Гьоро́л Эбе́л (яги Гьоро́л-Эбе́л) – аваразул мифологияб рижи, руччабазул мифологияй цIунухъан, гьезие квербакъи гьабулей, рекӀелӀас ургъел ги унти босулей. ГIемерисеб бутIа божи хутIун буго Гъоркьиял аваразул.

Гьорол-Олбол руго ясал, гьезде абула Гьорол Ясал-ин (гьоролIан гьурмал раккулила гьезулан бицен букӀуна).

Этимология хисизабизе

ЛIугьана авараб гьури́ абураб рагIи хаслъул падежалде буссинеги гьабун, эбе́л абураб рагIи гъунизеги гьабун. ГIурус мацIалде гьеб буссинабун буго Мать ветра абун.

Культуралда хисизабизе

2019-леб соналъ Oyme абураб музикалияб группалъ гьелъул хӀакъалъулӀ цере авараца ахӀулеанаб «Гьорол эбел» абураб кечӀ цӀигьабун ахӀана ги клип бахъана Гъуниб мухъил Гъамсукь чӀвадналӀ.

Паралелал хисизабизе

Мариязул мифологиялдаги йиго гьалда релълъарай рижияй – Мардеж-ава, яги Мардеж-нё абун. Авар мацIалдагогIадин, гьенибги рагIилIугьин цо буго: мардеж – гьури, ава, яги нё – эбел, щиб кколеб гьорол эбел-ин абураб рагIи. Мариял божулаан, гьелъул иш-пиша зодихъан бачIунеб лъедаги, гьородаги хурхун бугин.

Линкал хисизабизе