Денил мугьуралъул суратал

Денил мугъуралъул суратал — цилиндрияб мугьуралъ лъурал суратал, жал 1985 соналъ Германиялъул Археологияб институталда I Наслуялъул пиргІавн Денил хоб-рукъалъуб ратарал ва жидеда I Наслуялъул пиргІавназул цІарал ругел. Гьезул публикация гьабуна Гюнтер Дрейерица нахъисеб соналъ. Гьел суратал ккола бищун цебесеб НекІсияб Египеталъул пиргІавназул цІарал ругел сияхІлъун[1].

I Наслу
6
Нармер
Мернейт
Денил хоб-рукъ

ЦІарал рехсон руго хадусеб тартибалда:

Гьеб сияхІалъ тасдикъ гьабула Нармер Тинисалда Египет цолъизабилалде цеве вукІарав ахирисев бетІер гурев, I Наслуялъе кьучІ лъурав пиргІавн вукІиналъе далил. Гьединго кІвар бугеб жо ккола гьениб Менес гьечІолъи, щай гурелъул гІалимзабаз цо ккураб хІалалда рикІкІуна Менес абураб цІар Нармерил цІаралъул хадусеб вариация бугин абун[2].

ХІужжаби

хисизабизе
  1. ^ Günter Dreyer: Ein Siegel der frühzeitlichen Königsnekropole von Abydos, in: MDAIK 43 (1986). 33-43
  2. ^ Hawass, Zahi et al. (2003). Egyptology at the Dawn of the Twenty-first Century. Cairo: American University in Cairo Press.

Халип:НекІсияб Египеталъул ханзабазул сияхІал