ГьатӀан (гІур. Церковь; грек. Κυριακη (οικια) рагӀиялдаса — « Аллагьасул (рукъ)») — насранияз жедерго диниял шартӀал тӀубалеб бакӀ. ГӀаммаб къагӀидаялъ, как балеб рукъ.

Нерлиялда Покровалъул гьатӀан

Шагьаралъул яги монастыралъул аслияб гьатӀаналда гӀадатияб къагӀидаялъ килисаян абула (ай, гІур. собор); кафедралияб килисаян абула жинда жаниб епископасул (архиереясул) кафедра бугеб гьатӀаналдакафедра правящего епископа (архиерея).

Православияб гьатӀаналъул аслиял бутӀаби

Православияб яги католикияб гьатӀан гӀадатияб къагӀидаялъ букӀуна чамалиго цоцалъ журарал бутӀабаздасан: капелла, крипта, придел.

Католикияб гьатӀаналъул куц
  1. Нартекс
  2. БетӀераб неф (наос)
  3. Хьибилалъулал нефал — лъабнефалъулаб гьатӀаналъда - 2, щуго нефалъулалъда - 4. Испаниялда — Lado de la Epístola y lado del Evangelio (Рисалаталъул неф — кваранаб рахъ; Хъвай-хъвагӀаялъул неф — квегӀаб рахъ — мукъадасал тӀахьал рукӀулеб къагӀидаялда рекъон).
  4. Сиял (колокольнял) — тӀадаб бутӀа гуро
  5. Придел
  6. Трансепт (средокрестие, къубаялда гъоркьбакӀ)
  7. Трансепталъул къвалал, поперечнияб неф
  8. Алтаргун Апсида
  9. Венец капелл
  10. Хор — кидаго букӀунаро
  11. Деамбулаторий

Кирха хисизабизе

Лютеранияб гьатӀан Румыниялъул Брашов шагьаралда

Лютераниял гьатӀаназда цо-цо мехалъ кирхабийилан абула[1].

Лютеранияб Ульмский килиса буго дунялалдаго бищун борхатаб гьатӀан — 161,5 м.

Гь. балагье хисизабизе

ХӀужаби хисизабизе

Линкал хисизабизе