Демократия (н.-грек δημοκρατία, dēmos 'халкъ' ва kratos 'нухмалъи'[1]) — хӀукуматалъул форма, жинда жаниб халкъалъул ихтияр бугеб гьоркьор лъезе ва къабул гьаризе къанункьеялъулал хӀукмаби ("битӀараб демократия"), яги гьеб иш гьабилъе хъулухъчагӀи рищизе ("репрезентативияб демократия"). Демократиялъул бокӀонганчӀида гъорлӀ руго данделъиялъул эркенлъи, ассоциациялъул эркенлъи, милкалъул ихтиярал, диналъул ва каламалъул эркенлъи, гъорлӀлъи ва ращалъи, ватӀанчилъи, жидее нухмалъулезул разилъи, рищиялъул ихтиярал, аслу гьечӀого хӀукуматалъ гӀумрудал ихтияраздаса ва эркенлъиялдаса махӀрум гьариялдаса эркенлъи, ва гьединго дагьбутӀабазул эркенлъи.

Демократия абураб бичӀчӀел гӀезегӀан цебетӀуна заман бахъанагӀан. Гьелъул байбихьул форма букӀана битӀараб демократия. Жакъа къоялъ демократиялъул бищун гӀаммаб форма буго репрезентативияб (вакиллъулаб) демократия, гьениб халкъалъ, жидерго цӀаралдаса нухмалъи гьабизе, рищула хӀукуматалъул хъулухъчагӀи парламентияб яги президентияб демократиялда.[2]

Цебесеб теория

хисизабизе

Аристотелица данде лъолаан гӀемеразул хӀакимлъи (демократия/тимократия) дагьазул (олигархия/аристократия) ва цо чиясул хӀакимлъиялде (тирания яги гьанжесеб автократия/абсолютияб монархия). Гьес гьединго рикӀкӀунаан щибаб системаялъул жиде-жидер лъикӀал ва квешал вариантал ругилан (демократия абуни гьес рикӀкӀунаан тимократиялъул дегенеративияб аналоглъун).[3][4]

Гьанжесеб теория

хисизабизе

Жакъа къоялъул политикиял теористазда гьоркьоб буго демократиялул лъабго къецияб цонцепция: аггрегативияб демократия, делиберативияб демократия ва радикалияб демократия.[5]

ХӀукуматиял демократиябазул тайпаби

хисизабизе

Демократиялъ босул чанго батӀияб форма теориялда гӀадин практикаялдаги. Демократиялъул цо-цо вариантаз чӀезабула жиндирго ватӀанчагӀазе дагьалги лъикӀаб вакиллъи ва цӀикӀкӀараб эркенлъи, цогидазде дандеккун.[6][7] Амма кинаб букӀаниги демократия гӀуцӀцӀун гьечӀони хӀукуматалъул халкъ къанункьеялъулаб процессалдаса бахъизе яги хӀакимлъиялъул кинаб букӀаниги гӀаркьелалъе хӀакимлъи бикьи жидеего данде кколедухъ хисизабизе гьукъулеб къагӀидаялда, системаялъул цо гӀаркьелалъ, жиндего цӀикӀкӀараб хӀакимлъи сверизабун, демократияб биххизабизе бегьула.[8][9][10]

 
Дунялалъул пачалихъал хӀукуматалхъул формаялда рекъон релъарал1
     ТӀубурал президентиял республикаби2      Бащдаб-президентиял республикаби2
     Парламентиял респуликаби къанункьеялъул хӀакимлъиялда варав тӀуралев президентгун      Парламентиял респуьликаби2
     Парламентияб конституциониял монархияби      Конституциониял монархияби, хӀукуматалъул хасав бетӀер вугел, амма къиралияб хъизаналъул чӀагӀазул кодоб жеги-жеги тӀураязул ва/яги къанункьеялъулаб хӀакимлъи бугеб
     Абсолютиял монархияби      Цо-партиял пачалихъал
     ХӀукуматалъул хӀакъалъулӀ конституциониял провисионал чӀезе тарал пачалихъал (мисалалъе. рагъулал диктаторлъаби)      Цониги тӀадегӀан кьурал системаязе данде кколарел пачалихъал
1Гьаб карта гӀуцӀун буго Пачалихъазул сияхӀ хӀакимлъиялъул системаялда реукъон. Иццал ралагье гьенир. 2Чанго пачалихъ, конституционияб къагӀидаялда рекъон гӀемер-партиял республикабилъун ругел, къватӀисел халгьабунчагӀаз рехсолел руго авторитариял пачалихъал хӀисабалда. Гьаб картаялда бихьизабун буго цохӀо де юре хӀакимлъиялъул форма, де факто бугеб демократиялъулаб даража гуреб.

МугъчӀваял

хисизабизе
  1. ^ Democracy.
  2. ^ Tangian, Andranik (2020). Analytical Theory of Democracy: History, Mathematics and Applications. Studies in Choice and Welfare. Cham, Switzerland: Springer. doi:10.1007/978-3-030-39691-6. ISBN 978-3-030-39690-9. S2CID 216190330.
  3. ^ "Aristotle, Nicomachean Ethics, Book VIII, Chapter 10 (1160a.31-1161a.9)". Internet Classics Archive. Щвей 21 June 2018. {{cite web}}: Check date values in: |access-date= (help)
  4. ^ "Aristotle". Internet Encyclopedia of Philosophy.
  5. ^ Springer, Simon (2011). "Public Space as Emancipation: Meditations on Anarchism, Radical Democracy, Neoliberalism and Violence". Antipode. 43 (2): 525–62. doi:10.1111/j.1467-8330.2010.00827.x.
  6. ^ G.F. Gaus, C. Kukathas, Handbook of Political Theory, SAGE, 2004, pp. 143–45, ISBN 0-7619-6787-7, Google Books link
  7. ^ The Judge in a Democracy, Princeton University Press, 2006, p. 26, ISBN 0-691-12017-X, Google Books link
  8. ^ A. Barak, The Judge in a Democracy, Princeton University Press, 2006, p. 40, ISBN 0-691-12017-X, Google Books link
  9. ^ T.R. Williamson, Problems in American Democracy, Kessinger Publishing, 2004, p. 36, ISBN 1-4191-4316-6, Google Books link
  10. ^ U.K. Preuss, "Perspectives of Democracy and the Rule of Law." Journal of Law and Society, 18:3 (1991). pp. 353–64

Цитатинарулел хӀалтӀаби

хисизабизе

РегӀелал

хисизабизе