ГӀама́лакӀаравар мифологиялъул персонаж, жиндир куц-мухъ гӀемерисеб ГӀандалазда гьоркьоб тӀибитӀараб.

Сипат-сурат

хисизабизе

ГӀамалакӀар бугин абула квер-хӀетӀ гьечӀеб, хӀо жиндихъ гӀамазул цӀураб цо гвала бугеб рижи.

Гьаб гӀемерисеб бачӀунила гьитӀинай яс йигеб рокъобе, гьалъул эбел-инсуда гьалъ цо гӀомо яги яс кьейин абулила магъало хӀисабалда. ХӀо гьалъ магъало къотӀула вас бугеб хъизамалдаги: яги вас, яги нус кьейин абулила.

Гьалъул кьей-тей тӀобитӀичӀел чагӀазул гьалъ лъимал рикъулила.

Параллелал

хисизабизе

Камрусеппа

хисизабизе

Хеттазул буго Камрусеппа абураб, бакъул бичасалъе чахъдал квас самизе квекулеб мифологикияб рижи.

Табасараназул Ярсел абураб мифологикияб рижи.

Абхазазул Ериш абураб мифологикияб рижи.