Зирараб алвеоларияб латералаб аффрикат
Зирараб алвеоларияб латералаб аффрикат — рагьукъаб гьаракь, жиб цо-цо кӀалъалеб мацӀалда хӀалтӀизабулеб. Интернационалаб фонетикияб алфабеталда гьеб гьаракь бихьизабизе хъвалеб симбол буго ⟨d͡ɮ⟩ (яги ⟨dɮ⟩), Американистияб фонетикияб нотациялда хӀалтӀизабула ⟨λ⟩.
Зирараб алвеоларияб латералаб аффрикат | |
---|---|
dɮ | |
λ | |
ИФА номер | 104 (149) |
Аудио | |
Кодификация | |
Рижа (decimal) | d͡ɮ |
Юникод (hex) | U+0064 U+0361 U+026E |
Ружби
хисизабизеЗирараб алвеоларияб латералаб аффрикат:
- Элъул абул куц буго аффрикатаб: эб гьаракь бахъула хӀухьалил чвахи тӀобан чӀезабун, хада цинги хӀухьалил чвахи абул бакӀалъул дандекъараб каналалъусан биччан, турбуленцияги лӀугьинабун.
- Элъул абул куц буго алвеоларияб: эб гьаракь бахъулаго мацӀалзул тӀогь яги ракьан алвеоларияб агӀида хъван, гьелда рекъон апикалаб–илан ва ламиналаб–илан абула.
- Элъул фонация буго зирараб, эб бахъулаго гьаркьил рухьадал сородула.
- Эб буго кӀалзул рагьукъаб: эб бахъулаго хӀухьел къватӀибе бачӀуна цохӀо кӀалдисан.
- Эб буго латералаб рагьукъаб:эб бахъула хӀухьалил чвахи мацӀалзул хьолбохъан битӀиялдалъун, бакьулӀан гъоркье гуреб.
- ХӀухьел чвахул механизм буго пулмонияб: эб бахъула цохӀо интеркосталалги (хьалагӀучӀазда гьоркьосел) абдоминалалги (чохьол) ччорбаздалъун хӀухьел къватӀибе цун, цӀиккӀанисел гьаркьалго гӀадин.