Гъугъаб алвеоларияб латералаб аффрикат

Гъугъаб алвеоларияб латералаб аффрикатрагьукъаб гьаракь, жиб цо-цо кӀалъалеб мацӀалда хӀалтӀизабулеб. Интернационалаб фонетикияб алфабеталда гьеб гьаракь бихьизабизе хъвалеб симбол буго ⟨t͡ɬ⟩ (яги ⟨⟩), Американистияб фонетикияб нотациялда хӀалтӀизабула ⟨ƛ⟩.

Гъугъаб алвеоларияб латералаб аффрикат
ƛ
ИФА номер103 (148)
Аудио
Кодификация
Рижа (decimal)t​͡​ɬ
Юникод (hex)U+0074 U+0361 U+026C
Интенсивияб алвеоларияб латералаб аффрикат
tɬː
Гьедингоƛ:
Аудио

Авар стандарталда гьоркьосахъи гьечӀого данчӀвала алвеоларияб латералаб аффрикаталъул интенсивияб форма ⟨t͡ɬː⟩.

Ружби хисизабизе

Гъугъаб алвеоларияб латералаб аффрикат:

  • Элъул абул куц буго аффрикатаб: эб гьаракь бахъула хӀухьалил чвахи тӀобан чӀезабун, хада цинги хӀухьалил чвахи абул бакӀалъул дандекъараб каналалъусан биччан, турбуленцияги лӀугьинабун.
  • Элъул абул куц буго алвеоларияб: эб гьаракь бахъулаго мацӀалзул тӀогь яги ракьан алвеоларияб агӀида хъван, гьелда рекъон апикалаб–илан ва ламиналаб–илан абула.
  • Элъул фонация буго гъугъаб: эб бахъула гьаркьил рухьадазул сороди гьечӀого. Цо-цо мацӀазда гьаркьил рухьадал активго рикь-рикьун рукӀуна, гьединлъидал гьаракь кидаго букӀуна гъугъаб separated; цогидазда рухьадал руго тамахал, гьез тӀаде босизе бегьула аскӀор ругезул гьаракьлъи.
  • Эб буго кӀалзул рагьукъаб: эб бахъулаго хӀухьел къватӀибе бачӀуна цохӀо кӀалдисан.
  • Эб буго латералаб рагьукъаб:эб бахъула хӀухьалил чвахи мацӀалзул хьолбохъан битӀиялдалъун, бакьулӀан гъоркье гуреб.
  • ХӀухьел чвахул механизм буго пулмонияб: эб бахъула цохӀо интеркосталалги (хьалагӀучӀазда гьоркьосел) абдоминалалги (чохьол) ччорбаздалъун хӀухьел къватӀибе цун, цӀиккӀанисел гьаркьало гӀадин.

ХӀалтӀизаби хисизабизе

МацӀ Word ИФА МагӀна Баян
Гьайда tla'únhl [t͡ɬʌʊ́nɬ] 'анлӀго'
Исланд bolli [ˈpɔt͡ɬɪ] 'щурун' Ралагье: Исланд ортография.
Испан мексикияб[1] Xóchitl [ˈʃo̞t͡ʃit͡ɬ] 'ШочилӀ' Ралагье: Испан фонология.
Клингон tlhIngan Hol [ˈt͡ɬɪ.ŋɑn xol] 'Клингон мацӀ' Ралагье: Клингон фонология.
Ладин tlo [t͡ɬo] 'гьаниб' Гердейналъул вариант
Лъинкит[2] tleilóo [t͡ɬeɬúː] 'кӀалкӀучӀ' РатӀа гьарула аспиратиялги аспиратичӀелги
НавалӀ Nahuatl [ˈnaːwat͡ɬ] 'НавалӀ мацӀ'
Па На [t͡ɬa˧˥] 'цӀорой'
Сагьаптин [t͡ɬupt] 'кӀанцӀи'
ЦӀунтӀисезул элIни/eƛni [ˈʔɛ̝t͡ɬni] 'хасел'
Цвана tlala [t͡ɬala] 'ракъи'
Чероки Оталияб tla [t͡ɬa] 'гуро'
Чукчи Ԓыгъоравэтԓьэн [ɬəɣˀorawetɬˀɛn] 'Чукчи'

Интенсивияб вариант хисизабизе

МацӀ РагӀи ИФА
Авар лӀугьине [ˈt͡ɬːu.hine]

МугъчӀваял хисизабизе

Иццал хисизабизе

  • Lope Blanch, Juan M. (2004), Cuestiones de filología mexicana, Mexico: editorial Universidad Nacional Autónoma de México, ISBN 978-970-32-0976-7
  • Maddieson, Ian; Smith, Caroline; Bessell, Nicola (2001), "Aspects of the phonetics of Tlingit", Anthropological Linguistics, 43 (2): 135–176, JSTOR 30028779
  • Chen, Qiguang [陈其光]. 2001. "A Brief Introduction of Bana Language [巴那语概况]". Minzu Yuwen.

КъватӀисел регӀелал хисизабизе

  • [tɬ] гьаракь бугел мацӀал PHOIBLE сайталда
  • [t̪ɬ̪] гьаракь бугел мацӀал PHOIBLE сайталда