІанияб Рагъ байбихьун хадуб ГІусман цІалана алманазул школалда ва гьенисан гьев ккезавуна Алманиялъул рагъулгун-ралъдал разведкаялъул нухмалъиялда гъоркье.

1942 соналъул 25 августалъ Лангел къокъагун цадахъ цого заманаялда Чачангун-Гъалгъаялъул АССРалъул ракьазде рехун букІана, СагІиднуров ГІусманил къокъаги.

Фашистазул мурад букІана ГІусман Губе алманазул Кавказалда тІад таравлъун гьавизе.

1943 соналъул январалъул авалалда СагІиднуров ГІусманги гьесул къокъаги асирлъун гьаруна СССРалъул пачалихъалъул хІинкъибукІунгутІиялъул органаз.

  1. ^ Абвер на Северном Кавказе
  2. ^ "газета «Дуэль» : политика экономика Россия поединок история цензура демократия борьба общество идея". Архивация оригинал (2011-12-15). Щвей 2015-12-19. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help)
  3. ^ "Великая оболганная война — Местечковые страсти в чеченских горах". Архивация оригинал (2009-06-26). Щвей 2015-12-22. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help); no-break space character in |title= at position 25 (help)

Ссылкаби

хисизабизе

Халип:Босараб бакІ гьечІо