Къавуда ялъуни Холера (н.-грек χολή «ццин» ва ῥέω «чвахула» рагӀабаздаса) — Vibrio cholerae абруб бактериялъул цо-цо штаммаз лӀугьинабулеб тӀеренбакьалъул загьаб, антропонозияб инфекционияб унти.[4][3] Симптомал батӀайиса хис-хисизе бегьула тӀубанго гьечӀолъиялдаса гьоркьохъеб ва захӀматаб формаялде.[3] Классикияб симптом буго лъимхӀалаб диареялъул цӀикӀкӀараб къадар, жиб чанго къоялъ букӀунеб.[2] Гьединго рукӀине бегьула лагӀи ва ччорбазул спазм.[3] Диарея букӀине бегьула цӀакъ къуватаб, жиндица чанго сагӀаталда жаниб черхалъул иш цӀикӀкӀараб лъадакълъиялдеги электролитазул дисбалансалдеги ккезабулеб.[8] Гьелдалъун лӀугьине бегьула берал жанире рорт-рорти, тӀомалъул цӀорой, гьелъул эластиклъи гӀодобеккей, кверазда ва хӀатӀазда рукӀкӀ-рукӀкӀинал.[5] Лъадакълъи букӀине бегьула гӀиллалъун тӀом хъахӀиллъиялъеги.[9] Симптомал байбихьула кӀиго инфектун кӀиго сагӀаталдаса щуго къоялде щун заманалда жанир.[10]

Къавуда ☣
Цогидал цӀаралХолера, азиялъулаб холера, эпидемикияб холера[1]
Холераялъул вибрион электронияб микроскопалъукь
СпециаллъиИнфекционияб унти
СимптомалГӀемераб къадар лъимхӀалаб диареялъул, лагӀиялъул, чччорбазул спазмазул[2][3]
КомпликацияДегьидротация, электролитияб дисбаланс[2]
ГӀадатаб байбихьи2 сагӀаталдаса 5 къоялде инфектиналдаса хадуб[3]
ХалацинЧанго къо[2]
ГӀиллабиХолераялъул вибрионал фекал-аралияб нухалдалъун тӀиритӀи[2][4]
Рискалъул факторалКвешаб санитация, бацӀцӀадаб гьекъолеб лъел гӀунгутӀи, мискинлъи[2]
Диагностикияб методСтулалъул тест[2]
ПревенцияСанитация лъикӀлъи, бацӀцӀадаб лъим, кверал чури, холераялде данде вакцинаби[2][5]
АгъазПероралияб регьидратационияб терапия, тутиялъул суплементация, интравенозияб лъамалъиял, антибиотикал[2][6]
ХӀаллъи3–5 миллион чи лъагӀалида[2]
Хвеял28,800 (2015)[7]

Къавуда бахинабулаб холараялъул вибрионалъул цо-цо штаммаз, цо-цо тайпабаз лӀугьинабизе бегьула дагьабги захӀматаб унти, цогиязде дандеккун.[8] Аслияб къагӀидаялъ гьеб тӀибитӀула лъикӀал гурел лъедасаги кванидасаги, жал гъорлӀ бактериял ругел инсанасул фекалияз гъизинарурал.[8] РелъинаричӀел ралъдал продуктал ккола унтӀи тӀибитӀизаялъул иццлъун.[11] ГӀадамал ккола цохӀо жал рукӀин лъалел бактериязул белегьанлъун.[8] Унтиялъул рискалъул факторазде гъорлӀе ккола квешаб санитация, гӀезегӀан бацӀадаб гьечӀеб гьекъолеб лъим ва мискинлъи.[8] Холераялъе диагностика гьабула стулалъул тесталдалъун.[8] Хехаб кващалъул тестги жола, амма гьеб гьедигӀан мухӀканаб гьечӀо.[12]

Холераялде данде профилактикалъул методаз гъорлӀе рачуна санитация лъикӀлъиабиги бацӀцӀадаб лъеде рес щвейги.[5] Жал пероралго гъорлӀе риччалел холераялде данде вакцинабаз гӀураб къадаралда цӀунула гӀ.-ш. анлӀго моцӀица.[8] Гьезул буго тӀадеги тӀокӀлъи: жиб E. coli бактериялъ лӀугьинабулеб диареялдасаги цӀунула.[8] Сах гьабиялъул аслияб метод буго пероралияб регьидротационияб терапия — лъамалъи хиси дагьалъ гьуинал яги цӀамгӀалал рилъунжалаздалъун.[8] ЛъикӀаллъун ккола пиринчӀалъул лъим.[8] Тутия тӀадежубай лъикӀаблъун буго лъималазе.[6] ЦӀакъго захӀматаб хӀал бугони къваригӀине бегьула Рингерил лактат гӀадал интравенозиял лъамалъиял, антибиотикалги рукӀине бегьула пайдаяллъун.[8] Кинаб антибиотикалде сенситивияб холера бугебали лъазабиялъул тесталъ кумек гьабизе бегьула дару тӀаса бищизе.[10]

Халера, кьураб къиматалда рекъон, сабаблъун тӀолго дунялалда лъагӀалида жанив унтулев вуго 3–5 миилион чи, гьелъул гӀиллаялда лӀугьунеб буго 28 800–130 000 хвел.[8][7] 2010 соналде бугеб ахӀвал-хӀалалда рекъон гьеб пандемия хӀисабалда классификатинабун бугониги, хайиразул цӀикӀкӀараб мартабат бугел пачалихъазда гьеб дандчӀвала къанагӀат.[8] ГӀемерисел унтула лъимал.[8][13] Къавуда данчӀвала эпидемия багъари гӀадинги, кидаго букӀунеб гӀадинги цо хасал икълимазда.[8] Кидаго риск бугел районаз гъорлӀе рачуна Африка ва Жанубиябгин Бакъбаккул Азия.[8] Унтаразда гьоркьоб хвеялъул риск букӀуна 5%-алдаса дагь, амма гьеб бахине бегьула 50%-алдеги.[8] Сахлъизариялде рес щвечӀолъиялъул хӀасилалда хвеялъул мартабат дагьабги цӀикӀкӀуна.[8] Къавуда рехсей дандчӀвалеб буго н. щ. V гӀасруялдаго, санскрит мацӀалда.[5] Ингилисалда Джон Сновица 1849 ва 1854 соназда гьоркьоб холераялъул цӀех-рехел гьабиялъ эпидемиологиялъул рахъалда кӀвар бугел цебетӀелал лӀугьана.[5][14] Ахирисеб 200 соналда жаниб лӀугьана анкьго цӀикӀкӀараб унти багъарин хвеязул къадар миллионазда букӀараб.[15]

ГӀаламатал ва симптомал

хисизабизе

Механизм

хисизабизе

Генетикияб структура

хисизабизе

Антибиотиказдехун щулачӀей

хисизабизе

Диагностика

хисизабизе

Профилактика

хисизабизе

Лъим, санитация, гьигиена

хисизабизе

Халкквей

хисизабизе

Вакцинация

хисизабизе

Салил фильтрация

хисизабизе

Сахлъизаби

хисизабизе

Лъамалъиял

хисизабизе

Электролитал

хисизабизе

Антибиотикал

хисизабизе

Тутия хӀалтӀизаби

хисизабизе

Эпидемиология

хисизабизе

Багъариналъул тарих

хисизабизе

ЦӀех-рехел

хисизабизе

Глобалияб стратегия

хисизабизе

ЖамгӀият ва маданият

хисизабизе

СахлъицӀуниялъул рахъалъул сиясат

хисизабизе

КӀварккарал лӀугьенал

хисизабизе

Популарияб маданияталда

хисизабизе

Пачалихъазул мисал

хисизабизе

Гьиндустан

хисизабизе

Конгоялъул Демократияб Республика

хисизабизе

Баянкьелал

хисизабизе

РегӀелал

хисизабизе
  1. ^ Цитатинабиялъул гъалатӀ: Мекъаб тег <ref>; мурад баян гьабун хъвалеб textbook -лъе текст бихьизабун гьечІо
  2. ^ a b c d e f g h i j Цитатинабиялъул гъалатӀ: Мекъаб тег <ref>; мурад баян гьабун хъвалеб WHO2010 -лъе текст бихьизабун гьечІо
  3. ^ a b c d e "Cholera – Vibrio cholerae infection Information for Public Health & Medical Professionals". Centers for Disease Control and Prevention. January 6, 2015. Архивация оригиналалдаса 20 March 2015. Щвей 17 March 2015. {{cite web}}: Check date values in: |access-date=, |date=, ва|archive-date= (help)
  4. ^ a b Finkelstein, Richard A. (1996). "Cholera, Vibrio cholerae O1 and O139, and Other Pathogenic Vibrios". Гъоркь: Baron, Samuel (ред.). Medical Microbiology (4th ред.). University of Texas Medical Branch at Galveston. ISBN 978-0-9631172-1-2. PMID 21413330. Халип:NCBIBook2.
  5. ^ a b c d e Harris JB, LaRocque RC, Qadri F, Ryan ET, Calderwood SB (June 2012). "Cholera". Lancet. 379 (9835): 2466–2476. doi:10.1016/s0140-6736(12)60436-x. PMC 3761070. PMID 22748592. {{cite journal}}: Check date values in: |date= (help)
  6. ^ a b "Cholera – Vibrio cholerae infection Treatment". Centers for Disease Control and Prevention. November 7, 2014. Архивация оригиналалдаса 11 March 2015. Щвей 17 March 2015. {{cite web}}: Check date values in: |access-date=, |date=, ва|archive-date= (help)
  7. ^ a b Wang, Haidong; Naghavi, Mohsen; Allen, Christine; Barber, Ryan M.; Bhutta, Zulfiqar A.; Carter, Austin; Casey, Daniel C.; Charlson, Fiona J.; Chen, Alan Zian; Coates, Matthew M.; Coggeshall, Megan; Dandona, Lalit; Dicker, Daniel J.; Erskine, Holly E.; Ferrari, Alize J.; Fitzmaurice, Christina; Foreman, Kyle; Forouzanfar, Mohammad H.; Fraser, Maya S.; Fullman, Nancy; Gething, Peter W.; Goldberg, Ellen M.; Graetz, Nicholas; Haagsma, Juanita A.; Hay, Simon I.; Huynh, Chantal; Johnson, Catherine O.; Kassebaum, Nicholas J.; Kinfu, Yohannes; ва цгл. (October 2016). "Global, regional, and national life expectancy, all-cause mortality, and cause-specific mortality for 249 causes of death, 1980-2015: a systematic analysis for the Global Burden of Disease Study 2015". Lancet. 388 (10053): 1459–1544. doi:10.1016/s0140-6736(16)31012-1. PMC 5388903. PMID 27733281. {{cite journal}}: Check date values in: |date= (help)
  8. ^ a b c d e f g h i j k l m n o p q r "Cholera vaccines: WHO position paper" (PDF). Weekly Epidemiological Record. 85 (13): 117–28. March 2010. PMID 20349546. Архивация (PDF) оригиналалдаса April 13, 2015. {{cite journal}}: Check date values in: |date= ва|archive-date= (help)
  9. ^ Bailey D (2011). Cholera (1st ред.). New York: Rosen Pub. гь. 7. ISBN 978-1-4358-9437-2. Архивация оригиналалдаса 2016-12-03.
  10. ^ a b "Cholera – Vibrio cholerae infection Information for Public Health & Medical Professionals". Centers for Disease Control and Prevention. January 6, 2015. Архивация оригиналалдаса 20 March 2015. Щвей 17 March 2015. {{cite web}}: Check date values in: |access-date=, |date=, ва|archive-date= (help)
  11. ^ "Sources of Infection & Risk Factors". Centers for Disease Control and Prevention. November 7, 2014. Архивация оригиналалдаса 12 March 2015. Щвей 17 March 2015. {{cite web}}: Check date values in: |access-date=, |date=, ва|archive-date= (help)
  12. ^ "Diagnosis and Detection". Centers for Disease Control and Prevention. February 10, 2015. Архивация оригиналалдаса 15 March 2015. Щвей 17 March 2015. {{cite web}}: Check date values in: |access-date=, |date=, ва|archive-date= (help)
  13. ^ "Cholera – Vibrio cholerae infection". Centers for Disease Control and Prevention. October 27, 2014. Архивация оригиналалдаса 17 March 2015. Щвей 17 March 2015. {{cite web}}: Check date values in: |access-date=, |date=, ва|archive-date= (help)
  14. ^ Timmreck TC (2002). An introduction to epidemiology (3. ред.). Sudbury, MA: Jones and Bartlett Publishers. гь. 77. ISBN 978-0-7637-0060-7. Архивация оригиналалдаса 2016-12-03.
  15. ^ Cholera's seven pandemics, CBC (9 May 2008).

ТӀадеги цӀалиялъе

хисизабизе

КъватӀисел регӀелал

хисизабизе

Халип:Wiktionary

Халип:Medical condition classification and resources Халип:Холера Халип:Мискинлъиялъул унтаби Халип:Бактериалиял унтаби