Кириллиял диграфал
Кириллияб хъвай-хъвагӀул хъизамуда руго гӀемерал специалал кӀихӀарпал комбинациял, яги диграфал, хӀо гьездаса дагьал гурони хӀалтӀизаруларо славиял мацӀазда. Цо-цо алфавитазда хӀалтӀизарула триграфал ва гьединго тетраграфал яги пентаграфалцин.
Авар
хисизабизеАвар мацӀалда хӀалтӀизабула ⟨в⟩ лабиализация бихьизабизе, мисалалъе, хьв /xʷ/. Цогидал диграфазул руго:
- Эйективиял рагьукъазе ⟨ӏ⟩: кӏ /kʼ/, лӀ /tɬː/, цӏ /tsʼ/, чӏ /tʃʼ/,
- Цогидал рагьукъал к /k/ хӀарпил аслуялда: къ /qχʼː/, кь /tɬʼː/
- Жал г /ɡ/ хӀарпил: гъ /ʁ/, гь /h/, гӏ /ʕ/
- Жал л /l/ хӀарпил: лъ /ɬ/
- Жал х /χ/ хӀарпил: хъ /qχː/, хь /x/, хӏ /ħ/
Ь дандчӀвала диграфазулӀ, элъ цебехун бугеб хӀарп батӀияб ккуцалъ цӀалулеб букӀин бихьизабула, мисалалъе, гьабуна /habuna/.
- КӀирекъарал: кк /kː/, кӏкӏ /kʼː/, хх /χː/, цц /tsː/, цӏцӏ /tsʼː/, чӏчӏ /tʃʼː/.
Гьезул лъабго буго тетраграф, эл хӀалтӀизабиги буго авар ортографиялда спорадикияб, гьезул бакӀалда гӀемерисел ратула диграфал.
Беларус
хисизабизеБеларус мацӀалда буго хадусеб кӀиго диграф:
Украин
хисизабизеУкраин мацӀалъул диграфал руго хадусел:
Чачан
хисизабизеЧачан мацӀалда хӀалтӀизарула хадусел диграфал:
- Рагьарал: аь /æ/, яь /jæ/, оь /ø/, ёь /jø/, уь /y/, юь /jy/
- Эйективазе ⟨ӏ⟩-гун: кӏ /kʼ/, пӏ /pʼ/, тӏ /tʼ/, цӏ /tsʼ/, чӏ /tʃʼ/
- Цогидал рагьукъал: гӏ /ɣ/, кх /q/, къ /qʼ/, хь /ħ/, хӏ /h/
- Триграф рхӏ /r̥/