ЛъикӀазул МалламухӀамадил Малла–ХӀасан

ЛъикІазул МалламухІамадил Малла–ХІасан» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)

ЛъикІазул МалламухІамадил Малла–ХІасан ялъуни МалламухІамадил Малла–ХІасан, - магІарулазул шагІир ва гIалимчи.

ЛъикӀазул МалламухӀамадил Малла–ХӀасан
Адабияб гьунар

Биография

хисизабизе

Гьев гьавуна ЦІоралда машгьурав гIалимчи МалламухIамадил хъизаналда ва гьев ккола ЧІар росулъа «ЛъикIал» абураб тухумалъул вакиллъун.

Гьесдаги ХІасан Алкъадариясдаги гьоркьоб гьудуллъи букIана ва цоцазде гIараб мацIалъ хъварал кучIдулги кагъталги нахъе цIунун хутIун руго. Гьел кучIдул Алкъадарица рахъун руго жиндирго «Диван ал-Мамнун» абураб тIехьалда[1]. Живго Малла–ХIасанги вахъана гьесдасаги бергьарав гIалимчилъун ва бажариги гьунарги бугев шагIирлъун.

МагIарулазул машгьурав журналист ва тарихчи, Маркъо ШагӀбановас гьадин хъвалеб буго Малла–ХІасанил хІакъалъулъ:

Гьев ккола гьанжелъизегIан гIемер гIадамаздаги лъаларев ва, гьелъие мустахIикъав вукIаниги, магIарулазда гьоркьов машгьурлъичIев шагIир. Жиндир асараздалъун Малла–ХIасан релълъунев вуго магIарулазул машгьурав шагIир Инхоса ГIалихIажиявсда. Гьесул даражаялде гьев ваханищ – вахинчIищали дида лъаларо, гьелъие къимат кьезе цогидал чагIи ругелъул, амма, кин бугониги, Малла–ХIасан гьунар тIокIав шагIир вугин абизе бегьула.


Малла–ХIасанил йикIана кIиго лъади, кIияйго гьей ккана гьесде советазул букIараб рокьукълъиялъул къурбаналлъул. ТIоцеесей чIужу Малла–ХIасанил йикIана Динчиб росулъа ИсмагIилил яс ХIуру (1894 соналда гьаюрай). Гьелъ Малла–ХIасание гьабуна щуго лъимер – васал НурмухIаммад (1916 с.гь.), СаидахIмад (1920 с.гь.), ГIабдулгIазиз (1923 с.гь.), ГIабдурахIман (1929 с.гь.) ва яс ХIалимат (1927 с.гь.). КIиабилей чIужу – къоролайлъун хутIун йикIарай Рамазанил яс ГIайшат (1887 с.гь.). Гьелъ гьабуна кIиго лъимер – вас МухIаммадги (1921 с.гь.) яс Шумайсатги (1925 с.гь.).

Закатала районалъул ЧК–ялъ 1931 соналъул 19 марталда хIукму къотIана гьел Гъазагъстаналде хIал гьабун гочинаризе. Гьеб кIиябго хъизан динияв цевехъанасул, ай пачалихъалъул тушманасул руччаби ва лъимал хIисабалда, ритIун ана Гъазагъстаналде. Цониги чи нахъе щвечIо гьев ичIго чиясул – къеч ва ракъи ккун хун ратизе руго гъазахъул салул авлахъазда. Малла–ХIасанил кIудияв вац АхIмадвали хвана 1936 соналда, жеги цеве гьесул васги хун хадув. Гьелдалъун гьеб рукъалъул цониги чи нахъе хутIичIо.

Закатала мухъалъул ЧІар росдал мажгиталъуб батана даптар, жаниб магIарул мацIалъ гIажамалда лъабго кечI, цо–цо дугIаби ва тIарикъаталъул силсила бугеб. Гьелъул мусанип (автор) лъазе кIвана тIоцебесеб кочIол (1863 соналда гIурусазда данде рахъарал ЧIар росулъа магIарулазул цевехъан Занки–апандиде гьабураб марсияталъул) ахиралда ругел мухъаздасан:

«Дунги – пакъир ЛъикIави Малла–ХIасан ал–ЧIари, назмуялда марсият сияразда бахъарав».

Гьеб даптаралда ругел кучIдул хъвараб заман гьикъани, нилъеда батула лъабго хIужа. ТIоцебе, нилъеда рихьула тIадехун рехсараб марсиялъул байбихьуда хъван ругел мухъал:

«МухIаммадгIали ЧIари – ЧIарлъул хирав (хирияв) апанди,

Панаяб дунялги тун, вуссана Аллагьасде.

АнцIила лъабнусида къоло ичIилаб соналъ,

Аллагьасул къадар щун, вуссана Къадирасде.

Шагьру–рамазаналъул къоло анкьилаб сордо,

Лайлатул къадриялъул хамиз сордо букIана».

Гьеб тарихалъул бицани, тIоцебе абизе ккела МухIаммадгIали гьев чиясул унго-унгояб цIар букIанин, Занки–апанди абуни – тIокIцIар[2]. КIиабизе – гьев Занки–апанди, Закатала хъала (битIун – ЧIар–хъала) бахъулаго лъукъун, гIурусаз асир гьавун, туснахъалдеги рехун, нахъа кварида ван гъанкъана 1863 соналда, ялъуни гьижрияб 1280 соналда. Гьеб сон хъван буго Занки–апандил зонодаги, гьебго хIужа рехсолеб буго тарихиял тIахьаздаги. ТIадехун рехсарал мухъазда абуни хъвалеб буго 1329 («анцIила лъабнусида къоло ичIилаб») соналъул рамазан моцIалъул 27 къоялъ гьев хванин абун. Гьеб ккола, гьанжесеб (бакъул) календаралда рекъон, 1911 соналъул 20-абилеб сентябер. Гьеб заман букIине бегьула гьел мухъал хъвараб къо. Гьелдаго цадахъ даптаралда жаниб хъван буго кIиго сон: 1327 (1909) ва 1337 (1918–1919). Гьеб заманалдайищ гьел кучIдул хъван рукIарал ялъуни 1911 соналъищали лъазабизе дида жеги кIвечIо.

Амма Малла–ХIасанил аслияб рухIияб хазина жеги 1910 соналдаго Шурагьиб МухIамадмирза Мавраевасул басмаханаялда къватIибе биччан букIана. Гьеб ккола кIудияб мавлид («Мавлид акбар») ва цо чанго динияб шигIру. Гьениб хъвалеб буго гьеб тIехь хIадурарав чи вугила «гIалим Малла–МухIаммадил вас Малла–ХIасан ал–ЧIари, ал–Кинтарийи» (Кинтар ккола Динчи росулъ гьес гIумру тIамураб ва гьев вукъараб авалалъул цIар, жибго Динчиги буго 1830 соналда ЧIар росулъа гочарал гIадамаз бараб росу). Живго Малла-ХIасаница тIехь хъваялъул хIакъалъулъ гьадинаб баян кьолеб буго: «Дие амруяб ишара гьабуна Малла–МухIаммад устарас гьаб тIехь хъвазе ва гьелъие хиянатлъи гьабизе бегьулеб букIинчIо»[3]. Гьелдаго цадахъ Малла–ХIасаница хъвалеб буго «гьаб тIехь гIалимзабазе гьабураб гуро, гIадатиял гIадамазе хъвараб буго, гьединлъидал гIайиб гьабуге гьаб тIадегIанаб даражаялда хIадурлъичIоян».


Малла–ХIасанил къисмат ккана цIакъго пашманаб. 1929 соналда, ЧК–ялъул яргъилаз асирги гьавун, Закатала шагьаралъул тIасияб авалалда бан букIараб хъалаялда жанив чIван вуго. Лъабго къоялъ гьесул жаназа хъалаялда жаниб хутIун буго, нахъа Динчиб росулъ букъана. Гьесул хоб буго Кинтар–уба абураб авалъул хабалалъ.

  1. ^ «Оригинальная дагестанская литература Нового времени на арабском языке (по материалам Фонда восточных рукописей ИИАЭ ДНЦ РАН) // Дагестан и мусульманский Восток. М., 2010. С. 243.» Тагирова Н.А.
  2. ^ «Поселения Джарского общества (историко-этнографическое и географическое описание микрорегиона в Восточном Закавказье). Махачкала, 2011. С. 185-186» Хапизов Ш.М.
  3. ^ «МалламухIаммадил Малла-ХIасан. Мавлид акбар» Шурагьиб, 1910. Гь. 92


Ссылкаби

хисизабизе
  • Хапизов Ш.М. Поселения Джарского общества (историко-этнографическое и географическое описание микрорегиона в Восточном Закавказье). Махачкала, 2011. С. 185-186.