КӀкӀаралал
КІкІаралал (кӀкӀар. кӀкӀирди) — этникияб гьитӀинаб миллат аваразде гъорлъ унеб.
ТӀиритӀи
хисизабизеГӀахьвахъ мухъалда росаби: КӀкӀаратӀа, ГӀанчихъ, ЦӀумали, ГӀарчо, Инхело, ТӀадинхело (Чабакоро), МаштӀада, РацилӀ, ТӀукитӀа, Рачабу-Сивухъ, ахирисел руго Хасавмухъалда гӀумру тӀобалел.
Болъихъ мухъалда ругел росаби: Гъоркьинхело.
Хасавхъала мухъалда ругел росаби: Сивухъ, ТӀукитӀа, ГӀанчихъ-хъутан, Андуз, Индира, Кирпич-хъутан, ва цодагьалго Кокрек, Муцалаул.
Гочарал цодагьалго кӀкӀаралал гӀумру тӀобалел руго БагӀархъал мухъалда, Бабаюрт мухъалда ва Кизилюрт мухъалда.
Цоги гочарал кӀкӀаралал руго Курчалой росулъ Чачаназулъ ва гъорлъ ккола тейпалда Дагъистаналъул миллаталдаса - кӀирди
Киналго росабазул цӀарал руго авар мацӀалдаса.
Бищун кӀудияб росу - КӀкӀаратӀа
Этноним
хисизабизеЖалго кӀкӀирди абула. Авар мацӀалда кӀкӀаралал, гӀандисез - кӀкIарадирал, гӀахьвалаз - кӀкIиридо, багвалаз - чӀириди/кӀичӏвад, чӀамалаз - кӀирди, тӀиндаз - чӀириди.
Тарих
хисизабизеКавказияб рагъ лъвараб мехалда кӀкӀаралал рачана ГӀанди мухъалда жанир.
Гьаб макъала буго тIинчI, ва гьaб жеги хIадур гьечIо. Гьабе кумек Википедиялъе, битIизабе ва гьалде тIаде жо жубай. |