Дануб
Дануб, ялъуни Дунай (Халип:Langs) — Европаялъул халалъиялъул ва лълъецӀубаялъул рахъалъ кӀиабилеб гӀор (Волгаялдаса хадуб), Европаялъул Цолъиялъул территориялда бугеб бищун халатаб гӀор. Гьеб чвахула Централияб ва Жанубиябгин Бакъбаккул Европаялъул цӀикӀкӀаниселдасан, Шварцвалдалдаса байбихьун ЧӀегӀераб ралъдалӀе.
Дануб | |
---|---|
рум. Dunărea, венг. Duna, нем. Donau, серб. Дунав, словацк. Dunaj, болг. Дунав, хорв. Dunav, укр. Дунай | |
Этимология | Келт: 'danu' (илагьасда цӀар) |
Хасиятал | |
Халалъи | 2850 км |
Лълъел харж | |
• БакӀ | Данубалъул делтаялде щвелалде |
• Гьоркьохъеб | 6510 м³/с |
• Максималияб | 15 900 м³/с |
• Минималияб | 1790 м³/с |
Лълъел харж | |
• БакӀ | Пассау шагьаралде щвелалде 30 км, Бавария, Германия |
• Гьоркьохъеб | 580 м³/с |
Лълъел харж | |
• БакӀ | Вин, Австрия |
• Гьоркьохъеб | 1900 м³/с |
Лълъел харж | |
• БакӀ | Будапешт, Гьунгария |
• Гьоркьохъеб | 2350 м³/с |
Лълъел харж | |
• БакӀ | Белград, Сербия |
• Гьоркьохъеб | 5600 м³/с |
Бассен | |
ГӀатӀилъи | 801 463 км² |
Аслиял шагьарал | |
Лъелчвахел | |
БетӀер | гӀорал журанбакӀ: Бригах ва Брег |
• Бугеб бакӀ | Германия |
• Борхалъи | 678 м |
• Координатал | 47°57′04″ ш. гӀ. 8°31′14″ бб. х.HGЯO |
КӀал | ЧӀегӀераб ралъад |
• Бугеб бакӀ | Румания ва Украина |
• Борхалъи | 0 м |
• Координатал | 45°13′19″ ш. гӀ. 29°44′36″ бб. х.HGЯO |
ГӀурул гьетӀи | 0,237 м/км |
Бугеб бакӀ | |
Лълъел система | ЧӀегӀераб ралъад |
Пачалихъал | |
|
|
Медиафайлал Викигъамасалда |
Цебе заманалда Дануб букӀана Румалъул империялъул гӀурхъилъун, жакъа гьеб буго Ракьалда тӀад бищун гӀемерал пачалихъаздасан чвахулеб гӀор (10-ялдасан). Германиялда байбихьулеб Дануб чвахула жанубиябгин бакъбаккудехун 2850 километралъ, Австриялъул, Словакиялъул, Гьунгариялъул, Хорватиялъул, Сербиялъул, Романиялъул, Булгариялъул, Молдовалъул ва Украиналъул территорияздасан. Гьелъул лъимбакӀарул бассен гӀунтӀараб буго жеги ичӀго пачалихъалъул ракьаздеги. Данубалда ругел чӀахӀиял шагьарал руго Вина, Будапешт, Белград ва Братислава, ва гьезул щибаб кколал жиде-жидер пачалихъазул тахшагьараллъун. Гьел Дануб ккола бищун гӀемерал тахшагьараздасан чвахулеб гӀорлъун.[1] Данубалъул расалъиялда буго жеги щуго тахшагьарги: Бухарест, София, Загреб, Любляна ва Сараево. Гьелъул бассеналде кколеб ункъабилеб бищун кӀудияб шагьар, Изар гӀоралъул рагӀалда бугеб Мюнхен, буго Бавариялъул тахшагьар.
НекӀо заманалдаса нахъего Дануб букӀана традиционияб дармил нухлъун. Жакъа къоялъ гьелъул халалъиялъул 2415 км буго гуми хьвадулеб. Дануб цо гьабун буго Шималияб ралъадгун Рейн–Майн–Дунай каналалдалъун, жинца Келгьелмалда Данубги Бамбергалда Майнгин цолъизабулеб. ГӀор ккола гьединго гьидроэнергиялъулги гьекъолеб лълъелги кӀвар бугеб иццлъун. Европаялъул гӀемерал гӀорхъабиги, хасго Балкъаназда, руго Данубккун.
Цогидал цӀарал ва этимология
хисизабизеГеография
хисизабизеХалкъаздагьоркьосеб лълъелнух хӀисабалда классификация гьабураб гьеб байбихьула Германиялъул Шварцвалдалда бугеб Донауэшинген шагьаралъухъ, Бригах ва Брег гӀоразул журанбакӀалда. Гьениса Дануб чвахула жанубиябгин бакъбаккудехун 2730 километралъ ункъго тахшагьаралдасан (Вина, Братислава, Будапешт ва Белград) Романиялде ва Украинаялде кколеб Данубалъул делтаялдаса ЧӀегӀераб ралъдалӀе.
Цебе Румалъул империялъул гӀурхъилъун букӀараб Дануб гьанде ккола яги гӀурхъилъула 10 пачалихъалъе: Романия (бассеналъул гӀатӀилъиялъул 29.0%), Гьунгария (11.6%), Сербия (10.2%), Австрия (10.0%), Германия (7.0%), Булгария (5.9%), Словакия (5.9%), Хорватия (4.4%), Украина (3.8%) ва Молдова (1.6%).[2] Гьелъул лъимбакӀарул бассен гӀунтӀула жеги ичӀго пачалихъалдеги (анцӀабилеблъун Косовоги гъорлӀе бачун).
Делта
хисизабизеМугъчӀваял
хисизабизе- ^ "Which River Passes Through Most National Capital Cities?". worldatlas.com. Щвей 30 April 2022.
{{cite web}}
: Check date values in:|access-date=
(help) - ^ "Countries of the Danube River Basin". International Commission for the protection of the Danube River. Щвей 13 November 2010.
{{cite web}}
: Check date values in:|access-date=
(help)
КъватӀисел регӀелал
хисизабизе- Халип:Osmrelation-inline
- Danube watershed map and information from the World Resources Institute
- Danube Panorama Project Archived 2011-07-23 at the Wayback Machine
- сайт о Дунае
- Danube and the sport of rowing
- Danube image pool on Flickr
- Danube Tourist Commission Archived 2022-02-06 at the Wayback Machine
- danubemap.eu – The Tourist Map of the Danube (archive)
- International Commission for the Protection of the Danube River
- Bridges of Budapest over the Danube river
- Description of the Danube estuary in June 1877, The Times of London
- Old maps of the Danube, Eran Laor Cartographic Collection, The National Library of Israel