Каламалъулаб нух яги каламалъулаб тракт — организмалда жаниб гьаракьалъул иццалда (рахьхахулезул щекъералда, хІанчІазул гъоркьияб щекъералда) аскІоб бугеб гьодорлъи, жинда жаниб гьаркьазе фильтрация лъугьунеб.

ГІадамасул каламалъулаб нухдасан гьабураб сагитталияб лъами (къотІел

ХІанчІазул каламалъулаб нух гІуцІун буго хІухьланухалдасаги, гъоркьияб щекъералдасаги, оралияб гьодорлъиялдасаги, рискІиялъулаб тракталдасаги гозоялдасаги. Рахьхахулезул гьеб гІуцІун буго мукъулукъалъулаб гьодорлъиялдасаги, щекъералдасаги, оралияб гьодорлъиялдасаги, магІазукъалазул гьодорлъиялдасаги. Рахьхахулел хІайваназул гьединго букІине бегьула гьавадул къвачІаги.

ГІурав бихьинчиясул каламалъулаб нухалъул мисалияб куцалда гьоркьохъеб халалъиялъул букІуна 16,9 см, руччабазул — 14,1 см.[1]

Балагье гьединго хисизабизе

ХІужжаби хисизабизе

  1. Goldstein, U.G. (1980) An articulatory model for the vocal tracts of growing children. Ph.D. dissertation, Massachusetts Institute of Technology, Cambridge, MA.  (инг.)