Знаменский килиса
Зна́менский килиса (Мукъадасатай Богородицалъул Знамениялъул цӀаралда, гІур. Собор во имя иконы Знамения Пресвятой Богородицы) — Шималияб Кавказалда бищунго кӀудияб килиса ва ХХ гӀасруялъул маданияталъул зани. Архитектураялда неовизантий къагӀидаялъ бараб килиса буго.
Килиса | |||
Знаменский килиса
Собор во имя иконы Знамения Пресвятой Богородицы | |||
| |||
Пачалихъ | |||
Жумгьурият | Дагъистан | ||
Шагьар | Хасавюрт | ||
Мазгьаб | православие | ||
Епархия | МахІачхъалаялъул | ||
Благочиние | МахІачхъалаялъул | ||
Минаялъул тайпа | собор | ||
Архитектура | цІиябвизантиялъулаб | ||
Проект ургъарав | И. Рябинин | ||
Бай | 1903—1904 | ||
Статус |
| ||
[[:commons:Category: Church of the Theotokos of the Sign (Khasavyurt) Викигъамасалда|Знаменский килиса]] Викискладалда |
Гьелъул приход ГӀурус православияб гьатӀаналъул МахӀачхъалаялъул епархиялъул МахӀачхъалаялъул благочиниялда гъорлъе уна. Килисаялъул настоятель — иерей Валерий Галкин.
Килиса буго Дагъистан Жумгьурияталъул Хасавюрт шагьаралъул бакьулъ Орджоникидзеил къватӀалда, 121 рукъ. Гьеб ккола шагьаралъул архитектураялъул доминанта. Килисаялъул къубал ва хъанчал рихьула шагьаралъул сверухълъиялдасан цин.
Тарих
хисизабизеКилиса бана Терикалъул хъазахъазул боялдасан ругел хъазахъаз 1903—1904 сонаца Романовазул рукъалъул 300-сон тӀубаялда.