Дегьестан (парс دهستان‎) — росдал округ, Ираналъул административиябгун-территорияб единица, жиб жиндир иргаялда бахшалъул (ай, районалъул) бутӀа кколеб. «Дегьестан» абураб цӀар лъугӀула «дегь» (росу) рагӀиялдаса (бал. дегькъан). Дегьестаналда жаниб уна чанго росу (руста). Дегьестаналъул бетӀер — дегьдар (бегаул). Идара — дегьдари (росдал совет).

Цогидаб хисизабизе

Дегьистан — Туркменистаналъул бакътӀерхьуда бугеб тарихияб район.

Гь. балагье хисизабизе