ГIаби́гIо (гIабгIи́л) (лат. Siléne vulgáris) — Silene сибтIилIги унеб, Caryophyllaceae хъизамулIги кколеб гIемерсаназулаб харитайпаяб бижунжо.

ГIабигIо

Ботаникияб сипат-сурат хисизабизе

ГIемерсаназулаб харитайпаяб 40-100 см халалъи бугеб, толораб, цIанбитIараб хIубиги бугеб бижунжо. Ланцетиял яги хоногIадалгун-ланцетиял, 10 см-де бахараб чIалалъул ги 30 см-де бахараб гIеблъул; тIуцаб цIахIилгун-хъахIил кьерилаб; гъоркьиял тIанхал рукIуна дандруцIарал.

ТIугьдул рукIуна тIухъал тIогьобохдузда. Щурунка букIуна пунцIараб, толораб, 13-18 мм халалъул, 7-10 мм гIеблъул, 20-го кункIигун. Милърал 1,5-2 нухалъ халат рукIуна щурункадаса, хъахIал. Гьелъул бакират букIуна торотайпаяб кIитIум гIадаб. ТIегьала июн-сентябралъ, бакират кьола июлалдаса. Кьалбал рукIуна тIухъал, гIаркьахинчIел. РакьулIаса бигьаго тIукIун бачIуна.