Гуржи мацӀ

Гуржи мацӀ — гуржиязул миллияб ва пачалихъалъул расмияб мацӀ

Гуржи мацІ (ქართული ენა [kʰartʰuli ɛna]) — Гуржистаналъул официалаб мацІ, гуржиязул адабияталъулаб ва миллияб мацІ, гъорлӀе уна Картвел мацІазде.

Гуржи мацІ
Картули
ქართული
Картули, гуржи хатІалдалъун хъвараб
Абулеб куцkʰartʰuli ɛna
РегионХъизихъ
КӀалъалел
3,7 миллион[1][2] (2014)[3]
Цесеб форма
Диалектал
Официалаб статус
Официалаб мес
Халип:Флаг / Гуржистан
Регулация гьабиCabinet of Georgia
МацӀалъул кодал
ISO 639-1ka
ISO 639-2geo (B)
kat (T)
ISO 639-3kat
Glottolognucl1302
Linguasphere42-CAB-baa – bac
Гьанир руго ИФАлъул фонетикиял симболал. Кколеб кверчӀвай гьечӀони, нужеда бихьизе бегьула гьикъул гӀужур, ункъбокӀон, яги цогидал симболал Юникодалъул гӀужразул бакӀалда. ИФА симболазе байбихьул нухмалъи балагье гьаниб: Квеки:ИФА.

Гуржи мацІалъ хІалтІизабула гуржи алфабеталъул кьучӀда бугеб хъвай-хъвагІи, жиб фонетикияб принципалда рекъон бараб.

КІалъалезул къадар (1993 соналъ) — гІага-шагарго 4 млн чи жибго Гуржиялда[1][2] ва чанго нус азар чи цогидал пачалихъазда — аслияб куцалъ, Россиялда, АЦШазда ва Туркиялда.

Хъвавул гуржи мацӀ цебетӀеялъул хронологиялда руго хадусел периодал:

  • некӀсияб( V–XI гӀасраби);
  • гьоркьохъеб (XII–XVIII гӀасраби);
  • цӀияб (XIX гӀасруялдаса).

Цо-цо гӀалимчӀагӀаз ахирисеб кӀиго период бикьуларо, щай абуни цӀияб периодалъул гуржи мацӀалъул батӀалъи буго, аслияб куцалъ, лексикаялда.

Гьанжесеб адабияталъулаб гуржи мацӀ цебетӀеялда кӀудияб роль хӀана Илия Чавчавадзеца, Акакий Церетелица, Яков Гогебашвилица, Важа Пшавелаца ва Галактион Табидзеца.

СССРалъул заманалъ Гуржи ССРалъул Конституциялда мухӀканго бихьизабун букӀана гуржи мацӀалъул пачалихъияб статус.[4]

ЦӀунун хутӀун руго гуржи мацӀалда хъварал 10[5]–12 азар[6] гьоркьохъел гӀасрабазул манускриптал.

Хъвай-хъвагІи

хисизабизе

Гуржи хъвай-хъвагІи баккана V гІасруялъул байбихьуда. Цересел гІасрабаздасаго хІалтІизарулел рукІана некІсияб гуржи хъвай-хъвагІи мргловани (асомтаврули); IX гІасруялдасанусхури (нусха-хуцури, хуцури; XI гІасруялдасамхедрули (мхедрули-хели, саэро) хатІ.

Гьанжесеб гуржи алфабеталда буго 33 хІарп, гьезул щибалъ кьола цо гьаракь: 5 рагьараб ва 28 рагьукъаб.

ХӀарп ЦІар Цифразулаб
магІна
IPA ISO 9984 Романизация Кириллицаялде
данде кквей
Мхедрули (მხედრული) Нусхури (ⴌⴓⴑⴞⴓⴐⴈ) Асомтаврули (ႠႱႭႫႧႠႥႰႳႪႨ)
ანი 1 a A a A a А а      
ბანი 2 b B b B b Б б      
განი 3 g G g G g Г г      
დონი 4 d D d D d Д д      
ენი 5 ɛ E e E e Е е      
ვინი 6 v V v V v В в      
ზენი 7 z Z z Z z З з      
ჰე 8 Error: {{IPA}}: unrecognized language tag: ɛ      
თანი 9 T' t' T t Ҭ ҭ      
ინი 10 ɪ I i I i И и      
კანი 20 K k Kʼ kʼ К к      
ლასი 30 l L l L l Л л      
მანი 40 m M m M m М м      
ნარი 50 n N n N n Н н      
ჲე 60 j Й й      
ონი 70 ɔ O o O o О о      
პარი 80 P p Pʼ pʼ П п      
ჟანი 90 ʒ Ž ž Zh zh Ж ж      
რაე 100 r R r R r Р р      
სანი 200 s S s S s С с      
ტარი 300 T t Tʼ tʼ Т т      
ვიე 400 Error: {{IPA}}: unrecognized language tag: w      
უნი u U u U u У у      
ფარი 500 P' p' P p Ҧ ҧ      
ქანი 600 K' k' K k Қ қ      
ღანი 700 ʁ Ḡ ḡ Gh gh Ҕ ҕ (Г' г')      
ყარი 800 Q q Qʼ qʼ Ҟ ҟ      
შინი 900 ʃ Š š Sh sh Ш ш      
ჩინი 1000 t͡ʃ Č' č' Ch ch Ч ч      
ცანი 2000 t͡s C' c' Ts ts Ц ц      
ძილი 3000 d͡z J j Dz dz Ӡ ӡ      
წილი 4000 t͡sʼ C c Tsʼ tsʼ Ҵ ҵ      
ჭარი 5000 t͡ʃʼ Č č Chʼ chʼ Ҷ ҷ      
ხანი 6000 χ X x Kh kh Х х      
ჴარ 7000 q      
ჯანი 8000 d͡ʒ J̌ ǰ J j Џ џ      
ჰაე 9000 h H h H h Ҳ ҳ      
ჰოე 10000 hɔɛ    

Лингвистикияб куц-мухъ

хисизабизе

Гуржи мацІалда буго цебетІураб буссинаби. Буго анкьго игІраб, гьезда гьоркьоб гьечІо аккузатив, амма буго эргатив ва трансформатив. Буго кІиго форма: цолъул ва гІемерлъул. ЦІаралъул гьечІо жинсалъул грамматикияб категория. Цогьумерал гурелги, руго жеги кІи- ва лъабгьумерал фигІлаби.

ХІужжаби

хисизабизе
  1. ^ a b "Georgian". Ethnologue, 18th ed. (in английский). 2015. Щвей 2015-06-02. Population 3,900,000 in Georgia (1993 UBS). Population total all countries: 4,237,010. Ethnic population: 3,980,000 (1993 UBS).
  2. ^ a b Kenneth Katzner, The Languages of the World, ISBN 9781134532889, 2002, page 118 (инг.)"Georgian .. is spoken by about 4 million there"
  3. ^ Гуржи мацІ at Ethnologue (18th ed., 2015)
  4. ^ Конституция Грузинской Советской Социалистической Республики
  5. ^ Институт рукописей имени Корнелия Кекелидзе // Православная энциклопедия. — М., 2010. — Т. 23. — С. 90-96.
  6. ^ Valentina Calzolari, Michael E. Stone. Armenian Philology in the Modern Era: From Manuscript to Digital Text. — BRILL, 2014. — P. 24.

РегІелал

хисизабизе