Жеги лъугІичІеб рельеф, кинав пиргІавнасулали лъаларо. Известняк. XVIII Наслу. Уасеталдаса. Петрил Египеталъул археологиялъул музей. Лондон.
XVIII Наслуялъул цевесев пиргІавнасул бетІер, гІ.-ш. 1539–1493 сс. н. щ., 37.38 E, Бруклиналъул музей
XVIII наслуялъе кьучІ лъуна Камосил (цебесеб наслуялъул ахирисев пиргІавн) вац I АхІмосица . Гьес рагІалде бахъинабуна гиксосазде данде гьабулеб букІараб рагъул кампания ва тІубанго эркен гьабуна гьездаса Гъоркьияб Египет . I АхІмосил ханлъи рикІкІуна КІиабилеб хиси ккараб заманалъул ахирлъун ва ЦІияб ханлъиялъул байбихьилъун. I АхІмосидаса хадув ханлъуде вачІана гьесул вас АменхІотеп I , жиндир ханлъиялъул заманалда жаниб цогиязде данде ккун гІемер хиса-басиял ккечІев[ 1] .
I АменхІотепил, батизе бегьулеб жо, вас вукІинчІо, ва гьесда хадусев пиргІавнлъун лъугьана Тутмос I , ханзабазул наслуялъулгун лъадудасан хурхен бугев. Гьес жиндир ханлъиялъул заманалда жаниб Египеталъул гІурхъаби гІатІид гьаруна шималияб рахъалдаса Фураталда бугеб Каркемиш шагьаралдаса бахъун жанубияб рахъалде Курусалда Нилалъул 4-б хІокІалде щвезегІан.
I Тутмосидаса хадув ханлъуде вачІана Тутмос II . Гьев хун хадуб ханлъиялъул иш кверде босана I Тутмосил яс ХІатшепсутица : цин гьитІинго вугев жиндирго росасул цогияй лъадуе гьавурав васасул (Тутмос III ТІадегІанав ) регент хІисабалда ва хадуб жийго пиргІавн хІисабалда. Гьелъ ханлъи гьабуна 20-ялдаса цІикІкІун саназ.
ХІатшепсут хисун пиргІавнлъун вачІана Тутмос III ТІадегІанав , жив Египеталъул бищун къуватав рагъулав цевехъан хІисабалда машгьурлъарав, гьес Азиялда гьарурал рагъулал кампанияз щула гьабуна Египеталъул кверщел, Египет лъугьана жиндир заманаялда бищун къуватаб империялъун.
III Тутмосил ханлъиялъул ахирисел саназда гьесда цадахъ ханлъи гьабуна гьесул вас II АменхІотепица , жив эмен хун хадув пиргІавнлъун лъугьарав. АменхІотеп II вукІана лага-черх къуватав, чІорбутІалъ речІчІун жиндихъе чи вахунарев пиргІавнлъун, бицен буго, гьесул лъидаго нахъе цІазе кІолареб чІорбутІ букІанин абун. Батизе рес буго, гьес Египеталъул империялъул гІурхъаби жанубияб рахъалде гІатІид гьари.
АменхІотеп II хун хадуб пиргІавнлъун лъугьана гьесул вас Тутмос IV , гьесда хадув вачІана вас АменхІотеп III , жиндир ханлъиялъул заман тІолабго XVIII наслуялъул къуваталъул ва гучалъул заваллъун лъугьана, гьесул заманалда гІумруялде рахъинаруна гІемерал архитектуриял проектал. Гьелъул рахъалъ III АменхІотепихъе вахуна цохІо XIX Наслуялъул Рамсес ТІадегІанав [ 2] .
III АменхІотепил вас ва ирсилав Тутмос хеко хола ва гьесул бакІалда вачІуна АменхІотеп IV, жинца инсул ахирисел саназда гьесда цадахъ ханлъи гьабурав. Гьеб цадахъ ханлъи чан соналъ гьабурабали мухІканго лъаларо, цо-цо египтологаз рикІкІуна гьеб дагьабго заманалъ букІанин абун, цогида — 12 соналде щвезегІан букІанин абун; руго гьединаб цадахъ ханлъи букІинчІин абун рикІкІунелги.
Жиндир ханлъиялъул 5-б соналъ, IV АменхІотепица жиндирго цІар хисун босула Ахенатен абураб цІар (ꜣḫ-n-jtn , "Атоние мукагІалъи бугев"), ва Уасе т шагьаралъул бакІалда Египеталъул тахшагьарлъун гьабула цІияб бараб Ахетатон шагьар. Ахенатонил ханлъиялда жаниб гьес Атон (jtn? бакъул гор) лъугьинабула цин бищун тІадегІанаб илагьлъун, ва хадуб цохІо бугеб илагьлъун, бабйбихьула Ахенатонил диниял хиса-басиял, жидер хІасилалдалъун египтяназул гІадатазул дин нахъ чІвалев ва хутІарал илагьзабазул килисаби къалеб[ 3] . Ахенатонил хиса-басиял хІакъикъияб монотеизмаялда бащад букІиналъул суалалда тІасан бахІсал жакъа къоялъги руго гІалимзабазда гьоркьор. Цо-цояз рикІкІуна Ахенатеница монотеистияб дин бахъанин абун, цогидаз — гьес цогидал илагьазул культал къинарун, Атонил культ бетераблъун гьабунин, амма гьебго заманалда цо-цо гІадатазул илагьаздасаги инкар ьабичІин абун.
Хадусел египтяназ Амарналъул период рикІкІунаан мекъе ккейлъун ва Ахенатенил хиса-басиял бидгІалъун ва гьересилъун. Ахенатен хун хадуб рукІарал лъугьа-бахъинал руго ричІчІуралел. Лъала Сменхкара ва Нефернеферуатен абулел цІарал ругел чагІи, амма гьезул роль ва тарихалда жаниб бакІ руго жидеда тІасан бахІал лъугІичІел суалалъун. Нефернеферуатен йикІун ятизе бегьула Ахенатенил кІудияй лъади Нефертитилъун, Нефернеферуатен абулеб тах цІаралда гъоркь къокъаб заманалъ ханлъи гьабурай.
XVIII Наслуялда гІагарлъиялъулаб хурхен бугев пиргІавн ккола Тутанхамун , жиндир ханлъиялъул заман цІакъ къокъав; гьев гІолохъанго хола. Гьесул заманалда Ахетатон шагьар рехун тола, Ахенатенил диниял хиса-басиял нахъчІвала[ 4] .
Айил блок-статуя, гІ-ш. 1336–1327 н. щ., 66.174.1, Бруклиналъул музей
XXVIII Наслуялъул ахирисев кІиго пиргІавн — Ай ва ХІоремхІаб — бетІерлъуде рачІуна лъимал гьечІого хварав Тутанхамунида хадур. Гьев кІиявго вукІуна ханзабазул хІакимзабазда гьоркьоса. Ай гьединго вукІун ватизе бегьула Ахенатенил имгІаллъун эбелалъул рахъалдасан.
Айица чІужун ячун йикІун ятизе бегьула Анхесенамун, Тутанхамунил бесдал яц ва лъади, жиндихъего ханлъи щвеялъе гІоло; гьей гьелдаса хадуб хеко хола, ва Айица ячуна Тэи , жий Нефертитил рахьдал эбеллъун йикІарай.
Айил ханлъи халат бахъунаро. Гьесдаса хадуб ханлъуде вачІуна ХІоремхІаб , Тутанхамунил аскаразул цевехъан, жив ирсилавлъун гьавизе Тутанхамунада ракІалда вукІарав. Батизе бегьула, гьес Ай тІаса рехи. ХІоремхІабице байбихьула пачалихъалъул иш рукІалиде бачине, гьес гьабула чанго рагъул сапар ва хеттазде данде рагъ, ГІагараб Машрикъалда Египеталъул кверщел, жиб Ахенатенил заманалда загІиплъараб, букІадахъин гьабизе.
ХІоремхІаб хола лъимал гьечІого, жиндирго ирсилавлъул вазир Рамсес лъазе гьабун. Рамсес I вачІуна ханлъуде н. щ. 1292 соналъ ва гьесдаса байбихьула XIX Наслу .