ГӀаймакиса МугӀавиял Абубакар (1711, ГӀаймаки1797, ГьаракӀуни, Авария) — машгьурав авар гӀалимчи, шагӀир, жинца авар ва гӀараб мацӀалда асарал хъварав ва ирсалъе шаргIалъул нухалде халкъ ахIулеб вагIза-насихIаталъул 13 поэма тарав. Ккола авар хъвавулаб литератураялъе кьучI лъуразул цояв.[1]

ГІаймакиса Абубакар хІажияв
Гьабулеб хІалтІи: гIалимчи
Гьави: 1711 ГІаймаки Дагъистан Дагъистан
Хвей: 1791 ГьаракІуни Дагъистан Дагъистан
Миллат: магIарулав
Эмен: МугIавия
Эбел: Сарат
Мадраса, мазгьаб: суннитав

Гьави ва хъизан

хисизабизе

Абубакар-хIажияв гьавуна 1711 соналда цебесеб Авариялъул ГІаймаки росулӀ, гьанжесеб Хьаргаби мухъалда, МугӀавиял хъизаналда. Гьесул вукIана кIиго вац — ГIабдуллагьги МухIамадаминги. Гьезие щун букIана доб заманалда рекъараб лъикIаб бусурманаб лъайги, ва гIемераб заманалъ гьел хIалтIана мударисаллъун.

«МажмагIал-авбаш» абураб Абубакар-хIажиясул тIохьода хъван буго гьадин:

«Абубакар-хIажиясул кIудияв вац ГIабдуллагь вукIана гIелмудул ралъдалъе вукъулев, лъаялъул гьунар битIун бичIчIулев ва гIелмудул пихъ бакIарулев чи. ГьитIинав вац МухIамадамин – гIалимчи, мухIканал гIелмаби (математика, механика ва ц.) лъалев чи».

Абубакар-хIажиясул умумул ккола БуцIра росулъа. Гьесул эмен МугIавия гочуна БуцІраса ГIаймакиве. Гьев вукIана лъикIаб гIелму бугев чи, ва ГIаймакиб росулъ гьес малълъулаан гIараб адабият. Абубакар-хIажиясул эбелалда цIар букIана Сарат. Росасе мукIурай, гьесда хадуй йилълъарай, гьелъ хIаракат гьабулеб букIана жиндирго лъималазе исламалъул кьучIалда тарбия кьезе. акIалъул гIараб-бусурман маданияб ирс бакIарарал ва гьелъул цIех-рех гьабуразул цояв Гиничукьа ХIайдарбегил Мансурица хъвавухъего, «Абубакар-хIажиясул тухумалъ жиндирго байбихьи босула машгьураб Къурайш тухумалдаса, битIахъего Маккаялдаса, хадур гьесул умумуз гьижра гьабуна Сириялде, ХIалаб шагьаралде ва гьелдаса хадуб Дагъистаналде. Дагъистаналда Абубакар-хIажиясул тухумалъул кIудияв цин рещтIана БуцIра росулъ, гьениса – ГIаймакив.

ГъалбацIил вас, Сулейманил вас, ГIабдул-дибирил вас, БуцIраса МугIавиял вас Абубакар-хIажи – гьеб насаб, НурмухIамадил МухIамадил баяназда рекъон, кьун буго Абубакар-хIажияс «ШархI ХIазамийа» абураб жиндирго тIохьол мужалаталда.

ГІелму-лъаялъул нух

хисизабизе

Жиндирго росулъ Абубакар-хIажияс нахъа тана бусурман лъаялъул гIадатал даражаби, гьитIинаб мехалдаго гьесулъ загьирлъана лъай босиялде нахъ гIунтIиги гъираги. Жиндирго инсул нухмалъиялда гъоркь Абубакар-хIажиясе щвана байбихьул лъай – гьес цIалана Къуръан, лъазабуна гIараб грамматика ва гIараб гIелмудул цогидал рахъалги.

Цудунго Абубакар-хIажиясул инсуе загьирлъана васасул гьунарги жо лъазе бугеб хIасратаб гъираги. Гьединлъидал гьес гьев витIула ГьаракIуниве, къади ва машгьурав мударис КIаратIаса КIудияв Дибирихъе лъай камил гьабизе мурадгун. ГIараб гIелмудул батIи-батIиял рахъаздаса цо-цо асарал лъазарун хадуб, ХIайдарбегил Мансурица хъвавухъе, «Абубакар-хIажияс ячуна ГьаракIуниса ГьитIинасул яс ГIайшат ва тIадвуссуна жиндирго ГIаймаки росулъе».

1731 соналда Абубакар-хIажиясе гьавула вас, гьесда цIарги лъола МухIамадилан (ГьаракIуниса СагIидил эмен). МухIамадие тарбияги лъайги щвана жиндирго инсудаса. ГьитIинго бихьизабуна гьес гъираги бажариги гIараб адабият лъазабизе, лъугIизабуна цIалун машгьурав гIалимчи ГIабдурахIман Жамил «Жами» абураб грамматикияб тIехь ва вахъана гIалимчилъун. Амма МухIамад хвана цIакъго цудунго, 1764 соналда жиндирго вас СагIид гьавун цодагьаб мехалдасан.

НурмухIамадил МухIамадица бихьизабухъе, Абубакар-хIажиясул хутIула гьитIинав вас ГIабдурахIманги, гIараб гIелмуялде гъира букIарав ва цо яс Аминатги, жий цо пуланав гIаймакисасе росасе арай.

XVIII гIасруялъул бащалъиялде ГIаймаки росу лъугьуна МагIарухъго машгьаруб росулъун, жинда жанив гьев кIудияв гIалимчияс гIумруги гIелмуги гьабулеб букIараб баракатаб бакIлъун.

ХIайдарбегил Мансурица хъвавухъего, гьесул заманалъул гIадамаз Абубакар-хIажияв рикIкIунев вукIун вуго «ракI лъикIав, сабру бугев, мухIканав ва тIабигIат рекъарав чилъун. Гьесулъ букIана вагIза-насихIат гьунаралъул кIудияб пагьму ва цо-цо мехалъ жиндихъ гIинтIамурал чагIи гIодизе гьарулаан гьес. Буго бицен, гьев вукIанин сундуего устарлъун, хIатта лъикIав къадахъанлъунги яргъил устарлъунги»-ян.

ВатІан тун къватІибе сапар гьаби

хисизабизе

Кодоре щварал баяназда рекъон, Абубакар-хIажияс чанго нухалъ сапар бухьун буго Бакъбаккул улкабазде хIаж борхиялъул ва лъай камил гьабиялъул мурадалда. Гьел сапаразда вукIаго, гьев щола доб заманалда ГIусмани империялъул вилаяталлъун рукIарал ГІиракъалдеги, Шамалдегии ва цоги батIи-батIиял бакIаздеги. Гьенив гьев дандчIвала бакIалъул гIалимзабигун, лъай-хъвай гьабула гьел бакIазул маданиятгун, гIелмиял марказалгун, гьенир рукIарал библиотекабигун.

ГIаймакиса Абубакар-хIажиясул цIарги, гIелмуги, гьунарги машгьураб букIана Дагъистаналъул гIурхъаби рахунги. Баянаб буго цо гьадинаб интересаб хIужа Абубакар-хIажиясул гIумруялдаса М.-С. Саидовас бицараб: Цо нухалъ иргадулаб хIажалдаса Гуржиялъул ракьалдасан ватIаналде тIадвуссунев Абубакар-хIажияв, ГьерекІли-ханас жиндихъего ахIун, чанго къоялъ гьесие кIудияб гьоболлъи гьабун буго. Гьединаб хинаб, хIурматияб дандчIваялдаса нечарав ва тамашалъи гьабурав магIарулас гьикъун буго гьалъул магIна щибилан. ГьерекIли-ханас гьесда абун буго магIарулаз ЦІоралде гьарулел чабхъеназул кIудияб заралги балагьги бугин гуржиязе ва гьикъун буго Абубакар-хIажиясда, гьесул диналъ къабул гьабулищан гьединаб иш. Гьабуларин абун буго магIарул гIалимчияс, гьеб цIакъ какараб жо бугин исламалда. Гьебмехалъ ГьерекIлица гьарун буго Абубакар-хIажиясда магIарулазда гьоркьоб вагIза-насихIат гьабеян чабхъенал тезе, гьездаса инкар гьабизе. Гуржиязул ханасул гьариги къабул гьабун, рокъове тIадвуссарав Абубакар-хIажияс чабхъеназде дандечIун, гьел какун, гьезул бугеб мунагьалъул бицун, хвезегIан вагIзаби-насихIатал гьарулел рукIун руго МагIарухъ.

ГьаракIуниве гочин

хисизабизе

Лъалеб жо буго, 1764–1767 соназда Абубакар-хIажияв жиндирго ГIаймаки росулъа гочана мадугьалихъ бугеб ГьаракІуни росулъе. Гьеб иш ккана гьесул вас, гьунар бугев гIалимчи, 25 сон барав МухIамад хун хадуб гIемер заманго балелдего. Биценалда рекъон, МухIамадил вас, вукIинесев кIудияв гIалимчи СагIидил гьеб мехалда букIун буго лъагIелгIанаб заман.

ГIагараб росуги тун, цогидаб бакIалде Абубакар-хIажияв гочиналъе НурмухIамадил МухIамадица бачунеб буго гьадинаб гIилла:

«Цо нухалъ росулъ цо пуланаб берталъ Абубакар-хIажиясул вас ГIабдурахIманил кIалъай ккола мехтарал бихьиналгун, ва гьеб сверула гъалмагъиралде. Гьаниб абизе ккола гьел бихьинал рукIанин Абубакар-хIажиясул гIагарал чагIи. Гьелдаса хадуб гIагарлъиялъулги гьесул хъизамалъулги гьоркьоблъи хола. Гьеб жеги хIалуцине бокьичIого, гьезда гьоркьоб дагIба ккечIого букIине гIоло, Абубакар-хIажияс хIукму гьабула хъизамгун цадахъ гIагараб росу тезе ва жиндирго лъадул ГьаракIуниве росулъе гочине».

ГьерекIдерица цIакъ лъикI, ракI-ракIалъ къабул гьавула Абубакар-хIажияв, загьир гьабула гьесдехун жидерго хIурматги квербакъиги. Гьеб заманалда Абубакар-хIажиясул букIана 53 сон, гIалимчиясе гьеб ккола жеги гIолохъанлъиялъул гъира-жан тIаса инчIеб, завалияб гIумру. Балагьараб мехалъ, чорхолъ витIарав, рухIалда жан бугев чиги вукIун вуго гьев, гуревани кIиго росдада гьоркьоб бугеб халатаб нухда лъагIел барав гIезегIан кIудияв васги ваччун инароан. Къадаралде щвезе жеги гьесие букIана 26 сон, гьединлъидал гьесухъа бажарана цIидасан жиндиргоги СагIидилги гIумру гIуцIизе, рес бугеб магIишат гьабизе, мадрасаги рагьун, цIар рагIараб гIелмияб центр лъун гьеб лъугьинабизе. Гьесие кумекалъе къо бахъанагIан гIун вачIунев вукIана кIудияв инсул бакI кквезе вугев СагIидги.

Гъазигъумекиса ГIабдурахIманица жиндирго «РакIалдещвеязул тIехьалда» хъвалеб буго:

«Абубакар-хIажияв ккола машгьарул дагъистаниял правоведазул, Дагъистаналда бусурбан культура пропаганда гьабуразул цояв, шагIир, жинда грамматика, хIадисал, фикъгьи лъазабулев букIарав мадраса гIуцIарав ва гьенив дарсал кьолев вукIарав».

Абубакар-хIажиясул асарал ва библиотека

хисизабизе

Абубакар-хIажиясул букIана бечедаб, къиматаб библиотека. Гьенир рукIана 70 квералъ хъварал асарал, гьезда гьоркьор бусурбан правоялдасан, гIараб мацIалъул грамматикаялдасан, иллагьияталдасан, мантIикъалдасан ва цогидал гIелмабаздасан асарал, 18 асар живго Абубакар-хIажияс цогидал асараздаса хъваралги. Гьесул библиотекаялда рукIана 700–800 соналъ цере хъварал къанагIатал ва некIсиял асарал. Масала, Пахрудин ар-Разил «Анвар ат-Танзил» (XIII гIасру), Абу ИсхIакъ аш-Ширазил «ШархI ат-Танбигь» ва ц.

Абубакар-хIажиясул гIараб мацIалда хъвараб адабияб ирс тематикияб рахъалъ буго батIи-батIияб. Гьев ккола тарихияб, фикъгьияб, этикиябгун ахлакъияб ва шигIрияб тематикаялдасан хъварал асаразул авторлъун.

Гьесул асаразда гьоркьоса хъвараб заман бихьизабураб бищун некIсияб асарлъун ккола, гьес ГІахъуша росулъ 1753 соналъ хъвараб «Васаил ал-лабиб гIала фадаил ал-хIабиб» абураб хIалтIи.

ГIалимчиясул асаразул квералъ хъваралги цо чанго кагъатги цIунун руго Тарихалъул, археологиялъул этнографиялъул институталъул, Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул квералъ хъварал асаразул фондалда, гьединго хасал библиотекабазда. Абубакар-хIажиясул гIараб ва магIарул мацIалда хъвараб бечедаб ирсалъул нилъехъе щварал асарал ккола:

  • Васаил ал-лабиб ала фадаил ал-ХIабиб. Гьеб ккола машгьурав исламалъул гIалимчи Жалалудин ас-СуйутІил «Фадаил ал-ХIабиб» («Вокьулесул лъикIаб рахъ») абураб хIалтIуе Абубакар-хIажияс хъвараб баян.
  • ИгIлам ат-тилмиз би ахIкам ан-набиз («ЧIагIаялъул хIакъалъулъ цIалдохъанасе малъа-хъваял»). Гьеб хIалтIулъ гIалимчияс халгьабулеб буго чIагIдал хIакъалъулъ суал. I777 соналда хъвараб гьеб хIалтIул мурад букIана чIагIа гьекъезе цо-цо гIалимзабазулъги мутагIилзабазулъги батараб гIадат тIагIинаби.
  • Базл ал-фатави («Байаназул сайигъат»). Гьеб букIана бусурбабазул жамгIияб, агьлуяб ва хасаб гIумруялда хъвалел фикъгьиялъул суалаздасан гIатIидго баян кьураб хIалтIи.
  • Буго Абубакар-хIажиясул цоги цо хIукъукъияб хIалтIи, цIар гьечIеб. Гьелъул цIунун хутIун буго гIицIго цохIо гьумер. Гьеб хIалтIул аслияб тема кола щакал суалазе баян кьей.
  • Бусурбабаздаги капурзабаздаги гьоркьор ругел бухьеназул цо чангос суал борхун буго гIалимчияс «Аз-Заджир гIан мувалат ал-куффар» («Капурзабигун гьудуллъи гьабиялдаса цIунулеб рес»).
  • Абубакар-хIажи кола классикияб гIараб мацIалда хъвараб «Къасида ал-мимийа» абураб шигIрияб асаралъул авторлъун.
  • XVIII гIасруялъул 50-абилел соназул ахиралда ГIаймакиса Абубакар-хIажияс хъвана жиндирго кIудияб шигIрияб асар – «Турки». Гьеб буго динияб хIасилалъул, анцIила лъабго поэмаялдаса гIуцIараб хIалтIи.
  • «Васийа» («Васигат»). Гьеб кола этикиябгун ахлакъияб асар, муъминчиясе рихьизарурал насихIатазул сияхI.
  • МаджмагI ал-авбаш («ГIабдалзаби ракIарулеб бакI»). Гьеб буго ункъо бутIаялдаса гIуцIараб дидактикияб асар.

XVIII гIасруялъул кIиабилеб бащалъиялдасан Дагъистаналда бусурбан культура цебетIеялъул тарих бухьараб буго гьединго Абубакар-хIажиясул мадрасагунги. Гьенир мутагIилзабаз лъазабулаан фикъгьи, шигIру гIуцIи, гIараб грамматика ва гь.ц.

Халкъалда жаниб Абубакар-хIажиясул мадраса букIана цIакъ машгьураб. Аслияб куцалда гьенир малъулаан теологиялгун гуманитариял гIелмаби. ТIабигIиялгун рационалиял гIелмаби малъг1аруиялъе гьениб кIудияб кIварго кьолароан.

Абубакарил гьунар букIун буго гIараб ва авар мацIазда шигIру сокIкIине. Гьев ккола магIарулхъвавулаб адарбияталъе кьучI лъураздасан цояв. ГIажам алипалдаса пайдаги босун, гьес гIезегIан насихIатиял асарал хъван руго. МагIарул мацIалда хъвараб гьесул 13 вагIза-поэма бахъун буго, 1912 соналъ Темир-хан-Шураб Мавраевасул басмаялда кьабураб, ЧIохъа ГIабдула-хIажияс данде гьабураб «ВагIзабазул тIехьалда».

МагIнаялъул рахъалъан гьел руго аслияб къагIидаялъ исламияб диналъул нух кквезе ахIун, бусурбабазе вагIзаби ва насихIатал гьарурал асарал.

ШаргIалъул нухде халкъ ахIулел гьел вагIзаби, гьанже заманалъул къагIидаялъ абуни, руго бусурбанчиясул гIамал-хасияталъул низамаллъун. Абубакар-хIажияс гIажаибго гьваридго, цо-цо мехалъ гучаб лирикияб шавкъалъул асаргун, цо-цо мехалъ ахIи балагун, гьарулагун, яги хIинкъи кьолагун, лъикIаб бицунагун, малъарулагун халкъ ахIула шаригIаталъул динияб нухдасан ине. Гьесул вагIзабаздасанги бихьула дин чучлъун, гIадамазул гIамал-хасият хун унеб букIин. Гьес гIажаибаб тIадчIейгун, ракI унтигун халкъ ахIула Аллагьасде руссине, какал разе, кIал кквезе, Къуръаналда божизе, ахираталъул, алжан-жужахIалъул пикругун гIумру гьабизе. БакI ккун букIаго абун телин, Абубакар-хIажиясул ахIи къабул гьабуразда гьоркьор рукIана, гьесдаса лъабкъоялда анцIгогIан соналъ хадуб шаригIаталъул нухдасан ине халкъ ахIарал ва гIемерисел гIадамал хIал гьабун гьеб нухдасан ине тIамурал, кIудиял имамзаби – ГъазимухIамад, ХІамзат-бег, Шамил.

Абубакар-хIажияс жиндаго цебе лъун букIараб Аллагьасул нухдасан ине халкъ ругьун гьабиялъул гьайбатаб масъалаялъул ахIи, гьединаб къагIидаялъ, XIX гIасруялъул байбихьуда ГIанди ва Авар гIорал журалеб хьиндаллъиялда гIумруялде бахъине байбихьана. Абубакар-хIажиясул вагIзабазул ахIи, хIинцго бугониги, тIибитIана тIадмагIаруллъиялда.

ГьаракІуниса СагІидица вагIзабазе гIараб мацIалда хъвана гIатIидал баянал, вагIзабазда жаниб бицунеб кинабго жо Къуръан-хIадисалда данде кколеб букIинги бихьизабун. Балагьараб мехалъ, квералъ хъван, цIаларал чагIаз, мутагIилзабаз тIиритIиза-рулел рукIана гьел.

ВагIзабаздасан бихьула шагIирас гьел хIежалдаса вуссараб, гIакълу, пикру цIубараб, дин чIаго гьабизе ккеялда щаклъи гьечIого ракIчIараб мехалъ хъвазе байбихьун рукIин.

Абубакар-хIажиясул вагIзаби цIалун лъугIаралго, нилъее лъугьуна тамахаб сабурлъиялъул асар. Гьезул кьвариялъухъ, инсанасде гьез гьабулеб тIалабалъухъ балагьичIого, нилъ гьез рачуна нилъее къабулаб ахиралде щвезегIан. ВагIзабазда жаниб бицараб лъикIабги квешабги кинабго жо тIубазабуни, нилъ лъугьине ккола унго-унгоял Аллагьасда цере рацIцIадал бусурбабилъун. ТIокIабги лъикIаб ахир кинабха букIинеб ва вагIзабазда бицараб тIубазабизе къасдгун, цIалун лъугIизарула нилъеца гьел ва нилъерго намусалдаги къасдаздаги цебе рагIи кьола гьениб бицараб гIадин гIумру тIамизе, дин гьабизе, Аллагьасде руссараллъун рукIине. Гьелъ нилъер ракIазулъ рижизарула сабруги лъикIал къасдалги.

ТIоцебесеб вагIза хъваралдаса нахъе унеб буго лъабнусгогIан сон. Чанги заманаби хисана гьелдаса нахъе, хисана гIадамалги, амма вагIзабазда жаниб бицараб жо хисичIо, гьеб жакъаги хIажалъула. Хасго ахирал соназда гIадамасул напс пасалъулеб куц бихьараб мехалъ, цебечIола гьекъолдиялде, хъахIбалъи-зинаялде гIолохъанаб гIел машгъуллъун бугеб куц, гьелъ намус-яхI бугев кинавго чи ургъалилъе ккезавун вуго. Жакъа гьесул вагIзабазде тIаде къулизе, гьел цIализе, пикру гьабизе рес щвеялъ, нугIлъи гьабула гьев кIудияв гIалимчиясул баракат нилъехъе тIадбуссунеб букIиналъе.

Абубакар-хIажиясул вагIзаби руго магIарул мацIалда хъвай-хъвагIай байбихьулеб мехалъ, тIоцебе гьеб мацIалда хъварал динияб адабияталъул тIадегIанаб даражаялъул асарал. ВагIзабаз магIарулазул рухIияб дунялалде, литератураялде, халкъалъул гIакълу-пикру ва культура цебетIезабиялде гьабураб гучаб асар жеги нилъеца лъазабун гьечIо, амма гьеб букIана цIакъго кIудияб.

Гьел вагIзаби гурони, тIокIаб щибниги Абубакар-хIажияс хъван букIинчIебаниги, гьев мустахIикъав вукIинаан магIарулазул хъвавулаб адабият гIуцIиялъулъ тIоцересезда гьоркьоб гIахьаллъи гьабурав гIалимчи хIисабалда кидаго магIарул халкъалда ракIалда вукIине.

ЦIех-рехаз бихьизабулеб буго Абубакар-хIажиясул нилъ тIаде ккечIел, жеги квер щвечIел, гIараб ва маг1арул мацIазда хъварал гIемерал асарал рукIин. Гьездаго гьоркьоб буго 1757 соналъ ГІахъуша мажгиталъул имамлъун ва мударислъун хIалтIулеб мехалъ хъвараб ва Институталъул квералъ хъварал тIахьазул фондалда цIунун бугеб «Аварагасул тIадегIанлъи» абураб, 1505 соналъ хварав исламалъул кІудияв гIалимчи Жалалудин СуютІиясул тIехьалъе хъварал баянал.

ВагIзабазул нилъее кIвар буго тарихиял документал хIисабалдаги. ТIадехунги бицухъе, гьел хъвазе байбихьун батизе ккола XVIII гIасруялъул тIоцебесеб бащалъуда. Ва вагIзабазда жаниб бицунелъухъ гIенеккараб мехалъ, нилъеда бичIчIула гьеб заманалда, киналалиго жеги нилъеда лъаларел гIиллабазе гIоло, МагIарухъ цIакъго заг1иплъун букIин. Щай къватIисан гьабулеб зулму-хIал гьечIеб заманалда гьедигIан цIакъ гIамал-хасият хун, рухIияб дунял жагъаллъун халкъ лъугьун букIараб? Гьелъие гIиллалъун букIун батизе ккола жанисеб ахIвал-хIал. ГьабсагIат гьелъие жаваб гьечIо. Амма нилъеда ракIчIун абизе кIола Абубакар-хIажиясул заманалъул гIалимзабазул рухIияб ирс лъазабизе рес щварабго, гьезул заманаялъ квералъ хъварал тIахьазул тIанчазул рагIаллъабазда гьарурал яги жидецаго жалго бетIергьанлъун гьарулел хъвай-хъвагIаял цIаларал, гьел данде ракIарун, гьезул хIасил гьабураб мехалъ, гьелъие жаваб батизе кколин. Гьениб хасго кIвар кьезе ккола Къудукьа Мусаласул, Кудалиса ХIасанил ва цогидалги гьезул заманалъул гIалимзабазул гьунаралъул ирсалде. МагIарул церехъабаз, гIалимзабаз халкъ диналде, шаргIалде бачине гьабулеб хIаракатчилъи хIакъикъаталда халат бахъана кIудиял имамзабазул заманалде, ГъазимухIамад имамасул хIаракатчилъи байбихьараб мехалде щвезегIан. Гьеб мехалдаги тIадецуй гьечIого, бичIчIи гIун халкъ диналде буссун букIинчIо, жамаг1аталда жаниб гIамал-хасияталъулъ чороклъи, ричча-рихъантей букIана. ТIадехун рехсохъе, годекIабахъ букIараб тIасан рорчIи, гьалмагьир жеги тIагIун букIинчIо. Бицен буго ГъазимухIамад имамасул заманалъул байбихьуда гендерил годекIаниб тIад тIажуги гьечIого, гIавратги цебе рехун гIодов чIун вукIарав херав чиясе тIилил гIадлу гьабиялъул, гьекъел-мехтелалъул, бечедазул зулмучилъиялъул, кIигьумерчилъиялъул, хъахIбалъи-зинаялъул. Имамзабазул ишазул байбихьиялъ Дагъистаналда гIемерисел бакIазда шаригIатги билълъанхъизабун, рес щвана бусурбан дин хIалтIизабизе.

Бихьулеб букIахъе рес буго абизе Абубакар-хIажиясги гьесул заманалъул диниял хIаракатчагIазги кьучI лъунин XIX гIасруялъ ккарал тарихиял лъугьа-бахъиназе. Дин цIунизе, шаригIат билълъанхъизабизе ккеялъул гьезул хитIабазул ахIи рагIана гъваридаб динияб лъай щварал, Абубакар-хIажиясулги гьесул васасул вас СагIидилги мадрасалда цIаларал, тавакалал, исламияб дин цIуни ватIан цIуниялда бухьинабизе лъарал ва кIварал гучаб гIолохъанаб гIелалда, рукIинесел имамзабазда.

Динияб хIаракатчилъиялъулги, вагIзабазулги, магІарул мацІ цебетIезабиялъулги рахъалъ бицине рагIи гIоларебгIан кIудияб кIвар буго Абубакар-хIажиясул магIарулазул тарихалъе, маданияталъе ва адабияталъе. РакIбацIцIадго тIолабго гIумру кьуна гьес бусурбан дин цIуниялъе, гьелдаса руссарал гьелде руссинариялъе. ВагIзабиги, гьесул хIаракатчилъиялъул цо бутIа буго. ВагIзабаз рагьана захIматал жалазул бицине, рекIел хIал, гIакълу, пикру загьир гьабизе магIарул мацIалъул бугеб бажари.

ГIалимчиясул кIудияб гьунарлъун букIана гIарабазул гIелмияб терминология маг1арул мац1алде жанибе бачин ва гьеб, гьелъул къануназда рекъезабун, х1алт1изаби. Гьелдалъун бечелъана маг1арулазул калам гуребги, миллияб культураги, адабиятги, асарал хъваялъул х1албихьиги.

Абубакар-хIажияв хвана 1791 соналда, 80 соналъул ригьалде вахарав чи. Гьев вукъун вуго гьерекIдерил хабалахъ жиндирго васакIо СагIидида аскIов. Гьесул зонода хъван буго гьадин:

«Шайих, гIарип, ХIажи Абубакар гьавуна ГIаймакив, гьижра гьабун, гIумру гьабулев вукIана ГьаракIунив, къурайши насабалъул, хвана 1205 с. (1791 с.)».

  1. ^ "Archive copy". Архивация оригинал (2011-03-14). Щвей 2010-12-14. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help)CS1 maint: archived copy as title (link)

Примечания

хисизабизе