ГӀусман-хӀажи МухӀамадов

ГIусман-хIажи МухIамадов, МагIарул мацIалъул ва адабияталъул мугIалим, фольклорист.

ГIусман-хIажи МухIамадовасул гIумруялъул, хIаракатчилъиялъул, гIамал-хасияталъул цо бутIа рагьулеб буго нилъее гIалимчиясул тIадехун рехсарал ракIалдещвеяз. ГIусман-хIажиясул захIматаб, хIикматаб къисматалъул унго-унгояб, рагIа-ракьанде щвараб сипат бахъараб очерк ялъуни макъалабазул цоги жанр газет-журналазда дида бихьичIо.

ХIакимзабазе, «цIиял магIарулазе» ва цоги гьезда релълъарал «чванта бицатазеги тах борхатазеги» икрам гьабурал, гьезул букаранщинаб бакI хъасарал, авторасе хинкIги чуриги щварал хъвай-хъвагIаял гIемер рачIуна редакциялде ритIун, гьезул чангиял къватIиреги уна. ГIадатиял гIадамазул, «хъабчилъ ругел бахIарзазул» гIумруги рохел-къварилъиги рагьарал кагътал къанагIалъун руго.

ГIусман-хIажи МухIамадовас магIарул адабияталъе гьабураб кIудияб, ракIбацIцIадаб хъулухъ миллатцоязда бихьизабизе кIун батани, гьаб гьумералъул мурад тIубараблъун рикIкIуна дица. Жиндир хIакъалъулъ тIехь хъвазе мустахIикъав чи вукIана мунагьал чурад. МагIарул росабалъе ине бокьуларого рукIуна гьанже авар газеталъул хIалтIухъаби. ГIусман-хIажияс абуни магIаруллъи бега-гилана. КигIан гIемерал пайдаял дандчIваялдай гьес росабалъ тIоритIарал! Къалмиде росичIого кигIан интересал лъугьа-бахъиналдай хутIарал! Гьанжеялдаса 9-10 соналъ цебего дица ГIусман-хIажиясда абун букIана дур гIумрудул хIакъалъулъ хъвазе бокьун бугин, разилъиларищан. Рецц-бакъ къабуллъуларев гьес дие инкар гьабуна. Гьелъги бицуна чиясул хасияталъул, рухIияб борхалъиялъул. Чанги гIелмабазул кандидатасул хъвай-хъвагIаяздаса багьа цIикIкIараб хIалтIи гьабуна ГIусман-хIажияс. Дида лъикIаблъун бихьула хадубккун Гумбет районалда гьесул юбилей гьаби. Гьелде данде ккезабун, ГIусман-хIажиясул цIарги тIад хъван, ГIали-хIажиясулги МахIмудилги хIакъалъулъ гьес ракIарарал баяназул тIехьги къватIибе биччазе[1].


Примечания

хисизабизе
  1. ^ "Берал къанщунилан, къадру холаро, ХIамзат ГIизудинов". Архивация оригинал (2016-03-06). Щвей 2010-12-14. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help)