ГӀободаса МухӀамадхӀажи

ГӀобо́даса МухӀа́мад-хӀажи[1] (тӀобараб цӀар: ГӀободаса Къебед-дибирасул МухӀамад-хӀажи, гьединго ГӀободияв устар, Сайид ГӀободияв, 1828, ГӀобода, Авария — 1895, Макка, ГӀусманилазул империя) — кӀудияв гӀалим, шайх, устар, Ал-ХӀарамалъул имам; рикӀкӀунаан анцӀила ункъабилеб нусилалъул имамлъун.

Биография

хисизабизе

Васасда эбел-инсуца гьавидал лъураб цIар букIана МухIамад абун, аварагасул хӀурматалда. ХIежалдаса тIад вуссиндал, гьесул цӀаруде жубана хIажи абун эпитет. Ва амма заманалдасан росуцоязги, муридзабазги, жалго гIалимзабазги гьев рикIкIунев вукIана МухӀамад аварагасул суннат жиндица щулаго ккурав чи вахъиндал, росуцоязги, муридзабазги, гӀалимзабазги гьев рикӀкӀине лӀугьана бищунго гIажаибав Сайидлъун. Гьелъул кьучIчIалда тIолабго исламияб дунялалъего гьев лӀугьана устар Сайид ГIободиявлъун.

Гьавиги лъимерлъиги

хисизабизе

МухӀамад-хӀажи гьавуна 1828 соналъ гьанжесеб Хунзахъ мухъалъул ГIобода росулӀ Къебед-дибир абулев, Хунзахъ тӀалъул чанго росабалӀ дибирлъиги гьабурав, сверухъе жиндир цIарги рагIарав гIалимчиясул хъизаналда.

Живго Къебеддибирил анкьумумулги гьебго даражаялъул гIалимзаби рукIун руго, хундерил тIалъиялда гуребги, тIолабго Дагъистаналдаго жидер цIар рагIарал.

Лъимерлъудаго тӀатана МухӀамадил цӀали-лъаялдехун интерес. ЦӀакъ тIачIчIун лъазабище лӀугьана гьитIинав МухIамадица динияб гIелму. Щиб суал кIудияз гьесие кьуниги, гьеб параялдаго щолеб букIана чIванкъотIараб, мухIканаб ва кьучIчIаб жаваб гьитIинав МухIамадихъан гIадамазе. Сверухъе киналго рукIана гьеб гIаламаталда хIикмалъун, божизе кIоларого, гьеб кинабго жидерго беразда цебе щибаб къойилго кколеб бугониги.

МухIамадица цIакъго ццудунго тIокIкIинабуна жиндирго инсудасан босизе рес букIарабщинаб гIелму-лъай.

Хадусеб лъайщвей

хисизабизе

1843 соналъ МухӀамад-хӀажида макьилӀ вихьун вуго жиндирго росуцояв, цIар рагIарав гIалимчи ШагIбан-къади. Гьес абун буго радал вахъун мун Гьухъаливе щвайилан, гьенив ватизе вугин вукIинисев мудасир МухIамад Гьухъалияв, жинца киналъего квекел гьабизе бугев, абун.

Гьеб макьу бихьун хадуса МухӀамад-хӀажида ракӀалде ккола Гьухъалиса МухIамадихъе гIелму камил гьабизе ине сапар бухьине. Живго Гьухъалиса МухIамадхIажи вукIана Гъумекиса Жамалудиница жиндие устарлъиялъе ижаза кьурав машгьурав, гъваридаб гIелмуялъул гIалимчи, накъшубандияб тIарикъаталъул устар.

МухӀамад-хӀажияс байбихьана «Силкул гIайин» абулеб тIехьалдаса байбихьун «Сирру къадар» абулеб тIехьалде щун, жиндирго исламияб гIелму камил гьабизе.

ТIубараб лъабго соналъ Муршидун Камил Гьухъалиса МухIамадхIажиясда цеве цIалунги лӀугIун, муршидлъиялъе ижаза щвараб мехалда, Сайид ГIободиясул гIумруялъул букIана анцIила микьго сон. Жеги гӀолохъанлъухъ балагьичIого, Гьухъалиса МухIамадхIажияс, ГӀободаса МухӀамад-хӀажи цӀакъав гIалимчи вахъиндал, гьесие кьола тIарикъаталъул устарлъи гьабизе изну.

ХIеж борхизе ине къватIиве вахъине ракӀалде ккедал, Гьухъалиса МухIамадхIажияс ГIободаса МухӀамад витIула СугъралӀе ГIабдурахIман-хIажиясухъе хадубккунисеб гIелму камил гьабизелъун, гьесул киса-кибего цIар рагIараб мадрасаялде цIализе.

ХӀеж борхун хадуса

хисизабизе

1866 соналъ, 38 сон барав МухӀамад-хӀажи ана, тӀоцесеб нухалъ хӀеж борхун, Маккаялде.

Гьениса нахъвуссиндал, гьев кӀвар кьун лӀугьана исламиял гӀелмаби камил гьариялда тӀад хӀалтӀизе; гьес хъвана чанго тӀехь гӀарабалда, дандакӀарана комментариял шаргӀиял каноназе. МухӀамад-хӀажи вахъане Дагъистаналдаго цӀар рагӀарав гӀалимлъун, гьесул бицине лӀугьана гӀарабалӀги, эс хъварал тӀахьал тӀиритӀизн лӀугьана исламияб ракьалдаги.

КӀиабилеб хӀеж ва ХӀижазалда рещтӀин

хисизабизе

1878 соналъ гьес гьабуна кӀиабилеб хӀеж, эбго мехалда лъай-хъвай гьабуна исламияб дунялалда цӀар рагӀарал гӀалимзабигун, гьезда гъорлӀ Маккаялдаса Къурайшиязул Сайид ХӀусейн, ГӀабдурахӀман Шами, ГӀабдул Казбари Шами, Хизри Хумуси ва ц.

1883 соналъ, ГӀарабиялъул гӀалимзабазул цокӀалаб хӀукмуялда, ГӀободаса МухӀамад-хӀажи вищана Ал-ХӀарам мажгитул имамлъун, ва хвезегӀан вукӀана гьеб хӀалтӀи гьабулев.

ГӀободаса МухӀамад-хӀажи хвана Маккаялда 1895 соналда, жиндир 67-абилеб сонида жанив. Гьев вукъана Шабатул Нур абулеб бакӀалда бугеб Муала хабалалӀ, МухӀамад аварагасул лъади Хадижатил хабада аскӀов.

МугъчӀваял

хисизабизе
  1. ^ Гьавидал букӀараб цӀар — МухӀамад, хӀажи абураб эпитет рекӀинабуна цӀаруда 1866 соналъ хӀеж борхун хадуса