Лъами́рШамил мухъалда бугеб Сомода росдадаса цочанго км-алъ гӀодобегӀан бугеб Хъа́хӀаб раса абураб бакӀалда кколеб гьада́лаб ин рикӀкӀунеб хӀорида гӀагарда бугеб могӀрода (борхалъуда) цӀар.

Гьалде абула къелдерил бищун халатаб мегӀерин – 3960 м.

МачӀадаса шайих ХӀадисил «зияратги» буго гьаниб. Тарихалда рекъон, ираназул Надир-шагь МагӀарухъе вачӀине вугин абураб ругьел щвейдал, гьавги гьасул мутагӀалималги рахуна Лъамир-могӀрол тӀогьире бичасда бергьенлъи гьаризе.

Мифология

хисизабизе

Гьаб мегӀергун хурхараб мифологияги буго. Къелдерил боца Лъамир гьадалаб (мукъадасаб, бацӀадаб) мегӀер яги мугӀрузул данделъилъун рикӀкӀуна.

Цебе гьаниб боцӀи гъолароан. ТӀолго Ракьуда цохӀо гьаниб гурони бижуларин абула халатаб цӀар бугеб, чорхол лъилъуе кваналеб, чиясул кверзул сипаталъул тӀегь жиндир бугеб хер – Аварагасул-ПатӀиматица-Квер-ЧӀвараб-хер. Къелдерица гьаб бижунжо царгъини цӀунулаан, гьединлъидал рокъоб баракат бачӀунаанила. Гьарараб къабулъизалъе гьалъул 5 яги 7 милъ къулчӀулаан.

Гьаб борхалъиги гьалда аскӀоб бугеб ШокӀодиб мегӀерги рикӀкӀуна будалаазе кколел мугӀрул ин. Гьалъул гӀемеразул цояб цӀар ккола Будалаазул мегӀер. Гьал руссун рукӀунел бакӀазде абула: ТӀасияб кортаа (лит. ТӀасияб корталда), Бакьолъияб кортаа (лит. БакьулӀеб корталда), Гъоркьияб кортаа (лит. Гъоркьияб корталда) ва Гъогъола комелда (лит. ГъогъотӀа комелда). БакъхӀайгун бакъбухӀи бачӀингун, гӀолохъанал руччабиги ясалги рахунаан гьанире Будалаазда цӀад гьаризе. Гьебго мехалъ росулӀ херал руччабаз гьи белъунаан. ЦӀад гьаризе руччабаз Будалаазде гьадинаб ахӀи балаан: «Я, Мудалаал, анбияал, нужер кумак рахIмат кье! ЦIоб гIатIидал!».

МугъчӀваял

хисизабизе