Википедиялде байбихьи
Авар энциклопедия цебетІеялъе дуца щиб гьабилеб?
Авар Википедия — буго эркенаб энциклопедия, жиб киназго редактинабизе бегьулеб. 2005 соналдаса нахъе, гьаниб мунго гІадал гІадамаца хъван буго 3470 макъала. Гьанже гьанир раккула аза-азар чи жиб-жиб моцІалъ.
Гьединлъидал, дуцаги регистрация гьабе, дурго интерес ккараб жоялъул хІакъалъулъ макъала хъвай, ругел макъалабазда хиса-басиял гьаре!

Щиб нужеца гьабизе бегьулеб?

Хиса-басиял гьаризе хІинкъуге. Гьаб устарас нужее кумек гьабула Википедиялъе цІиял макъалаби гІуцІиялъулъ. Анлъго галиги тІамун, нуж щола хисабасиязул гьумералде. Щибаб хадусеб галиялъе изну букІунаро гьелда цебесеб тІубан гурого.

Дуе хъвазе бокьараб махъала гьаниб жаниб батизеги бегьула, гьединлъидал макъала хъвалалде цебе дуца гьеб балагье гьаб формаялда. Гьеб батичӀони, дуе хъвазе бокьун бугеб макъалаялъул цІар хъвай гьаб гъоркьехун бугеб мухъалда жаниб ва макъала хъвай.

КӀвар кье! Хъвазе бугеб макъалаялъул цӀаралда ругони хадуб хӀучч лъезе кколел хӀарпал (тӀ, кӀ, чӀ, цӀ ва гьел гурелги) , нужеца хӀалтӀизабе кириллияб алипбаялъул хӀучч. Гьеб лъезе бегьула гьаниса насхуги гьабун (Ӏ).

Бегьуларо рукӀине латин I хӀарп, l хӀарп, 1, кириллицаялъул І хӀарп.



Нужеца хъвай-хъвагІай гьабун батичІони

Нужеца регистрация гьабизе бегьула — щайгурелъул, гьелъ нужее бигьа гьабула цоги гІахьалчиясулгун бухьен гьабизе ва тІаса инарула цо чанго техникиял гIурхъи чIваял:


Нуж хІадурун ратани, байбихье хІалтІи:

Текст къачІаялъул аслуял
Баян
Баян

ТІадчІун насихІат гьабула цин хъван ругел макъалаби къачІаялдалъун хІалбихьи гьабеян, цинги байбихьизе бегьула дурго тІоцебесеб макъала гІуцІизе. Нижеца кІвар кьола, макъалаби нижер тІалабазда рекъарал рукІиналда, данде кколареб куцалда гІуцІарал ва босараб бакІ бихьизабичІел макъалаби гІемерисел нахъе рацІцІуна. Цо-цо аслуял лъазабиялъ, битІккеялъе ругел нужер ресал цІикІкІинарула.
Макъалаби къачІаялъул аслуязул хІакъалъулъ цІикІкІун лъазе бокьани, балагье гьаб малъа-хъваялъухъ.