Инсанасул потенциал гӀеялъул индекс

Инсанасул потенциал гӀеялъул индекс (ИПГӀИ) — ккола, щибаб лъагІалида киналниги пачалихъазда ругел халкъазул гІумруялъул уровень, гьезул гьоркьохъеб гІумру, гьезул лъаялъул даража, лъавукълъиялъул къадар ва гьединго гьел халкъазул паракъатлъи бихьизабулеб роцен. Бищун цебе гьеб роценалъе кьучІ лъуна 1990 соналъ пакистанияв МахІбубул ХІакъ абулев чиясул бетІерлъиялда гъоркь букІараб экономистазул къокъаялъ. 1990 соналдасан байбихьун, ЦМГІялъул щибаб лъагІалида жаниб тІобитІулеб инсанасул потенциал цебе тІеялъул отчеталда лъазабула гьеб лъагІалида жаниб дунялалдаго бугеб ИПГӀИ.

World map representing the inequality-adjusted Human Development Index categories (based on 2018 data, published in 2019).[1]
  0.800–1.000 (very high)
  0.700–0.799 (high)
  0.550–0.699 (medium)
  0.350–0.549 (low)
  Data unavailable

ИПГӀИялъул рикӀкӀен гьабулаго бетӀераб лъабго жоялде кӀвар кьола:

  • Инсанасул гӀумруялъул гьоркьохъеб халатлъи.
  • Пачалихъалда ругел халкъазул лъаялъул уровень.
  • Щибав гражданинасе кколеб халкъияб валовой бачӀиналъул бутӀа (АЦШ долларалда борцун).


  1. ^ "Human Development Report 2019 – "Human Development Indices and Indicators"" (PDF). HDRO (Human Development Report Office) United Nations Development Programme. гьл. 22–25. Щвей 9 December 2019. {{cite web}}: Check date values in: |accessdate= (help)