ГӀандалазул бо
ГӀандалазул бо яги ГӀандалал— гьанжесеб Дагъистаналъул бакьулъ бугеб мугӀрузулаб рахъалда ругел росабазул къокъа, авараз бетӀербахъи гьарулел бакӀалъул цояб. БолӀе унел рукӀарал росабазе бакӀалъулал кьолбол бетӀераз нухмалъи гьарурел рукӀуна СугъралӀ бетӀерлъун. Тушман жанибе лӀугьинеб мехалъ, росабаз жидерго къуватал гъункизарурел рукӀана гьезухъе данде.
Тарихияб пачалихъ | |
ГӀандалазул бо | |
---|---|
|
|
Тахшагьар | СугъралӀ |
ЧӀахӀиял шагьарал | CугъралӀ, Ругъжаб, ЧӀохъ, Гъамсукь |
МацӀ(ал) | авар мацӀ |
Дин | ислам |
Халкъ | аварал |
История
хисизабизе1741 соналда Персиялъул хӀаким Надир-шагь Афшарица 100 азарго чи вугеб аскаргун Дагъистаналде чабхъен гьабуна. Гьебго соналъул сентябралда тӀолабго Дагъистан букӀана парсазул кверщаликь, «Авария хутӀана Дагъистаналъул цохӀого цо щулалъи бахъичеб».
ТӀадегӀунтӀараб хӀинкъуда хурхун ГӀандалазул кьолбол бутӀрузул данделъи ракӀарун рукӀана. Доба хӀукму гьабуна кверщел гьабулеб чагӀи тӀадекьапизе. ГӀандалалъул къадиясе Пир-МухӀамадасе тӀадкъай кьуна бо гӀуцӀизе ги бетӀерлъизе.
Сентябир моцӀалъул ахиралда парсал лӀугьана ГӀандалалъул территориялде. Пир-МухӀамадица киналго аваразул бояздехун къагатгун хитӀаб гьабуна квеки гьабиян, гьездасан кватӀичӀого квеки бачӀана. Гьес къваригӀичӀеб рагъ гьабичӀого букӀине гьединго шахасе парламентарияби ритӀун рукӀана. Дол чӀван къотӀун тӀубазабуна. Гьелдаса хадуб Пир-МухӀамадица абуна: «Гьанже нижеда гьоркьоб рекъел букӀине бегьуларин. Нижер гӀакълу хӀарбургъинегӀан, ниж рагъизе руго жанилӀугьарал тушманал щушахъ рихизаризеян»[1]. Надир шах ГӀандалалъул ЧӀохъ росулӀа тӀад ругел мугӀрузде щвараб мехалъ, авараз хараблъизабулеб биххизаби лъуна. Рес гьечӀеб хӀалалде ккураб Шахасе лъутӀизе къваригӀун вукӀана, АвариялӀа кӀудияб аскарадул бутӀаги камун.[2]
Кавказалъул рагъ букӀараб мехалъ гӀандалазул росаби Шамилил рахъалда рукӀана. Хъвадарухъан ги кавказалъул рагъазул гӀахьалчи Я. Н. Костенецкийица, 1837 соналда Аваралъул жазачагIазул экспедициялда гьединаб сипат-сурат кьолеб букӀанин:
Дица цебего дагъистаназул атлетикияб формабазул кӀвар кьун балагьун букӀаниги, гьанир ругел чагӀаз дун хасго гIажаиблъизавуна жиндир борхалъиялъ ги кӀодолъиялъ: дозда дандеккун ниж пигмейлъун рихьулел рукӀана. Цо гъажалда гъал-гъалараб чIегIербурияб царал цIокогун, борхатаб тагъурги лъун, халатаб туманкӀги кверда ккун, рачелида бугеб ханжарги таманчаги, гьелда тӀадеги гургинаб чегӀараб мегежги, далараб кьунсрулги, цӀудул мегӀерги ги аваразул берал: гьел руго унго-унгоял бандитал, гьезда цере испаназул яги италяназул хъачагъал васал гӀадин рихьулаан, дир божелги буго мелодрамалъул цебетӀолеб мехалъ сценалда щвезабураб гьединаб къокъаца бищун хвалилаб эффект гьарулаан.[3]
1877 соналда ГӀандалал территориялда, кинабго Дагъистаналдаги гӀадин, цойидасанго багъаруна дандечӀей. Ункъабилеб имамлъун рикIкIунев вукӀарав гӀандалалас МухӀамад-ХӀажица гьелъие бетӀерлъи гьабуна. 1877леб соналъул ахиралде гӀодобе ккезе байбихьина. Ноябиралда тӀарамагъадисеб рахчулеб бакӀ СугъралӀ росу ккуна. СугъралӀ букӀана тӀубанго бухӀун, гьединго болмажгит кьвагьун букӀана. СугъралӀ аскӀоб бугеб ГӀанада бакӀалда МухӀамад-ХӀажи ги гьесул активниял нахъвилълъунел публикго жанире тӀамун ги кварида бан гъанкъизаруна. Киналго гьоркьохъеб ги бакътӀерхьул Дагъистаналалъул росабаздаса рачун вукӀана 2000 азарго чи (киналго росабазда вачӀине кколев вукӀана минимум 2 чи).[4]
МугъчӀваял
хисизабизе- ^ "Архивированная копия". Архивация оригинал (2012-07-11). Щвей 2017-09-16.
{{cite web}}
: Unknown parameter|deadlink=
ignored (|url-status=
suggested) (help) - ^ Г. Алкадари. Асари-Дагестан: исторические сведения о Дагестане / Пер. и прим. А. Гасанова. — Мх.: Юпитер, 1994. — Гь. 69. — 158 с. Архивация 24 септембер 2015 соналъул.К:Википедия:Халипал мекъи хӀалтӀизарурал гьумерал:ТӀехь (бихьизабун буго archiveurl)
- ^ Я. И. Костенецкий. Записки об Аварской экспедиции на Кавказе 1837 года. — Книга по Требованию. — СПб.: Халип:Тип. Э. Праца, 1851. — 122 с. — ISBN 978-5-518-08193-2. Архивация 21 фебруар 2020 соналъул.К:Википедия:Халипал мекъи хӀалтӀизарурал гьумерал:ТӀехь (бихьизабун буго archiveurl)
- ^ Sergej Nikolajevič Šubinskij. Древняя и новая Россия: ежемѣсячный исторический журнал. 1880, Том восемнадцатый. — Tipografija V. Gracianskago, 1880. — 876 с.