ЛъаратІа мухъ — Дагъистаналда гъорлӀ бугеб административиябгин территориалияб цвел ва мухъалъул статус бугеб муниципалияб гӀуцӀи. Буго Дагъистаналъул бакътӀерхьуда, Авариялъул жанубалда, мухъалъул гӀурхъи цураб буго Гуржиялъулгун ва Азарбижаналъулгун (авар ЦӀор). ЛъаратӀа мухъ ккола аваразул мухъазул цояб ва гӀатӀилъиялъул рахъалъ гьезда гьоркьоб бищун кӀудияб, Дагъистаналъул цогидал мухъазда гьоркьоб — 7-абилеб; мухъалъул гӀатӀилъи буго 1 611,5 квадратияб километр.[3]

мухъ / муниципалияб мухъ
ЛъаратӀа мухъ
[комм. 1]
Герб
Герб
Пачалихъ  Россия
ГъорлӀе бачуна 18 муниципалияб гӀуцӀи
ЧӀел-бакӀ 89 росу
Адм. марказ ЛъаратӀа росу
Территория
ГӀатӀилъи 1611,52[1] км² (3,21 %)
БакӀ 7-б 
Тарих
ГӀуцӀи 28 март 1928
География
Борхалъи  
 • Максималияб 4152 м
Климат Рекъараб
СагӀтазул зона MSK (UTC+3)
Демография
Къадар 25 170[2] чи  (2022 сон)
0,8 %
БакӀ 36-б бакӀ
Гъунки 15,62 чи/км² (35-б бакӀ)
Росдалаб агьлулъи 100 %
Миллат(ал) аварал
Конфессия(л) бусурбаби-суниял
Расмиял мацӀал авар ва гӀурус
Цифриял идентификаторал
ОКАТО 82 251
ОКТМО 82 651
Телефоналъул код 87265
Расмияб сайт
ЛъаратӀа мухъ картаялда
 Медиафайлал Викигъамасалда

Тарихияб рахъалъ гьанжсеб ЛъаратӀа мухъалъул бугеб территориялда рукӀана Анкьракь, Анцухъ, Бугьнада, Гьунзиб, Таш, ТӀомур гӀадал Авариялъул тарихиял болмухъал. Жибго ЛъаратӀа мухъ гӀуцӀана 1928 соналъул 28 марталда, букӀараб Гъуниб сверухълъиялъул Анцухъ ва Бугьнада бутӀаяздаса Анцухъги Къапуча мухъ хӀисабалда. 1926 соналъул 10 октобералда цӀар хисана гьанже бугелде.

Административияб планалда ЛъаратӀа мухъ бикьула анцӀила микьго муниципалияб гӀуцӀиялде, гьезул 17-ялъул буго росдал боялъул статус, цо буго жибго росу. Гьез гъорлӀе бачуна 89 чӀел-бакӀ. Мухъалъул административияб марказ буго ЛъаратӀа росу.

Агьлулъиялъул къадаралъул рахъалъ ЛъаратӀа мухъ буго 36 бакӀалда, гьенив гӀумру гьабун вуго 25 170 чи; мухъалъул кьибилаб халкълъун ккола аварал. Кинабниги агьлулъи буго росдалаб. Мухъ ккола авар мацӀалъул жанубияб тӀадкаламалъул анцухъезул сверел тӀибитӀараб ареаллъун.

География хисизабизе

Мухъ буго гьанжесеб Дагъистаналъул жанубиябгин бакътӀерхьуда, мугӀрул Дагъистаналъул, ай тарихияб Авариялъул жанубияб рахъалда. ГӀурхъаби руго Дагъистаналъул анлӀго мухъалъулгун: бакътӀерхьуда ЦӀунтӀа ва БежтӀа, шималиябгин бакътӀерхьуда — ЦӀумада, шималалда — Шамилил, бакъбаккуда — ЧӀарада ва Рутул. Жанубияб рахъалда ЛъаратӀа мухъалъул гӀурхъи буго Гуржиялъулгун ва Азарбижаналъулгун.

Территориялул гӀатӀилъи буго 1611,5 км².

Мухъалъул бищун рорхатал тӀогьал руго — лъабазарилаб Кекросо ва ункъазарилаб ГӀаддала-ШухгелмегӀер.

Тарих хисизабизе

Мухъалда ислам тІибитІи хисизабизе

Гуржиязулгун гIорхъода гIумру гьабулел магIарулазул кидаго щулияб маданияб, магIишатияб бухьен букIана гьезулгун. ГIорхъода ругел боязул рукIа-рахъиналъул хал гьабурабго бигьаго букIуна гьел цере рукIарал бухьенал ричIчIизе ва церечIезаризе. Гьеб рахъалъ киназулго интерес бугеб бакIлъун ккола АваргIурул байбихьи – Джурмут гIоралда сверухъ ругел ракьал. Гьел ракьазе цIакъго кIвар бугеб хIужалъун ккана ХV-ХVII гIасрабаз гьениб ислам тIибитIи ва гьелда хадур Гуржиялъулгун хисарал гьоркьорлъаби. БатIияб дин бачIарабго, гьоркьорлъабиги батIиял лъугьана. замана хисигун гьелдаго цадахъ раккана цIиял бахIарзалги. Гьезул цояв – Гъенеколоса МахIал Давудил хIакъалъулъ бицине буго гьаб макъалаялда.

Гьесухъе нилъ жеги тIадруссина, тIоцебе къокъго бицина доб заманаялъул хIакъалъул ва цIияб диналъ ЧIурмутI гIурул жамагIатазда ва гьезулгун гуржиязул гьоркьорлъабазда гьарурал хиса-басиязул хIакъалъулъ. ХV гIасруялда аваристаналъул централдаса бакъдал рахъалде ислам тIибитIизе байбихьана. Гьелъие нугIлъи гьабула анкьракьалда ратарал исламалъул церехъабазул хобазул заназ. Гьезда жанир руго бакIалъулал гъазизаби гурел, къватIиса рачIаралги, гIемерисеб мехалъ Шамалдаса (сирия), цо-цо мехалъ Мисриялдаса (египет) ва ХIижазалдаса (сагIудия). рехсезе бегьула тIалцухъ (лъебел бо) вукъарав ХIасанил исмагIил 900 соналъ хварав (1494-95 с.); лъаратIа росулъ вукъарав султIан 1480-л саназда хварав. исламги босун хадур диниял церехъабилъун лъугьаралги руго. Мисалалъе, ЧIорода росулъа (ЧIурмутI бо) Учил сами хвана гьижраялъул 887 (1482) соналъ, хоб буго росдал рагIалда.

БакIалъулаз бицухъе, сами вукIана бищунго гъираялда ислам тIибитIизабулев чи. Херазул биценазда рекъон, кIудияб гIел кутакалда дандечIун букIун буго цIияб диналда ва бищунго кIудияб дандечIей гьабулеб букIана гьесул эмен - насранияв Учица. Хваразул хIакъалъулъ гьарурал хъвайхъвагIаязде балагьарабго бичIчIулеб буго цIияб диналда данде букIараб къеркьеялъул кутак.

ГIажаибаб хъвай-хъвагIай буго гьижриялъул 1071 соналъ (1660-61с.) хъвараб, ГIулгьеб росдал мажгит цIигьабун свериялъул хIа къа лъулъ. Гьелъ бицунеб буго рехсараб заманалда ЧIурмуталда ислам гIезегIан тIибитIун букIанин. ислам тIибитIулеб букIана Хунзахъа ва Гъумекиса (Кьенсерухъа сверун).

Гьединлъидал, ЧIурмуталъул байбихьуда ислам тIибитIун буго ХV гIасруялъул ахиралда. анкьракьалъул гъоркьияб мухъалда ислам босун буго жеги цебе - 1475-76 саназда. нилъеца гьоркьоб лъураб темаялъе кIвар бугеблъун рикIкIине бегьула амир ГIалибегица анцухъ жамагIаталде хъвараб кагъат. тарихчи тимур айтберовас рикIкIунеб буго гьеб хъван бугин XV гIасруялъ. Гьале кагъат:

  «Дида ракIалде ккола нужеца дин босизе инкар гьабулел кидероялъулаздаса (Кидеро) лъазабилин гьел ислам къабул гьабизе ва жидеего дибир восизе хIадур ругищан. ислам босани гьезда ниж хъвазе гьечIо, босичIони – дица дандечIун бажарулареб аскар бакIаризе буго гьезда дандеян лъазабе»  

.

Амир ГIалибегида Кидероялда ислам босизабизе кIвеч1ого батизеги бегьула доб мехалъ. амма бихьулеб буго гьеб ишалъулъ гьес анцухъ ва цоги анкьракьалъул жамагIатазул кумек хIалтIизабулеб букIин.

ЧIурмутIалъул байбихьуда ислам тIибитIиялъул иш гIажаибаб къагIидаялъ унеб букIана. ЧIурмутIалъул жамагIаталъул (тIому рал) микьго росдал (ЧIорода, салда, ГIул гьеб, Гъоркьнуб, Белъелда, Гъерел, Гъенеколоб, Къамилухъ) лъабгояб гIуцIана ислам босулаго Болъогьен абураб хъаладухъа гочарал гIадамаз. Болъогьеналъул жамагIаталъул насранияб дин (христиан) букIун буго. Гьенисан рикIкIад гьечIеб бакIалда, гIурумухъ ккун эхебе (салда росдада цебе, гьабсагIаталда гьениб рагъулазул паж бугеб бакI) буго Гьамал гьатIан абураб бакI. салда, ГIулгьеб, Гъоркьнуб росабазул (гьеб лъабго росу буго Болъогьеназул жамагIаталъ гIуцIараб) харабаз бицухъе, щибаб соналъ ихдал ЦIоралдаса гIалаялда рекIун вачIунаан Гьама абурав гуржияв ва чанго анкьалъ бакIалъулал гIадамазе насранияб дин малъулаан. Гьесул цIар лъун буго гьатIаналдаги.

Гьамаца киналго насранияб диналъ тIалаб гьарулел ишал гьарулаан. Гьенисан заманалдаса гьев унаан жеги тIадегIан гIурумухъ ккун тIадехун бугеб Гъерел росдада аскIове ва гьенирги гьединалго диниял масъалаби тIуралаан. Хадув унаан Къамилухъе. Гьеб лъабабго бакIалда гьабсагIаталдаги цIунун руго Гьамал гьатIан абурал бакIазда цIарал. ЧIурмутIалда риидалги вукIун, хаслихъе Гьама Кахеталде тIад вуссунаан.

Гьама вачIунеб заман букIун буго гIага-шагарго гьениб ислам тIибитIизе байбихьараб заман. БакIалъулал харабаз бицухъе, гьев вачIунев вукIун вуго халкъалъ ислам босун хадувги, амма заманалдаса хераз гьесда абун буго вачIунгейин тIокIав, гьанир гIолилазулгун питна ккезе бегьулин. Умумуз жидехъе кьурал харбал дие бицана салдаса ГIалиев ИсмагIилица, ГIулгьеса ГIалиев МухIамадица ва ражабица ва Гъоркьнуса Хуршилов МухIамадица. ахирисесул баяназда рекъон, гьесул тухум бачIун буго Болъогьеналдаса ГIартунидаса (арутюн). Гьес ва гьесул лъималаз исламги босун гIуцIун буго Гъоркьнуб росу. Гьедин, насранияб динги бакIалъулазда малъулеб букIана риидал вачIунев Гьамаца лъабго батIияб гьатIаналда.

ГIажаибаб хIужа буго, бакIалъул харбазда рекъон, цо заманалда ЧIурмутI гIурул кваранаб рахъалда ругел росабазда ислам букIана, квегIаб рахъалда ругел рукIана насраниял. амма заманалдаса гьезул щулалъабиги щущазарун, гочинарун руго доб цояб рахъалда ругел росабазде. Гьединаб щулалъи букIана Болъогьенги. Гьенисан гочараз гIуцIун руго салда, ГIулгьеб ва Гъоркьнуб росаби. Гъерел ва Белъелда росабазул щулалъи букIана КьороцIи-гьен абураб бакI ва гьебги букIана гIурул квегIаб рахъалда, Белъелда росда цебе.

Гьебго заманалда ЧIурмутIалда цун бугеб ЦIоралъул ракьалда гIуцIана Гъолодисезул пачалихъияб гIуцIи. Гьенир жанире рачине бегьула киналго ЦIоралъул аварал-бусурбаби. Гьезулгун щулияб бухьен букIана ЧIурмутIалъулазулги. Кахеталъул ханзабазул асар букIана доб заманалда ЦIоралдаги, Кавказалъул кIудияб балада нахъа – ЧIурмутIалдаги. ЦIияб дин босарал магIарулаздагун гьезул кьал ккечIого рес букIинчIо. Зама-заманалдаса иргадал бергьулел рукIана гьеб дандечIеялъулъ.

Кахеталъул хан леванил заманалда (1504-1574) бакъдасел магIарулазул кIудиялго хIасилал рукIинчIо гьеб къеркьеялъулъ. тIадеги, гIемерисеб мехалъ гьезие гIакъуба кьолаан гуржиязул ханас. Вахушти Багаратиони абурав тарихчияс хъвалеб буго: «лекIи (магIарулал) левание мукIурлъичIониги, заралги гьездаса кинабгIаги букIинчIо. абула, цо нухалда цо лекIияс алазан бахъун цояб рахъалдаса гIака бикъанилан, леваница аскарги бакIарун, гьев чи кквезеги ккун, хъизамгун ва магIишатгун цадахъ вачун ун вуго. лъабабилеб къоялъ киналго чIвана, цогидал хъамалчилъи гьабизе хIинкъулеб хIалалъ». Гьаниб абичIого гIоларо, Вахушти Багратионие цIакъ рокьулароан магIарулал, гьеб бихьулеб буго гьаб асаралъулъги. рокьунгутIизе гIиллаги букIиндал.

Леван хун хадуб Кахеталъул ханлъун вахъана гьесул вас александр КIиабилев (1527-1605). Гьесул заманалда ЦIоралъул магIарулаз гIезегIан рагъ гьабуна гуржияздаса эркенлъизе. Жиндиргун анкьракьалъул жамагIатазул гьоркьорлъабазул хIакъалъулъ Кахеталъул хан александрица хъвалеб буго 1594 соналъ ГIурусазул хан Борис Годуновасухъе: «нижее къварилъи гьабулеб буго мугIрузул гIадамаз: балъго нижер ракьалдеги рачIун… ва нижер гIадамал чIвалел руго… дудаги лъалеб батила: нижер ракьалда аскIоб мугIрузда буго гьитIинабго ракь, лъебелазул абураб: дун ине вуго аскаргун, гьелгун вагъизе». с.а. Белокуров абурав гIурусазул тарихчияс 1889 соналъ къватIибе бачIараб жиндирго тIехьалда бахъун буго гьеб кагъат:

  «Нам чинитца теснота великая от горских людей: приходят они в нашу землю украдом… и наших людей побивают и в полон емлют… и то ведомо тебе: близ нашие земли в горах есть землица невеликая, тебельская земля словет: ино можно будет, и яз пойду сам с своею ратью воевати их»  

.

ПалхIасил, Кахеталда аскIор ругел магIарулазул жамагIатаз гьужумал гьарулел рукIана алазаналде, боцIи бахъун, гIадамал асир гьарулел рукIана. Гьел гIодориччазариялъул мурадалда александрица къасд тIамун буго кIудияб аскарги бакIарун гьезде гьужум гьабизе. Хадурккунги кIиязулго чабхъенал зама-заманалдаса жеги чанго соназ унел рукIана. лъалеб буго александр II-сул ва гьесул вацасул вас теймуразицица 1630-40 соназ анкьракьалде, ЦIунтIе ва Кьесерухъе (лъаратIа, ЦIунтIа, ЧIарада мухъал) кIудиял аскаралги ракIарун гьужумал гьарун рукIин.

Халкъияб бицен хисизабизе

1664-1675 соназ, Кахеталъул ханлъун арчил II вугеб заманалдаги гьелго рагъал унел рукIана. амма доб мехалъ магIарулазул къокъаби тIадеги щулалъулел рукIана. Гьелъ рахIат хун букIана арчил II-сул. Гуржиязде гьужум гьабулезул бакьулъ бакIлъун букIана ЧIурмутI (тIомурал), гьеб букIана Гуржиялъе аскIобегIан бугеб бакIги. Кахетиялъул ханасдаги тIоцебе гьужум гьабизе кколеблъун гьеб бакI бихьулеб букIана.

ЧIурмутIазул цевехъан вукIана гьеб мехалъ Гъенеколоса МахIал давуд. Къамилухъ росулъа тарих лъазабулев вукIарав, мунагьал чураяв ГIумаров МухIамадица ракIарарал баяназда рекъон, гуржиязул рагъулал къокъаби Билканалда кIийидеги рикьун кIанцIун руго кIиго батIияб рахъалдаса. тIоцебесеб: ахIлъимал – МагIалараса – Гъенеколоб ва кIиабилеб: Гъубалъ – лъимсвери – салда. Гуржиязул аскарал халатал читIирал гьарун цIалел рукIана ГIурахъ мугIрулги (КIудияб Кавказалъул бал) рахъун мугIрузде. МагIалараса ва лъим-свери абурал бакIазда рукIана риидал гIи хьихьулел ракьал. ГIемерисеб мехалъ гьенир ругел гIухьбуздаса лъалаан гуржиял рачIунел рукIин. Гьез жидерго боцIиги бахчун, кIудияб магIардеги рахъун цIа бакулаан. Гьелъул магIна букIана хIинкъи бугин абураб.

М. ГIумаровасул баяназда рекъон, гьеб гьужумалъул хIасилал цIакъ захIматал рукIана ЧIурмутIазе. аскарал цIакъ дагьал рукIана магIарулазул. Гьеб гуребги, кIиго батIияб бакIалдаса цого заманалда тIаде кIанцIиялъ гьел цолъизе рес щвечIо. Гьеб гуребги, кумекалъе тушалги (тушет мухъ) рачун руго гьез. ГIемер чагIи камуниги, гьез квегъана киназдего гIагарун ЧIурмутIалъул росаби. Белъелда росдада аскIоб гьабсагIатги буго Хъузхъузул хоб абураб бакI. (Хъизихъал абула Кахеталъул бакъдал рахъалда бугеб халкъалда, гьениса рукIана рищунго лебалал ва бахIарчиял рагъухъаби. Гьелдаса, магIарулаз киналго гуржиязда хъузхъул абула). рухIана росаби ва кулаби, хвезабуна ракь ва боцIи бахъана.

Гъерелгун Белъелда росабалъ рицунел руго тушаз росаби рухIиялъул хIакъалъулъ харбал. сагIитил ХIава абурай хералъ бицана, жиндир кIудияй эбелалъ тIомуразде «чIегIер тушал» кIанцIиялъул хIакъалъулъ бицунаанин. Гьеб лъарабго гIадамал ана мугIрузда ва рохьазухъ рахчизе, цадахъ боцIи-магIишатгун. Цадахъ босана босизе бегьулебщинаб. Бихьиназ росаби цIунулел рукIана, рагъал унел рукIана щибаб росулъ цадахъ цого заманалда, амма рикIкIен гIемерал гуржияз нахъе къазаруна мугIрузде.

Бищунго вахIшияб рагъ ккун буго МочIол-лъар абураб бакIалда. Гьениб гуржиязде данде чIун букIана Гъенеколоса МахIал давудил къокъа. Биценазда рекъон, гьеб рагъулъ цIакъ гIемер гуржиял гъурун руго. Гьесул росуцояс рагъул кор боркьарабго ахIун буго: «МахIал давуд, цIакъав бахIарчи, яхI бахъе!»,-ян. Гьеб мехалъ гуржиязда бичIчIун буго цIар рагIарав белади (гуржи мацIалъ цевехъан абураб жо) МахIал давуд гьенив гIахьаллъун вукIин ва жеги тIадеги кIудияб къуват реххун буго. МахIал давуд гьеб рагъулъ чIван вуго. Гьениса дагьалъ рикIкIад рогьногIоралда аскIов чIвана гьесул вас амирхIамза. Гьебго заманалъ ккуна МахIал давудил ясалги, дамалда абураб магIарда гIачиязда хадур рукIарал. дамалда буго кIудияб гуреб мегIер, росдада дандбитIун цебе бугеб. нахъе цIунун хутIун буго халкъалъ цоцахъе кьун МахIал давудил ясазул магIу. МахIал Давудил ясазул магIу …ЧIегIер берал данде къан, къасда кьижун йикIаго. Дида макьилъ бихьана зоб рорцIагу цIад банаб. Радал тIаде яхъана, тIох рагIалде йилъана, Росу цIунулел гьуби цIед рухIулел ратана. БагIар ролъил рал балел чIегIер ракьул гьоцIабахъ ГIолохъабиги хъвехъу бидул хIирал ратана. ХъахIал маккал рещтIулел дир инсул рукъзал ХъахIилал цIаял рекIун цIед рухIулел ратана. Дамалда тIад яхъана, нахъе сверун балана, Бидул хIирал рихьана бухIараб Гъанаколоб. Эбелалда бихьичIеб хIан-гIарцулаб дир керен, кунта бихъун бихьана тушдил гIолохъабазда квешадие кIвекIула чилъи гьечIев кашишас. ГIолохъбизулъ цIар арав АмирхIамза – дирго вац РогьногIорул кIалида хвалчад къотIун ватана. Чакма рет1ун чIухIарал МахIал Давудил ясал ХIатIал гIицIго йилъана Дамалдаса гIодое. ПицIигIлу гьоцIо чIамун Гъанаколоб рукIарал ПурчIинадул чIер швечIо чIарисазул къватIазухъ. Хер инсулго букIараб аят меседил къуръан ИяхI гьечIев кашишас чоди кьонклой чIван буго. Мажгит цIурал къуръанал къватI-къватIазухъ рехана, къватIал цIурал гIолохъби гарбал къотIун тIамуна. Буго цоги батIияб къагIидаги гьеб кочIол:

  …Дида макьилъ бихьана Дамалда тушал рачIун,

Радалалде батана росу сверун сангар къан.
Росого цIурал сиял сардидаго рухIана,
Сиго цIурал бахIарзал гIияхъего хъвехъана.
кIалцIи бандай хьихьана тушманазул гIаларча.
Дун Дамалда яхиндал нахъ юссун балагьана –
БагIараб цIа бихьула дир инсул минаялда,
ХъахIилаб кIкIуй бихьула бухIараб Гъанабколоб.
Эбелалда рихьичIел хIангIарцулал дир курмул,
копоего кIвекIула намус гьечIев кашишас.
Яц-ваццасда рихьичIел чиллаялъул дир гъалал,
Чол цIалае кьабула чилъи гьечIев тушманас.
ЧвархъичIого кьвагьулеб НурмухIамадил хъирим
кьвагьулаго кьватIана талихI къарал къояца.
кьабулаго къотIулеб МахIал Давудил хъвалчен,
Бахъулаго бекана рагьде тушман кIанцIигун.
кIикъого рузман балеб НурмухIамадил масжит
Чол бокьалъе ккун буго чилъи гьечIев кашишас.
Дабалде босулеб аят меседил къуръан
Чол энкалъе лъун буго сан гьечIел капурзабаз.
ПицIий гьоцIо чIамулел МахIал Давудил ясал
ПурчIинадул чIер чIамун чIарисезул къватIазда.
ЧIари цIулакьо кунел Дан гIурухъа мусудул
Болъоназул гьан кванан капуразул къватIазда.
Гьанже аниш, гIандалал, гIорабалъан рагъизе,
ГIунтIун аниш, лъебелал, дун тушахъа яхъине.

 

МахIал давудил ясал чIаго тун руго боцIи цебе гъезе кумекалъе. Гьезул цоялъ – гьитIинай патIимаца тIил кьабун чIван вуго цо тушав. Жийгоги гьей гьеб бакIалдаго чIван йиго. Гьелъул хоб буго дамалде унеб нухда. Гьеб гьабсагIатги буго. КIудияй ясалъ боцIи цебе гъун буго тушбабаз абухъе. свакарал гIачи гьелъухъ гIенеккулел рукIун гьечIо. Гьеб мехалъ гьелъ гIачияздехун, щибалъул цIарги рехсон абурал рагIаби цIунун руго халкъалъ:

  Гьули гIай ва Чари, дур чехь бихъаяб

Гьули гIай ва къвали, мун къорид хьвеяб
Гьули гIай Дарачу, мун гьирчид чIваяб,
Гьули гIай чари-къвали, къуйла нелъераб талихI.

 

ХIужаби хисизабизе

ТIадехун рехсарал баянал руго аслияб къагIидаялъ Къамилухъа ГIумаров МухIамадица ракIарарал. Гьел хIакъикъиял рукIиналда щаклъизе бегьилаан, гуржиязул тарихчи Вахушти Багратионицаги гьединалго баянал кьечIони. Гьесул баяназ кумек гьабулеб буго гьел лъугьа-бахъиназул заман чIезабизеги. тIоцебе гьес рехсолеб буго 1667 соналъ Кахетиялъул ханлъун вукIарав арчила Багратионил бертин, хадуб бицунеб буго гьес телавиялда гьундул раялъул, хадуб магIарухъе букIараб гьужумалъул, ахиралда рехсолеб буго 1674 соналъ букIараб цоги лъугьа-бахъин. Гьедин, абизе бегьула ЧIурмутIалде гуржиял кIанцIун рукIанин 1667-1674 соназ.

Жеги мухIканго гьеб лъугьа-бахъин батизе бегьула М. ГIумаровасда ратарал, доб заманалъ шагьидлъарал рагъухъабазул (Коркендиса ЧIанкIал МухIамад ва абубакар, нехIдуаса абубакарил давуд, ицбалухъа ГIумарил Рамазан) заназда ругел тарихазухъ балагьун. Гьел хвараб сонлъун хъван буго гьижраялъул 1085 сон, ай 1674 соналъул рии. Хасало гьел рачIине рес гьечIо, щайгурелъул гIазуца къарал мугIруздаса ине рес гьечIо.

Гьеб хIужаялъ рес кьолеб буго МахIал давудил гIумруялъул заман рехсезе. Холеб мехалъ гьесул рукIун руго кIудиял гIурал лъимал. Гьебмехалъ, гьев вукIине ккола гIага-шагарго 50 сон барав чи, гьавунги вукIун ватула 1620-лел соназ, хвана 1674 соналъ.

Гьеб гьужум гIезегIан гуржиязе хIасил кьураб букIаниги, гьеб букIана ахирисеб. Гьеб 1674 соналъ ккараб рагъ букIана гуржиязул къокъаби Кавказалъул бал бахъун рачIараб ахираб рагъ. тIадеги, XVII гIасруялъул 70-лел соназ гуржиязул кашишас гIурус хан Федор алексеевичасухъе хъвалеб буго, цониги къо унеб гьечIин лекIаз щив вугониги викъун вугин ялъун чIван вугин рагIичIеб.

ГIасруялъул ахиралде ЦIоралъул магIарулазул ракьал тIубанго эркен гьарун рукIана гуржияздаса.[4]

Демография хисизабизе

1959 сон — 8438

1970 сон — 12 222

1979 сон — 16 461

1989 сон — 18 271

Халкъалъул рикӀкӀен
1926[5]1939[6]2002[7]2010[8]2011[9]2012[10]2013[11]
12 30311 84922 10822 16522 17722 24522 365
2014[12]2015[13]2016[14]2017[15]2018[16]2019[17]2020[18]
22 61422 88223 26523 56523 96424 16924 575
2021[19]2022[20]
24 88425 170


Россиялъул экономикияб цебетӀеялъул министерлъиялъул прогнозалда рекъон, агьлулъиялъул рикӀкӀен букӀине буго:[21]

  • 2024 соналде — 26,04 аз. чи
  • 2035 соналъе — 30,19 аз. чи
Миллияб гӀуцӀи

Мухъалда гӀумру гьабун руго аварал.[22]

2010 соналъул Россиялъул халкъалъул къадар рикӀкӀиналъул баяназда рекъон:[23]

Халкъ РикӀкӀен,
чи
Халкъалдаса
бутӀа, %
аварал 21 820 98,4 %
цогидал 345 1,6 %
киналниги 22 165 100 %

Территориалияб гӀуцӀи хисизабизе

Административиябгин территориалияб гӀуцӀиялда жаниб ЛъаратӀа мухъалъ гъорлӀе рачуна росдал боял ва росаби.[24][25].

БакӀалъулаб жинцаго нухмалъи гьабиялда жаниб гьебго цӀар бугеб муниципалияб мухъалъ гъорлӀе бачуна росдал поселениялъул статус бугеб 19 муниципалияб гӀуцӀи, жал росдал боязе ва росабазе данде кколел.[26]

Росдал боАдминистративияб
центер
ЧӀел-бакӀазул
къадар
Агьлулъи
(чи)
ГӀатӀилъи
(км²)
1Гъведиш росдал боГъведиш росу31238[27]7,42[1]
2Гъерел росдал боБелъелда росу41521[28]13,25[1]
3Гьиндиб росдал боБугьнада росу22096[29]
4Колоб росдал боКолоб росу41705[30]12,78[1]
5Кутлаб росуКутлаб росу11070[31]4,52[1]
6Къамилухъ росдал боКъамилухъ росу21897[32]26,90[1]
7Къардиб росдал боКъардиб росу2894[33]11,46[1]
8КӀособ росдал боКӀособ росу5579[34]7,10[1]
9ЛъаратӀа росдал боЛъаратӀа росу73514[35]39,11[1]
10Мазада росдал боМазада росу81003[36]6,15[1]
11НачӀада росдал боНачӀада росу5866[37]5,84[1]
12СанигӀортӀа росдал боЦӀумилухъ росу52631[38]18,90[1]
13ТӀохьотӀа росдал боТӀохьотӀа росу21124[39]12,46[1]
14Хадиял росдал боХадиял росу4819[40]13,99[1]
15Хидиб росдал боХидиб росу6462[41]7,04[1]
16Хьиндахъ росдал боХьиндахъ росу9273[42]5,73[1]
17ЧӀадаколоб росдал боЧӀадаколоб росу7738[43]9,93[1]
18ЧӀорода росдал боЧӀорода росу2936[44]8,45[1]
19Шидиб росдал боЛанда росу111804[45]12,11[1]

ЧӀел-бакӀал хисизабизе

ЛъаратӀа мухъалда буго 90 росдалаб чӀел-бакӀ.[25][26]

2018 соналъ Хьиндахъ росдал боялда гъорлӀ гӀуцӀана цӀияб чӀел-бакӀ — ТӀонсуда росу.[48]

ГьечӀолъизарурар чӀел-бакӀал: Росноб (КӀособ росдал бо), Свекь, ТӀагьада.

Хъутанал

ТӀадиял ва Бугьнада росаби ккола ЛъаратӀа мухъалул лъарагӀлъиялда батӀа-ругел анклаваллъун.

ЧӀел-бакӀалъул расмияб статус гьечӀел хъутаби руго: ДахӀадалаб, Къамилухъ-хъутан, Хъутанавал, Мазада хъутан, Орджоникидзе, Фрунзе, Цъумилухъ-хъутан, Чувал-хъутае, Щедрин-хъутан.

Карта хисизабизе

  Административияб центер, 1200 чи
  1000-ялдаса цӀикӀкӀун
  500-ялдаса 1000-де щвезегӀан чи.
  100-ялдаса 500-де щвезегӀан чи
  100-де щвезегӀан чи.
ЛъаратӀа мухъалъул росаби. Цифрабаздалъун рихьизарун руго: 1 — Анцухъ; 2 — Бочохъ; 3 — Гъебгъуда; 4 — Ицда; 5 — КӀарада; 6 — Къобосида; 7 — Мазада; 8 — МачӀар; 9 — НачӀада; 10 — Нихьлида; 11 — НугӀрухъ; 12 — РостӀа; 13 — Сараф; 14 — Синида; 15 — ТӀамуда; 16 — ТӀинчуда; 17 — Хорта; 18 — Хьобохъ; 19 — ХӀантӀаколоб; 20 — ХӀинтӀида; 21 — ХӀокьоб; 21 — Чарахъ

Экономика хисизабизе

Мухъалъул экономикаялъул аслу гӀуцӀулеб жо буго росдал магӀишат. Гьелъул гӀаммаб продукциялъул 85 %-алдаса цӀикӀкӀараб бутӀа ккола боцӀи ва гӀи хьихьиялъул продукция.

МугъчӀваял хисизабизе

Баянкьелал хисизабизе

  1. Авар: ЛъаратӀа мухъ, агъул Тлярата район, падар. Tlərata rayonu, дарг. Тляратала къатI, лъар. Тлярата якъ, лак. Тляратал кIану, лезг. [Тлярата район] Error: {{Lang}}: unrecognized language tag: Ӏez (help), Халип:Lang-nog, рут. Тлярата район, таб. Тлярата район, Халип:Lang-ttt, цІахур. Тлярата район, чач. Тляратан кIошт.

Иццал хисизабизе

  1. 1,00 1,01 1,02 1,03 1,04 1,05 1,06 1,07 1,08 1,09 1,10 1,11 1,12 1,13 1,14 1,15 1,16 1,17 1,18 "Дагъистаналъул Республика. Муниципалияб гӀуцӀиялъул ракьазул гӀаммаб гӀатӀилъи". www.gks.ru (in русский). Архивация оригинал (2017-08-06). Халагьи 2020-10-20. {{cite web}}: Unknown parameter |deadlink= ignored (|url-status= suggested) (квеки)
  2. 2022AA
  3. "General Information" (in русский). Tlyaratinsky District. Халагьи January 20, 2017. {{cite web}}: Check date values in: |access-date= (квеки)
  4. Тарихчи ШагIбан ХIапизов; ЛъаратIа районалъул газета; № 1-2 * январь 2017 с.
  5. Районированный Дагестан : (адм.-хоз. деление ДССР по новому районированию 1929 г.). — Махачкала : Орготд. ЦИК ДССР, 1930. — 56, XXIV, 114 с.
  6. Этносостав населения Дагестана
  7. "Всероссийская перепись населения 2002 года. Том. 1, таблица 4. Численность населения России, федеральных округов, субъектов Российской Федерации, районов, городских поселений, сельских населённых пунктов - райцентров и сельских населённых пунктов с населением 3 тысячи и более" (in русский). Архивация оригинал (2012-02-03).
  8. 8,00 8,01 8,02 8,03 8,04 8,05 8,06 8,07 8,08 8,09 8,10 8,11 8,12 8,13 8,14 8,15 8,16 8,17 8,18 8,19 8,20 8,21 8,22 8,23 8,24 8,25 8,26 8,27 8,28 8,29 8,30 8,31 8,32 8,33 8,34 8,35 8,36 8,37 8,38 8,39 8,40 8,41 8,42 8,43 8,44 8,45 8,46 8,47 8,48 8,49 8,50 8,51 8,52 8,53 8,54 8,55 8,56 8,57 8,58 8,59 8,60 8,61 8,62 8,63 8,64 8,65 8,66 8,67 8,68 8,69 8,70 8,71 8,72 8,73 8,74 8,75 8,76 8,77 8,78 8,79 8,80 8,81 8,82 8,83 8,84 8,85 8,86 8,87 8,88 2010 соналъул ТӀолго Россиялъул агьлулъиялъул къадар рикӀкӀин. Табула № 11. Дагъистаналъул Республикаялъул шагьариял сверухълъиязул, муниципалиял районазул, шагьариял ва росдал поселениязул, шагьариял ва росдал чӀел-бакӀазул агьлулъиялъул риӀкӀен. (гІурус). Дата: 13 май 2014. Архивация: 13 май 2014 сон.
  9. Оценка численности постоянного населения на 1 января 2011 года
  10. Численность населения Российской Федерации по муниципальным образованиям. Таблица 35. Оценка численности постоянного населения на 1 января 2012 года (гІурус). Дата: 31 май 2014. Архивация: 31 май 2014 сон.
  11. Численность населения Российской Федерации по муниципальным образованиям на 1 января 2013 года. — М.: Федеральная служба государственной статистики Росстат, 2013. — 528 с. (Табл. 33. Численность населения городских округов, муниципальных районов, городских и сельских поселений, городских населённых пунктов, сельских населённых пунктов) (гІурус). Дата: 16 новембер 2013. Архивация: 16 новембер 2013 сон.
  12. Численность населения на 1 января 2014 года по сельским поселениям Республики Дагестан (гІурус). Дата: 17 април 2014. Архивация: 17 април 2014 сон.
  13. Численность населения Российской Федерации по муниципальным образованиям на 1 января 2015 года (гІурус). Дата: 6 август 2015. Архивация: 6 август 2015 сон.
  14. "Россиялъул Федерациялъул халкъалъул къадар муниципалиял гӀуцӀиязда рекъон 2016 соналъул 1 январалде" (in русский). 2018-10-05. Архивация оригинал (2021-05-08). Халагьи 2021-05-15.
  15. Россиялъул Федерациялъул халкъалъул къадар муниципалиял гӀуцӀиязда рекъон 2017 соналъул 1 январалде (гІурус) (31 юл 2017). Дата: 31 юл 2017. Архивация: 31 юл 2017 сон.
  16. Россиялъул Федерациялъул халкъалъул къадар муниципалиял гӀуцӀиязда рекъон 2018 соналъул 1 январалде (гІурус). Дата: 25 юл 2018. Архивация: 26 юл 2018 сон.
  17. Россиялъул Федерациялъул халкъалъул къадар муниципалиял гӀуцӀиязда рекъон 2019 соналъул 1 январалде (гІурус). Дата: 31 юл 2019. Архивация: 2 май 2021 сон.
  18. Россиялъул Федерациялъул халкъалъул къадар муниципалиял гӀуцӀиязда рекъон 2020 соналъул 1 январалде (гІурус). Дата: 17 октобер 2020. Архивация: 17 октобер 2020 сон.
  19. 2021AA
  20. 2022AA
  21. Минэкономразвития России (2018-07-27). "Стратегия пространственного развития Российской Федерации на период до 2025 года (проект)" (PDF). СПССС.ru (in русский). Архивация оригинал (PDF) (2018-12-18). Халагьи 2020-10-24. {{cite web}}: Unknown parameter |deadlink= ignored (|url-status= suggested) (квеки)
  22. "8-dag.gif (1183x1666 pixels)" (in английский). Архивация оригинал (2006-06-03). {{cite web}}: Unknown parameter |deadlink= ignored (|url-status= suggested) (квеки)
  23. "ВПН том 3. Табло 4. Дагъистаналъул шагьариял сверухълъиязул ва муниципалиял мухъазул агьлулъи миллатлъиялда ва гӀурус мацӀ лъаялда рекъон" (in русский). Архивация оригинал (2017-10-11). Халагьи 2019-10-20. {{cite web}}: Unknown parameter |deadlink= ignored (|url-status= suggested) (квеки)
  24. "Дагъистаналъул Республикаялъул къанун 2002 соналъул 10 апрелалдаса N 16 «Дагъистаналъул Республикаялъул административиябгин территориалияб гӀуцӀиялъул хӀакъалъулӀ»" (in русский). Архивация оригинал (2018-04-02). Халагьи 2016-09-23. {{cite web}}: Unknown parameter |deadlink= ignored (|url-status= suggested) (квеки)
  25. 25,0 25,1 "Дагъистаналъул Республикаялъул административиябгин территориалиял цвелазул реестр, 27.07.2018 № 00" (in русский). Архивация оригинал (2020-06-22). Халагьи 2020-06-19. {{cite web}}: Unknown parameter |deadlink= ignored (|url-status= suggested) (квеки); no-break space character in |title= at position 96 (квеки)
  26. 26,0 26,1 "Дагъистаналъул Республикаялъул къанун 2005 соналъул 13 январалдаса № 6 «Дагъистаналъул Республикаялъул муниципалиял гӀуцӀиязул статусалъул хӀакъалъулӀ»" (in русский). Архивация оригинал (2022-04-07). Халагьи 2022-06-21. {{cite web}}: Unknown parameter |deadlink= ignored (|url-status= suggested) (квеки)
  27. 2022AA
  28. 2022AA
  29. 2022AA
  30. 2022AA
  31. 2022AA
  32. 2022AA
  33. 2022AA
  34. 2022AA
  35. 2022AA
  36. 2022AA
  37. 2022AA
  38. 2022AA
  39. 2022AA
  40. 2022AA
  41. 2022AA
  42. 2022AA
  43. 2022AA
  44. 2022AA
  45. 2022AA
  46. 2022AA
  47. Состав населённых пунктов Дагестанской АССР по данным Всесоюзной переписей 1970 (статистический сборник). — Махачкала: Дагестанское республиканское управление статистики Госкомстата РСФСР, 1971. — 145 с.
  48. "ДРалъул ХДялъул лъазаби (N554, 28.06.2018) » Дагъистаналъул Республикаялъул административиябгин территориалияб гӀуцӀиялде хис-бас босиялъул хӀакъалъулӀ". Архивация оригинал (2018-07-18). Халагьи 2018-07-18. {{cite web}}: Unknown parameter |deadlink= ignored (|url-status= suggested) (квеки)

РегӀелал хисизабизе